Магӏарул берцинай, бицинищ дурго?

Гӏанаби багӏарай, берал чӏегӏерай, магӏарул берцинай, бицинищ дурго. Хӏатӏида тӏадагьай, гӏинда цӏодорай, дир гӏащикъаб кочӏолъ ахӏилищ дур цӏар? (З. Хӏажиев)

Щаялиго шагӏирасул гьал рагӏаби кидаго ракӏалдещола дида, руччабазул байрамалда цере. Цо-цояз гьеб байрамалъ чӏужугӏаданалда тӏадал ишал гӏемер гьарунин рикӏкӏаниги, бокьула дие микьабилеб март…

Бокьун буго дида цадахъ исана Махӏачхъала шагьаралъул «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» конкурсалда гӏахьаллъарал ва гьениб тӏоцебесеб ва кӏиабилеб бакӏ босарал Патӏимат Мухӏамадовалъе ва Элмира Жамаловалъе, микьабилеб марталъул байрамги баркулаго, дирго макъалаялдалъун боркьараб саламги кьезе.

Учитель! Дур цӏаралда цебе…

Щивав чиясул гӏумруялъулъ хасаб бакӏ ккола учителас, квешасги лъикӏасги, вокьулесги вокьуларесги. Гьесул лъимерлъиялъул ва гӏолиллъиялде тӏамурал тӏоцересел галабазул ракӏалдещвеязда гӏажаибаб мугьруги чӏван букӏуна учителас. Учитель ккола нилъер щивасе жиндирго талихӏалъул кескал рикьулев хӏикматав инсан. Живго учителасул гӏумруги берцин гьабула гӏемерал кесказдаса данде гьабураб талихӏалъул квацӏиялда.

Гьеб квацӏиялъги хӏикматал накъищал угьула гьесул къисматалда.

Гьайбатаб къисматалъул

свералабазда

Гьеле гьединаб гьайбатаб къисматалъ берцин гьабун буго Хунзахъ районалъул Харахьиса Элмира Жамаловалъул гӏумруги. Гьелъ абула лъималазул гьурмазда букӏунеб рохелалъ тӏамулила жий гъираялда гьелгун хӏалтӏизе.

Гӏемерал соназ гӏагараб росулъ хӏалтӏарай Элмира къисматалъ ячана Махӏачхъалаялде. Гьей хӏалтӏизе лъугьана тахшагьаралъул №8 лицеялде магӏарул мацӏалъул учительлъун. Байбихьудаго Элмираца жиндирго хӏалтӏулъ рихьизаруна лъикӏал хӏасилал. Шагьаралъул конкурсазда, фестивалазда, цӏалдохъабазул церерахъиназда, олимпиадабазда ва цогидалги тадбиразда гьелъие бергьенлъи щвечӏеб бакӏго хутӏун батиларин абизе бегьила.

Рехсезе рокьун руго гьезул цо-цоял. Элмира Насрудиновнаялъул цӏалдохъаби санайил церерахъу-на Магӏарул театралда рахьдал мацӏазул къоялде тӏоритӏулел тадбиразда. Гьелъул жиндиргоги буго махщел сценаялда ролал хӏазеги, кечӏ ахӏизеги, пасихӏго ракӏалдасан кучӏдул рикӏкӏинеги. Хӏалтӏул хӏасилалги хӏисабалде росун, республикаялъул магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиновалъ гьелъие кьуна баркалаялъул ка-

гъатги шапакъатги. Амма бищунго кӏудияб шапакъатлъун учителалъ рикӏкӏуна цӏалдохъабазул гьурмазда жиндирго кумекалдалъун речараб гьимиги, рохелги, талихӏги. Гьеб киналъго кьолебги батила гьелъие къуватги жанги, тӏадегӏанаб даражаялда хӏалтӏизе. Гӏолохъанал учительзабазе кумекалъе Аваручитель сайталда гьелъ лъола жиндирго дарсазул, тадбиразул планал, разработкаби. Гьединго гьел рахъула магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъ къватӏире риччалел тӏахьаздаги.

Элмира Жамалова, магӏарул мацӏалъул учитель хӏисабалда, машгьурлъана республикаялда. Сана-йил лъабго-ункъо нухалъгӏаги гьей ахӏула ДИРОялде махщел камил гьабизе рачӏарал учительзабазе дарсал кьезеги.

Патӏиматил гӏумруялъул магӏна

Рачӏаха гьанже учителалъул

рекӏел чӏвабзаз рачунел ругел талихӏал сариназухъ цо лахӏзаталъ гӏенеккизе. Жиндилъ бугеб гьунарги лъималазде бугеб гӏащикъаб рокьиги гьанже гурони къватӏибе тӏатинчӏей, загьирлъичӏей Патӏи-матица асир гьаруна конкурсалъул жюриялъул киналго членал. Баккана магӏарул гъасда цоги бакъ, кунчӏана гӏажаибаб гвангъиялъул хӏикматаб цӏва. Дида абула дир киналго героял цӏвабзаздаги бакъ-моцӏалдаги релълъарал рукӏунилан. Амма дир гьел героял руго ракьалда. Гьединаз гвангъизабула, кунчӏизабула сверухълъи. Гьединал, бакъуегицин хинлъи кьолел цӏвабзаз рукӏкӏине толаро гӏумру. Гьезулъ бугеб гьеб балъго-лъиги бихьула гӏицӏго гьединазда. Гьеле гьединал рацӏцӏадал, гвангъарал гӏадамазул цояй Патӏиматица дир рекӏелъги тана жиндирго лъалкӏ.

Патӏимат гьаюна Хунзахъ районалъул Гозолоколо росулъ. Заманалдаса гьелъул хъизан гочана Ленинкеталде. Ленинкенталъул № 35 гимназияги лъугӏизабун, Патӏимат цӏализе лъугьана ДГПУялъул филологияб факультеталде. Гьелдаса хадуй тӏадюссана гӏагараб школалде. Гьений Патӏимат хӏалтӏана 12 соналъ. 2012 соналда Ленинкенталда рагьана цоги цӏияб школа. Ва гьелдаса нахъе Патӏимат хӏалтӏулей йиго №2 школалда магӏарул ва гӏурус мацӏазул учительлъун.

Гьелъул цӏалдохъаби санайил гӏахьалъула «Букӏинеселде гали» абураб гӏелмияб конкурсалда ва росула цересел бакӏал. Гьединго гьел мустахӏикълъула бергьанлъабазе кучӏдул цӏалулезул къецаздаги, магӏарул мацӏалъул ва адабияталъул олимпиадабаздаги. Абизе бегьула исанасеб цееяхъин жийго учителалъул букӏанин тӏоцебесебилан. Тӏоцебесеб бергьенлъи — Патӏиматил учителасулаб гӏумруялъул гӏидра-ялда тӏирщараб тӏоцебесеб тӏегьлъун хутӏила гьеб.

Чӏужугӏаданалъе бищунго кӏудияб талихӏлъун ккола буцӏцӏараб, роцӏараб хъизан. Гьеб буго Патӏиматилги. Амма гьелдаго цадахъ жиндирго гӏумруялъул магӏналъун гьелъ рикӏкӏуна жиндир талихӏалъул хасаб бутӏалъун кколел цӏалдохъабиги.

Ракӏ-ракӏалъ баркула ракьцоял, ракӏцоял, ишцоял Патӏиматида ва Элмирада ихдалил тӏоцебесеб байрам — махӏ берцинаб 8 март. Гьарула гьезул гӏумру берцин гьабулел тӏугьдуллъун ругел лъималазе талихӏ-рохел. Биччанте даим гьезул бадисан гьимизе Патӏиматиеги Элмираеги талихӏалъул бакъги.

Шамай Хъазанбиева