Нилъер гьаракь рагӏизелъун

Хӏажат бугищ нилъее Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгресс?

«Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгресс» (РКНК) абураб тӏолгороссиялъул цолъи гӏуцӏана 2007 соналда. Гьебги, аслияб къагӏидаялда, дагъистаниязул хӏаракаталдалъун. Дицаги дида цадахъ рукӏарал цо чанго чиясги гьеб хӏаракаталда гъорлъе цӏана чачаназулги, ингушазулги, асатӏиназулги, адыгазулгун кабардиназулги ва гъарачаязулгун балкаразулги миллиял гӏуцӏаби ва Москваялда тӏобитӏана тӏоцебесеб съезд. Гьелда гӏахьаллъана 45 регионалъул вакилзаби, гуребани нижер гӏуцӏиялъул хъвай-хъвагӏай гьабилароан РФялъул Юстициялъул министерствоялда.

Щай хӏажат букӏараб гьединаб цолъи гӏуцӏизе? Щайгурелъул улкаялда гучлъулеб букӏана ультранационализм – цо миллаталъул яги цо улкаялъул интересазе гӏоло къеркьолаго, цогидал миллатал хӏакъир гьари аслияблъун рикӏкӏунеб идеология. РФялъул батӏи-батӏиял регионазда кколеб букӏана миллатазда гьоркьосеб дагӏба-рагӏи, хвезарулел рукӏана хӏалтӏизеги, хӏухьбахъизеги, минаби рукӏинеги ва эркенго кӏалъазеги ругел Россиялъул Кавказалъул халкъазул ихтиярал. Москваялъулги РФялъул чӏахӏиял шагьаразулги милициялдаги батӏи-батӏиял СМИяздаги «рагӏулелго рукӏинчӏо» кавказалъулал: ритӏухълъи-гьересиялъул хӏисабго гьабичӏого, жанир тӏамулел рукӏана гьел, хӏакъир гьарулел рукӏана. Москваялда гӏумру гьабулев вукӏарав дидаги чанцӏулго хъинтӏана гьеб лъикӏаб гуреб бербалагьи. Кинаб хӏалха букӏун батилеб, дирго гӏадал бухьенал гьечӏел нилъер ракьцоязул? Гьединлъидалги ракӏалде ккана нижеда гьеб хӏаракат гӏуцӏизе.

Букӏана гьелъие цоги гӏилла. Гӏалхулаб капитализмалъул идеологиялъ куцарал Северияб Кавказалъул гӏолилазе хӏажат букӏана инсулаб рагӏи, тарбия. Гьезул гӏемерисезул хьвада-чӏвади букӏана, эркенлъиялде рорчӏарал гугьунбачазул гӏадинаб — гьезухъа гӏемер рорчӏулаан ватӏаналда киданиги гьаруларел ишал. Хасго гьединаб хьвада-чӏвади гӏемерлъун букӏана дагъистаниязда гьоркьоб.

РФялъул батӏи-батӏиял регионазда гӏумру гьабулеб буго 750-800 азаргоялдаса цӏикӏкӏун дагъистаниясги, 600 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чачанасгун ингушасги, 150 азаргоялдаса цӏикӏкӏун адыгасгун кабардинасги, 50 азаргоялдаса цӏикӏкӏун гъарачаясгун балкарасги. Гьел хӏужаби руго гӏага-шагарго рехсарал. Амма хӏакъаб буго дагъистаниялгун вайнахазул къадар миллионгун бащдалде гӏунтӏулеблъи. Гӏумру лъикӏаб букӏун гуро СКФОялъул республикабаздаса гӏадамал гочунел ругел. Бищун гӏемер гочунел руго Дагъистаналдаса: щибаб соналъ 15 азаргогӏанасев чи вукӏуна республикаялдаса уневги вачӏуневги. Чачаналде дандеккун, щуцӏул цӏикӏкӏун ккола гьеб.

Хьул букӏана, Путинил администрациялдеги батӏи-батӏиял министерствабаздеги (МВДялдеги, Оборонаялъул министерствоялдеги (нилъер контрактниказеги призывниказеги квота цӏикӏкӏинабеян абун) культураялъулги лъайкьеялъулги ва гь.ц.), гьединго, Югалъул федералияб округалъул нухмалъиялдеги нухал ратиялде. Доб заманалда рукӏинчӏо Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министерствоги СКФОги. Нижер (РКНКялъул) пикруги хӏисабалде босун, гӏуцӏана гьеб кӏиябго идара. Амма гьезул хӏаракат нижер пикрабаздаса рикӏкӏад буго.

Узухъда, ракӏалда букӏараб кинабго гуро гӏумруялде бахъинабун бажарараб. Амма цо-цо иш рагӏалдеги бахъана. Кин бугониги, РКНКялъухъа бажарана РФялъул президентасул администрациялъулги, Москваялъул нухмалъиялъулги ва РКНКялъул къуватал отделениял ругеб улкаялъул жеги 10 регионалъул нухмалъиялъулги бербалагьи хисизабуна. Власталъе бокьуларелъулха жидер берзукьа борчӏараб пикру. Абизе ккола, тӏолабго Россиялдасаго гӏолилалги ракӏарун, «Машукал» тӏоритӏулел машгьурал форумалги гӏуцӏана РКНКялъ (2010-2012 соназда) КЧРалъул Домбаялда тӏоритӏарал гӏолилазул форумазул мисалалда рекъон. Нижеца гьенир ракӏарулаан батӏи-батӏиял НКОязул кӏинусгониги вакил – Северияб Кавказалъул 100 ва РФялъул «гӏурус» регионалдаса жеги 100. Анкьалъ тӏоритӏулаан гургинал столал, мастер-классал, лекциял. Гьел рукӏана гӏолилазе цӏакъ пайдаял тадбирал. Гӏурус гӏолилаздаги, гьезда гъорлъ рукӏана миллатчагӏазул церехъабиги, гьезда лъикӏ лъана Северияб Кавказ ва гьелъул букӏана кӏудияб хайирги.

Гьелдаса хадуб РКНКялъул гӏахьалчагӏазда гьоркьоб ккана дагӏба. Гьелъ квалквал гьабуна гӏолилазе цӏакъ пайдаяб ишалъул цебетӏеялъе. Кавказалъулазул хасияталда рекъон, гӏаммал ишаздаса цереселлъун цо-цоязе ккана жиндирго мурадал. Гьелда бан, ахираб ункъо соналъ сасана РКНКялъул регионазда гьабулеб букӏараб хӏаракат. Гьелъул хӏасилалда РКНКялда гъорлъе рачӏана власталъул квербакъиялдаса пайда босулел ва щакаб хасият загьирлъулел шоуменалги. Хӏажат букӏанищ гьеб нилъее?

2019 соналъул байбихьудаса хӏадурлъулел руго РКНКялъул ункъабилеб съезд тӏобитӏизе, конфликтги лъугӏанин ккола. Съезд тӏобитӏизе кколаан 20 апрелалда РФялъул Жамгӏияб палатаялда, улкаялдаго машгьурал гӏадамазул гӏахьаллъигун.

Ракӏалда буго тӏолалго регионазул вакилзаби гьенир гӏахьал гьаризеги чӏахӏиязул иш гӏолилазухъе кьеялде кӏваркьезеги. Гьеб хӏаракаталъе хӏажат вуго къадруяв, бищун тӏадегӏанаб идараялда Северияб Кавказалъул масъалабазул хӏакъалъулъ бицине бажари бугев цевехъан. Гьелъул хӏакъалъулъ чанцӏулго хабар ккана мунагьал чураяй Сулиета Кусовалъулги, РКНКялъул Тӏадегӏанаб советалъул член, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловасулги, дирги.

Кӏвар бугел масъалаби тӏуразе ккани, РКНКялъул хӏаракат букӏине бегьуларо власталде дандечӏараблъун. Амма гьеб букӏине бегьуларо цӏакъго кӏваргьечӏеблъунги, ай власталъе хӏажатабщинаб тӏубалеблъунги. Мех-мехалда «цабиги рихьизаризе» ккола, амма гьелъ квалквал гьабизе бегьула грантазул рахъалъги, хӏакимзабаз жидеда церечӏарал масъалаби тӏурангутӏиялъулги. Батизе ккола «гьоркьохъеб», киназего санагӏатаб нух ва кьезе ккола РКНКялъул цебетӏеялъе нух. Дида ракӏалде ккола, гьеб гӏуцӏи цӏунизе кколин букӏинеселъе гӏоло.

Денга Халидов