Гӏодобе гъун, турун хвезе пихъги тун
Цо нухалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялде щведал, дандчӏварав ишцояс бицана араб гӏасруялда Игьали букӏун бугин пихъил консервал гьарулеб заводилан. Гьелъул хӏакъалъулъ дида рагӏун букӏинчӏо. Амма жакъа ункъоялда анцӏилъе сонал рахарал харабаз бицуна гьаниб гьединаб заводги букӏанилан, аслияб къагӏидаялда куракул компотги гьабулаанилан. Маххул банкабиги къалаанилан квераз Хӏамзаласул Хӏасан абулев чияс. Гьаб мисалалъ бихьизабулеб буго цебе хӏукуматалъул халкъалдехун букӏарабги гьанже бугебги бербалагьи.
СССР биххизегӏанги игьелдерида гӏагарлъухъ букӏана пихъил консервал гьарулеб кӏиго завод (Кьохъ ва Чӏиркъатӏа). Гьезги кӏудияб кумек гьабулаан гӏадамазул ва колхозалъул пихъ бичун босиялъе. Гьанже гьезулги цӏарал бица-кицаде хутӏана. Жакъа, жалго лъикӏал лъугьун курак босизе рачӏунел ва Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразде гьеб баччулел гӏадамал рукӏинчӏелани, лъаларо хьиндалаз пихъида щиб гьабизе букӏарабали. Чара щиб, къун багьаялде кьунги кьезе кколеб буго гьезие. Цо-цо сон букӏана бананазул коробкаби куракулги цӏун, 15-18 КамАЗ машина цо къоялъ росулъа къватӏибе регӏарабги. Амма эрменазулги, ираназулги, азербайжаназулги, кин гӏезабурабали лъалареб пихъица занкӏун цӏурал базаразда даранги битӏичӏого, тӏадруссинеги кколел руго ракьцоял.
Хинал улкабазда рижулел цитрусазде гӏунтӏунги игьелдерил жаниблъиялда бижулареб пихъго гьечӏо. Анцӏ-анцӏ батӏияб сорт бижула гӏеч-гениялъулги. Амма цо-цо ахакье щвараб мехалда, дагьабниги ракӏ тӏеренав чиясда, битӏахъе магӏу кквезе кӏолареб хӏал букӏуна, хӏетӏе чӏезе бакӏ гьечӏого, гӏодобе гъун, турун холеб пихъ бихьидал. Аллагьас гьадин гьарзаго кьураб нигӏмат гӏадада хвезе течӏого сокниги, къанцӏаниги, компот-пюрениги гьабизе щай босуларебин ахӏана Болъихъ бугеб пихъил консервал гьарулеб заводалъул хӏалтӏухъанасухъе. Гьесул жавабалъги рази гьавичӏо. Гьедин, таманалго тоннаби гьеб пихъил турунги хола.
Жакъа нилъ пашманлъизе ккараб хӏужа буго умумузул заманалда рукӏарал анцӏ-анцӏ батӏи-батӏиял сортал лъугӏун унел рукӏинги. Кинабго гӏарцуде буссун бугеб гьаб заманалда дагьго гурони пайда кьоларел сортал гӏезариялде кӏварго кьолеб гьечӏо. Умумузул некӏсиял тӏагӏелалги, партал-магӏалги, рукӏа-рахъиналъулъ хӏалтӏизарулел рукӏарал алаталги хадусел гӏелазе нахъе цӏунизе хӏаракат бахъула, амма тӏадехун рехсараб суалалда тӏад хӏалтӏи гьабулеб идара яги махщалилав гьечӏо. Гьелдаго цадахъ гӏечул гъутӏбузда баккун буго бичӏчӏулареб унтиги: исана цо гӏаркьел бакъвала, бачӏунеб соналъ — бащдаб гъветӏ, хадусеб соналъ — тӏубанго къотӏизе ккола. Кигӏан-кин бугониги, гӏемерисел ахихъабазе бокьулеб гьечӏо пихъида аскӏоб «химия» хӏалтӏизабизеги. Бокьаниги, магӏарухъ рукӏунел чӏахӏиял гъутӏбузе дару гьаби хӏалкӏолеб ишги гуро.
Лъанлъари росулъ баккана тӏоцебе хурмаялъул цӏияб сорт — пурчӏун гьечӏеб хурма («хьон гьечӏеб хурма» абула игьелдерица гьелде). Гьелъул бугеб пайдаги бихьун, ахирал соназ гӏадамаз гъутӏби рацӏцӏун, гьарзаго гӏезабизе байбихьана гьеб. Гьеб бичун босулел чагӏиги ккола азербайжанал. Гъоркьисайин абуни, гьукъана гӏадамазе гӏорхъи бахун доре-нахъе хьвадизе ва гьедин гӏадада хвана гьеб нигӏматалъулги лъикӏаланго къадар.
Палхӏасил, гьеле гьединаб буго республикаялъул ва улкаялъул тӏадчагӏаз ахихъабазул гьабулеб тӏалаб.
Магьди Гӏабдурахӏманов,
Игьали росу