Дагъистаналда 65-70 процент гӏадамазул буго гӏиндабакӏлъи
Ахираб заманалда СМИяздасан бицунеб букӏана Махӏачхъала шагьаралъул тӏоцебесеб больницаялда, операцияги гьабун, тӏубанго гӏинкъав лъабго чи сах гьавунилан. Масала, отосклерозалъул хӏасилалда 30 соналъ тӏубанго гӏинкълъун йикӏарай цо гӏадан, гӏинзуниб титаналъул протезги лъун, сах гьаюна.
Гьелъул цӏех-рех гьабун щвана рехсараб больницаялде ва гара-чӏвари гьабуна хирург, лор-отделениялъул заведующий Ясудар Ахӏмадовасулгун. Гьес бицана гьанжелъизегӏан гьединал операциял гьаризе гӏинкъал чагӏи Москваялъул ва Санкт-Петербургалъул клиникабазде ине кколаанила. Жакъайин абуни рес бугила кинабго кумек республикаялдаго гьабизе. «Гьединал, ай малоинвазивниялин абулел операциял нижеца гьаризе байбихьана гъоркьиса сентябралдаса нахъе. Гьел къагӏидабаздаса дица пайда босулеб буго Екатеринбургалда хӏалтӏулеб мехалдаса нахъего (гьабуна 400 операция). Гьанже щибаб анкьалъ гьабула лъабго-ункъо операция. Гӏинкъасда рагӏизе байбихьула операциялъул заманалдаго ва лъабго моцӏидаса хал гьабизе нижехъеги вачӏун, гьес ругьунабго куцалда гӏумру гьабизе бегьула», — ян бицана хирургас.
— Ясудар, гӏинкълъиялъул гӏунгутӏи бугев чи чан вугев республикаялда?
— Тӏолгодунялалъул сахлъи цӏуниялъул организациялъул баяназда рекъон, дунялалъул халкъалъул 12 процент гьеб талихӏалдаса махӏрумлъун буго. Гӏинкълъиялъе аслиял гӏиллаби ккола: рахунел унтабаз унти, цӏикӏкӏараб бидул тӏадецуй, габуралъул гьодил остеохондроз, стрессал, лъукъа-къотӏиял, дарабаз кьураб аллергия… Гьел гӏунгутӏаби хехго тӏатинарунагӏан тохтурзабазе бигьалъула гӏинкълъарал чагӏи сахгьаризеги.
Жиндир заманалда цӏех-рех гьабичӏолъиялъул хӏасилалда, Дагъистаналъул халкъалъул 65-70 проценталъул буго гӏинкълъи. Къадарго рагӏиялде ругьунлъун, гӏемерисез тохтурасухъе хитӏабго гьабуларо, гьединлъидал хӏинкъи букӏуна тӏуранго гьел гӏинкълъиялдаги.
— Унтаразе гьел операциял цӏакъ хираго чӏолел ратила…
— Москваялъул ва Санкт-Петербургалъул клиникабазда гьединаб цо операция гьабиялъул багьа 100-200 азарго гъуршиде бахуна. Махӏачхъалаялъул жалго бетӏергьанал чагӏазул клиникабазда гьабураб гьединаб операциялъухъги гӏага-шагарго 100-180 азарго гъуруш босула. Гьаб больницаялде полисгун вачӏарав чиясе операция чӏобого гьабула. Сентябралдаса нахъе гьаниб гьабураб 51 операциялъухъ нижеца унтаразухъа капек гӏарац босичӏо.
— Сундалъун инсан гӏинкълъизе бегьулев?
— Аслияб гӏилла ккола, гӏиналде жанибе рецӏцӏ бакӏариялдалъун, гьенир рукӏунел рукьби цоцада хъваларого рукӏин яги гьел рукьбузе зарал ккун бугони, гьез гьаракь рагӏизе биччангутӏи. Тӏуранго гӏинкъал чагӏазе ва щуго сон тӏубазегӏан лъималазе гьединал операциял гьарула Москваялда ва Санкт-Петербургалда. Германиялд абуни, 90 сон баразецин гьарула.
Нижеца гьабулеб цоги операциялда цӏар буго «типанопластика» абураб, ай бихъараб яги багьараб гӏинзул пардав цӏилалдалъун цӏигьаби. Жакъа больницаялда гӏурал шартӏал гьечӏо херлъиялдалъун гӏинкъал чагӏазе операциял гьаризе.
Титаналъул протез лъолеб операция тӏоцебе гьабуна немцазул хирургаз. Гӏиналда жаниб хвараб, жагъаллъараб ракьа хисун лъураб титаналъул протезалъул (гьелъул багьа 40 азарго гъуруш) кумекалдалъун 85-90 процент унтаразул гӏинкълъи инабула. Масала, Гъуниб районалдаса 67 сон барай Гӏабдулхаликъовалда 38 соналда жаниб щибго рагӏулеб букӏун гьечӏо. Лъана гьелъул кӏиябго гӏиналъул пардавазда картӏал лъугьун рукӏин. Нижеца багьараб гӏинзул пардав цӏилалдалъун гьабуна ва лъурал титаналъул протезазул кумекалдалъун гьелда саламатго лъикӏ рагӏана.
— Дуца абуна, жиндир заманалда цӏех-рех гьабичӏолъиялъул хӏасилалда, нилъер халкъалъул 60-65 проценталъул гӏиндабакӏлъи бугилан. Гьелъие гӏилла щиб?
— Аслияб гӏилла ккола гьеб рахъалъ республикаялъул поликлиникаялъул хъулухъ цӏакъго нахъеккараб букӏин. Къокъго абуни, нижер больницаялъул, РКБялъул ва жалго бетӏергьанал чагӏазул поликлиникабазда гурони республикаялъул цониги муниципалияб поликлиникаялда гьечӏо я специалист-сурдолог, я рагӏи рагӏиялъул даража борцунеб алат (аудиометр). Гьебин абуни, щибаб муниципалияб поликлиникаялда чара гьечӏого букӏине ккола. Гьеб ккола цӏакъ багьаяб немцазул аппарат ва гьелда хӏалтӏизе къваригӏуна лъикӏав специалист.
Нижер отделениялъул базаялда гӏуцӏана сурдологияб хъулухъ. Гьениб буго рагӏиялъул даража борцунел алатал — аудиометрги типометрги. Гӏинкълъи бугев чи отделениялдаго сах гьавиялъе гӏурал шартӏал руго.
— Гьел операциял гьаризе бегьуларел чагӏи рукӏунищ?
— 70 соналдаса тӏаде арал чагӏазе гьел операциязул мукъсанаб гурони пайда букӏунаро.
— Нилъер республикаялда ругищ лъикӏаб даражаялда гьединал операциял гьаризе бажарулел хирургал?
— Руго, жалго бетӏергьанал чагӏазул клиникабазде къватӏиса рачӏуна операциял гьаризе лъайги махщелги бугел хирургал. Республикаялъул муниципалиял больницабазда абуни дун гурони гьеб махщалил хирург гьечӏо.
— Цо милъиршоялъ их гьабуларин абула, дурго гӏадаб махщалил хирургал хӏадуриялъе щиб гьабулеб бугеб?
— Жакъа нижер больницаялъул базаялда хӏадурулев вуго ичӏго ординатор. Гьел хӏалтӏизе руго цогидал больницабаздаги.
— Операция гьабизе духъе ккезе бегьулел чагӏазда щиб малъилеб, кинаб гӏакълу кьелеб?
— Гӏундузда жаниса рецӏцӏ бачӏиналдалъун яги гӏундузда жаниса унареб сасалдалъун, рагӏиялъе кинабгӏаги къварилъи бугони, нахъбахъун течӏого, цӏех-рех гьабизе нижехъе рачӏине ккола. Къварилъи гьечӏинги абун, лъагӏалида жаниб цо-кӏиго нухалъгӏаги халгьабизе сурдологасухъе инчӏогоги чӏезе бегьуларо.
Нури Нуриев