И. Ибрагьимов: «Унтарасухъа жо босулев чи ….
Иманалъул ракӏги цӏурав, инсанасул мурадги тӏубазе хӏадурав инсан
Рукӏуна гӏадамал, бидул гӏагарлъи гьечӏониги, рекӏее гӏагарлъарал, бищунго божарал чагӏилъун лъугьарал. Гьезулгун гӏакълу дандбазеги, ургъел бикьизеги бигьаго букӏин гуребги, гьезухъа щола нилъее гӏумруялъе хӏажатал дарсалги, хӏажалъи ккаралъуб кверчӏвайги. Гьединав чилъун дие лъугьун вукӏана медицинаялъул хӏалтӏуда жинца киналниги болъодул хӏокӏал нахъа тарав, анцӏила лъабгониги соналъ Дагъистаналъул сахлъицӏуниялъул министрлъунги хӏалтӏарав, хадусеб къоло кӏиго соналъ республикаялъул медицинаялъул централъе нухмалъиги гьабурав Ибрагьимов Ибрагьим-хӏажи. Гьесулгун лъай-хъвай ккана 2000 соналда. «Ас-салам» газеталъул редакторлъун вукӏарав Мухӏамад Гӏабдурахӏмановгун цадахъ ниж ун рукӏана госпиталалда вегарав божарав чиясухъе щвезе. Гьениб гӏадлу-низам гьабулев чияс унтарасухъе ине изну кьезегӏан ниж жанахӏалъур гӏодор чӏун рукӏана. Циндаго бер речӏчӏана хъахӏаб халгӏат ретӏарав, ригь арав тохтурасда. Гьев аскӏове гӏагарлъулаго, Мухӏамад тӏадеги вахъун, гьесда данде ана ва, квералги росун, гьикъа-бакъарана. Дида бичӏчӏана Мухӏамадги тохтурги цого росулъа, Шамил районалъул Тӏидиса рукӏин. Хадуб Мухӏамадица нижер лъай-хъвайги гьабуна. Гьевги ватана рагӏун гурони вихьун вукӏинчӏев Ибрагьимов Ибрагьим.
Гьеб лъай-хъвай дагь-дагьккун ракӏал журараб гьудуллъи-гьуинлъиялде сверана. Гьелдаса нахъе араб къогогӏан соналда жаниб щибаб дандчӏваялда дие рагьана гьесул инсанлъиялъулги, тохтурлъиялъулги, нухмалъулесулги цӏи-цӏиял рахъал.
Рехселин ракӏалде рачӏарал цо-цо мисалал. Мунагьал чураяв Расул Хӏамзатов гьеб централда вегараб мех букӏана доб. Ибрагьим-хӏажихъе вачӏана республикаялъул кӏудияб хъулухъалда вугев кӏиго хӏаким ва гьез абуна кӏалтӏа вугев чияс ниж Расулихъе риччалел гьечӏин, риччазарейин. «Гьес битӏун гьабулеб бугоха. Ункъо тӏубаралдаса анлъго тӏубазегӏан гурони нижер анир унтаразухъе гӏадамал риччаларо. Генераласеги солдатасеги закон цого букӏуна. Кинха дица дир хӏалтӏухъанасда гьеб закон хвезабеян абилеб», — ан абуна гьезда Ибрагьим-хӏажица. Цо къоялъ Ибрагьим-хӏажихъе вачӏана ункъойилъе сонал рахарав чи, гьенив вегизе бокьун бугинги абун. Кьеха направлениейин абидал, гьеб кодоб батичӏо. Паспортги полисги кьехаян абидал, гьелги кӏочон ратана дов чиясда. Чӏумалгӏаги гьечӏищ духъилан абуна нахъеги централъул нухмалъулес. Чӏумал ругинги абун, чвантиниса рахъун рачӏана херас. Гьеб мехалъ гьесул унтуе дандекколеб отделениялъул заведующаяги ахӏун, Ибрагьимица абуна гьелда, чӏумал тун батӏияб документ кодоб гьечӏев гьав пациент вегизавеян. Гьедигӏанги бокьулароан Ибрагьимие вегизе вачӏарав чи нахъчӏвазе.
Гьеб централда регун рукӏаразда лъалеб букӏун батила гьениб конфетазул коробкацин унтаразухъа тохтурас босулареблъи. Гьеб цӏакъго-цӏакъ гьукъунги букӏана Ибрагьимица. Гьес гӏемер такрар гьабулаан, унтарасухъа жо босулев чи такъсирчи вугилан. Амма, магӏарулаз абухъе, гьацӏулъ хӏеги, хӏанилъ расги камилищ, Ибрагьим-хӏажида лъан буго цо тохтурас унтарасухъа 1000 гъуруш босараблъи. Ахӏун тохтургун гьикъидал, гьев мукӏурлъун вуго унтарас хӏалгьабун жиндир халгӏаталъул чвантиниб къазабунин гьеб гӏарацилан, кигӏан жинца яхӏ бахъаниги, нахъе босизабизе кӏвечӏилан. Гьел маргьабаз мун вацӏцӏалъуларин, дуда ришваталъул махӏчӏван бугиланги абун, Ибрагьимица гьев тохтур хӏалтӏудаса нахъе витӏун вуго.
2013 соналда гьесул вас Танка ДРялъул сахлъицӏуниялъул министрлъун тӏамураб мехалда, дицаги инсуда васасе щвараб тӏадегӏанаб хъулухъ баркана. Ибрагьимица абуна баркизегӏан цӏакъ дун разияб жо гьеб гурилан. Ва тӏадеги жубана:
— Москваялдаса дихъе кӏалъан вачӏана Танка ва абуна Гӏабдулатӏиповас абулеб бугин сахлъицӏуниялъул министрлъун хӏалтӏизе жинда цадахъ Махӏачхъалаялде вилълъаян, щибдай гьабилаян. Дица гьесда абуна дур бугин лъикӏаб хӏалтӏиги, 51 сонги, мунго ургъеян. Эмен хӏисабалда босаниги, тохтур хӏисабалда босаниги, дида гьикъулеб бугони, дица вачӏунгеян абилин. Дагъистаналда медицинаялъулги лъабго процентги хутӏараб жо гьечӏин. Дуда гьеб рукӏалиде бачине кӏвейги щакаб бугин. Мун гьенив алжаналда гӏадин вугин, гьаниб дуда жужахӏ батизе бугин. Гьев дир гӏакълуялъухъ гӏенеккичӏо. Гьанже жиндиего бокьараб гьабеха, — ян лъугӏизабуна Ибрагьим-хӏажица.
Рабигӏул авал моцӏ бачӏанщинахъе Ибрагьим-хӏажияс больницаялда мавлид гьабулаан. Гьелъие гьарулел харжалги жинцаго тӏаде росулаан. Ичӏабилеб маялъул хӏурматалда, госпиталалда ветераназе концерт гӏуцӏани киндай букӏинаян абуна дица цо нухалъ гьесда. Дир пикруялдаги разилъун, гьес абуна лъикӏаб букӏинилан. Ва тӏадеги жубана: «Унтаразул 50 проценталъе дару-сабаб хӏажалъулеб батани, 50 проценталъе дарулъула рохелги, ихтилат-кепги, кечӏ-бакъанги», — ян.
Гьединал мисалал жеги гӏемер рачине бегьула. Кин батаниги, гьев вукӏана Аллагьги ккурав, иманалъул ракӏги цӏурав, гӏадамасул мурадги тӏубазеги хӏадурав инсан. Гӏумруялъул ахирал соназдаги гьес хӏаракат бахъана больницаялда тӏадеги анлъго тӏалаялъул цӏияб корпус базеги. Гьединал лъикӏал ишаз халкъалда гьоркьоб цӏарги инабун букӏана гьесул. Аллагьасда цеве вахъараб къоялъги жинца гьабунщинаб лъикӏлъиялъул баракат щолевлъун, алжан насибавлъун ватаги гьев.
Махӏмуд-Апанди Мухӏамадов,
шагӏир, хъвадарухъан