Огь баркаман, бакъвараб пихъ

Гӏемер кванани, бидулъ чакар цӏикӏкӏи

Лъаратӏа росулъа Ахӏмадов Гӏумарица редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Кигӏан къасд тӏамуниги, къанагӏат гурони щоларо нилъерго ахикьа бетӏараб пихъ, бичун босизеги гьеб хираго чӏола. Дун гӏадав рекӏелгун бидурихьазул ва ургьисалабазул унтабаз кӏвекӏулев чиясе тӏабигӏиял витаминал хӏажалъула. Цо-цояз абула витаминалги, сахлъиялъе гьечӏого гӏоларел цогидал жалги бакъвараб пихъилъ цӏунун рукӏунин. Бокьилаан гьелъул хӏакъалъулъ газеталда хъвани».

Гӏумарил мурад тӏубазелъун щвана 31 соналъ фельдшерлъун ва ахираб ичӏго соналъ даруял чӏахӏазул ва бакъвараб пихъил кумекалдалъун унтарал сахгьарулев вугев Мустӏапа Ибрагьимовасухъе.

— Бакъвараб пихъалъ лъикӏлъизабула чорхол жанго. Масала, бакъвазабураб гӏечулъ цӏунун букӏуна кальций, бор, железо. Гьеб лъикӏаб буго рекӏелгун бидурихьал унтаразе ва рахунел унтабаздаса цӏуниялъе. Гьелъ квербакъула ургьиб квен бигьинабиялъе, лъикӏ хӏалтӏизарула ургьисалаби, бидулъ дагь гьабула заралияб холестерин.

Бакъвараб генулъ рукӏуна гӏадалнах хӏалтӏизабиялъе пайдаяб бор абураб микроэлемент, гьединго клетчатка, А, С, В1 витаминал, пектинал ва заралиял микробал чӏвалел фитонцидал.

Чӏегӏераб коконалъулъ букӏуна фруктоза, глюкоза, сахароза, гӏемерал органикиял къанцӏаби, пектин, А, С, В1, В2, Р витаминал ва минералал. Гьединлъидал чӏегӏераб кокон цӏакъго пайдаяб буго чорхолъ би ва витаминал гӏоларого ругезе. Гьелъ щула гьабула черх, цӏунула чехь-бакьазул унтабаздаса.

Инжиралъулъ рукӏуна квен бигьинабулел белкаби-ферментал, калий, натрий, кальций, фосфор, В-каротин, В1, РР, В3, С гӏадал витаминал. Бакъвараб инжир пайдаяб букӏуна рекӏел унтаби ругезе, гьуъразул мащабазул астмаялъ кӏвекӏулезе, чорхолъ би дагьлъиялда хӏинкъи бугел чагӏазе. Инжиралъ рукӏалиде ккезабула щитовиднияб железаялъул хӏалтӏи, цӏунула рак унтудаса. Кванилъ хӏалтӏизабуни, инжиралъ лъикӏлъизабула гьурмал кьер, щула гьабула ракӏ ва бидурихьал, рукӏалиде ккезабула рекӏел хӏалтӏи. Инжиралъ кумек гьабула кутакаб гъиз свари инабиялъе, кӏващ бачӏинабиялъе ва бидул тӏадецуй гӏодобе ккезабиялъе.

Бакъвараб ахбазаналъ инсанасул черх кальциялдалъун ва железоялдалъун хьезабула, бидулъ гемоглобиналъул даража цӏунула. Зама-заманалдасан кванилъ бакъвараб ахбазан хӏалтӏизабулеб бугони, рак унти ккеялда бугеб хӏинкъи дагьлъула. Куракалъ рес кьола бидулъ холестериналъул къадар ва бидул тӏадецуй рекъезабизе. Куракалъ лъикӏлъизабула канлъи, берцин гьабула гьурмал кьер, щула гьабула рас.

Чамасдакӏилъ цӏакъго гӏемер руго углеводал, беэнлъаби, витаминал, минералал ва, масала, гӏечулъ, апельсиназулъ, бананазулъ гьечӏел батӏи-батӏиял аминокислотаби. Чамасдакӏилъ буго бидулъ глюкозаялъул кьариял къанцӏабазул даража рекъезабулеб пантотеновияб къанцӏа. Гьелъ квербакъула черх рак унтудаса цӏуниялъе. Гьелъулъ гӏемер фтор букӏиналъ, цаби-гӏусал цӏунула кариесалдаса, селен букӏиналъ щула гьабула иммунитет ва цӏунула рекӏел унтабаздаса. Некӏо чамасдакӏ хӏалтӏизабулаан ботӏрол ва къватӏул унтаби сахгьариялъе. Гьелъ чорхолъе къуват бачӏинабула, ургьимес бацӏцӏад гьабула заралиял жалаздаса. Макьу щоларого ругони ва бетӏер хӏалтӏизе кколеб захӏматаб хӏалтӏи гьабулеб бугони, щибаб къоялъ кваназе ккола 8-12 чамасдакӏ.

Жага бечедаб буго батӏи-батӏиял витаминазул, органикиял къанцӏабазул, макро- ва микроэлементазул, гьединго би лъугьиналда гӏахьаллъулел – железоялъул, медалъул ва, кобальталъул къадаралъул рахъалъ. Гьеб хӏалӏизабулеб бугони, хехго сахлъула ругъун, гӏолохъанлъула черх, — ан бицана Мустӏапаца.

— Бакъвараб пихъ кванилъ хӏалтӏизабизе бегьуларел чагӏи рукӏунищ?

— Промышленнияб къагӏидаялда бакъвазабураб пихъалъ инсанасул сахлъиялъе зарал гьабула. Хехго бакъвазабиялъул ва гӏемер заманалъ цӏуниялъул мурадалда гьенир хӏалтӏизарула заралиял жал. Гьениб пихъ бакъвазабула газалъул ва бензиналъул печазда жаниб. Гьедин бакъвазабураб пихъил хъалалъ рукӏуна кьватӏелал ва гьелдаса букӏуна лъикӏаб гуреб махӏ. Берцинаб кьер гьабиялъе гӏоло пихъида бахуна глицерин, кьер гьабулел жал ва чакаралъул сироп. Гьел руго черхалъе заралиял жал. Бакъвараб пихъ гӏемер кваназеги лъикӏаб гьечӏебха. Гьез кьаралъизарула, бидулъ чакар цӏикӏкӏинабула. Бакъвараб пихъалдаса инкар гьабизе ккола хехго кьаралъулез, аллергия кьолез, чакрил унти ва кванирукъалъуб ругъун бугел чагӏаз.

— Бакъвараб пихъ бичун босулаго, сунде кӏвар кьезе кколеб?

— Базаралдаса бакъвараб пихъ босулаго балагьизе ккола гьезда гьоркьоб хӏапара бараб ва цӏакъго бакъвараб бугищали. Босизе бегьуларо цӏакъго кьер берцинабги пихъ. Щайгурелъул, бакъвазабулаго пихъ чара гьечӏого бецӏлъула ва гьелъул хъал букӏкӏуна. Цоги кӏвар кьезе кколеб хӏужа: кваналалде цебе гьеб цӏорораб лъеца лъикӏго чуризе ккола. Цинги, бигьинабизе бигьалъиялъе, цо-кӏиго сагӏаталъ цӏорораб лъелъ лъун тела тамахлъизе. Бакъвараб пихъ лъикӏаб букӏуна цогидал нигӏматалгун журазаричӏого кваназеги.

Нури Нуриев