Сагӏудиязул Гӏарабиялда батун буго 10 метр бугебги инсанасул ракьа-макъар

Батӏи-батӏиял халкъазул маргьабаздагун биценазда дандчӏвала кӏудияб къаркъалаялъул гӏадамазул, ай нилъеца нарталин абулезул бицунел бакӏал. Гьединал чагӏи маргьабазда гурони рукӏунарин ракӏалдеги кколаан. Амма гӏалимзабаз абулеб буго, кигӏанго божизе захӏматаб жо бугониги, гьединал гӏадамал рукӏараблъи хӏакъаб бугин.

Ливаналда буго «Баальбекская терраса» абун цӏар кьураб жа-ниблъи. Гьенир сокӏкӏун руго цӏакъго кӏудиял ганчӏал. Гьениб буго дунялалда бищун кӏудияблъун рикӏкӏунеб, ай инсанас тӏад квер лъун цо кинабалиго форма гьабураб гамачӏги. «Югалъулаб гамачӏ» абун цӏар кьураб гьелъул бакӏлъи буго 2000 тонна. Инженер Коломийчукил хӏисабазда рекъон, гьеб гамачӏ багъаризабизе, хӏажалъула 60 азарго чиясул къуват. Гьединго, гьениб буго щибалда 800 тонна бугеб лъабго къоноги. Гьединлъидал бачӏунеб буго суал, лъицаха гьел ганчӏал гьенире раччарал ва щал гьезда квалквадулел рукӏаралин абураб.

Египеталда 500 тонна бакӏлъиялда бугеб гамачӏ буго Хефрен пиргӏавнил хабада лъун. Грециялдайин абуни цӏунун хутӏун руго 20 метр биццалъиялда ва 125 тонна бакӏлъиялда ругел къадалъ лъурал къанал. Югалъулаб Африкаялда, Окованго гӏурул рагӏаллъуда, гӏумру гьабун ругез бицуна цебе заманалда гьеб ракьалда рукӏарал нартазул хӏакъалъулъ. Цо биценалда буго гьел гӏадамазул букӏанила цӏакъго кутакаб къуват ва, цояб кверги цебе лъун, гьезда кӏолаанила гӏор нахъбуссинабизе. Гьез гьаракь гьабураб мехалда гьеб рагӏулеб букӏун бугила чамалиго кило-

метралъ рикӏкӏада ругезда. Нартав чинхъидал, гъотӏода рещтӏун букӏараб хӏинчӏ ракӏ кьвагьун холаанила.

Инказул биценалдайин абуни рехсолел руго океан къотӏун рачӏарал нартазул. Бищун борхатаб къаркъалаялъул индеецгицин гьезул наказде гурони вахунароанила. Къойида жаниб гьезул щивас кваналаанила 500 чиясцин кванан бахъунареб нигӏмат.

Азарго соналъ цебе гӏумру гьабун вукӏарав гӏарабазул ибн Фадлан абурав цӏех-рехчияс хъвалеб буго жинда батанила анлъго метр бугеб инсанасул ракьа-макъар (скелет). Гьединабго скелет бихьун буго Швейцариялъул Люцерна шагьаралъул музеялда гӏурусазул хъвадарухъаби Тургеневасдагун Короленкодаги. Гьезда бицун буго гьеб батанин 1577 соналда цо кинабалиго нохъода.

Ункъо-щуго метр логода бугел скелетал гӏажаиблъи гьабизе ккарал жал гуро. Гьел испаниялъулаз нахъе тарал хъвай-хъвагӏаязда рехсолел руго, Америкаялда кверщел гьабулаго жидеда ратулаанин 20 метр бугелги инсанасул скелетал.

ХӀX гӏасруялда вукӏарав Уитни абулев археологасда батун буго горсверуда кӏиго метр бугеб гвангвара. Гьебги батун рагӏула Огайо штаталъул шахтаялъуб. Югалъулаб Африкаялдайин абуни гӏемерал ратун руго цӏакъго кӏудиял лъалкӏал. Масала, метр-гун бащдаб бугел. Гьединал хӏужабиги цере рукӏаго щайха гӏадамазда рихьизелъун гьел скелетал ва цогидалги баянал музеязда лъоларел? Гьеб суалалъе жаваб кьолаго гӏалимзабаз абулеб буго гьеб бугила Дарвинил теориялъул «рухӏ лъугӏичӏого» букӏинелъун гьабулеб иш.

Исламалъул тарихиял тӏахьазда хъван буго Аллагьасул гӏемерисел аварагзаби кӏудияб къаркъалаялъул чагӏилъун рукӏанилан. Хӏакъаб жо буго, Нухӏ аварагасе гама гьабизе Уджа абурав кӏудияб къаркъалаялъул чияс кумек гьабураблъи. Нухӏ аварагасул наслу – гӏадитал рукӏун руго ракьалда тӏад бищунго къуватал ва рорхатал. Амма жал рижарав Аллагь вукӏинги кӏочон тун, гьез какал разе байбихьун буго ганчӏазе ва гӏемерисел лъугьун руго мунапикъзабилъун. Цӏакъго гӏорхъолъа рорчӏидал, гьел хӏакъаб нухде ахӏизе Аллагьас витӏун вуго Гьуд авараг. Амма гьел гьесухъ гӏенеккун гьечӏо, ва 70 соналда жаниб Гьуд аварагас гьабураб насихӏат гьез къабул гьабун гьечӏо. Гьеб мехалда Гьуд аварагас Бетӏергьанасда гьарун буго гьезул руччаби лъимал гьаризе кӏолареллъун лъугьинарегийин, гьезул къадарги дагь гьабегийин. Гьеб соналъ цониги лъимер гьабун гьечӏо гьезие. Гьуд аварагасул гьари къабул гьабураблъи бихьаниги, гьел кантӏун гьечӏо ва Аллагьас ракъдаллъиги тӏамун анкьго соналъ гӏазаб чӏамизабун буго. Ракъуца хун буго къавмалъул бащдаб къадарниги. Гьелдаса хадубги, кинго гьел кантӏулел гьечӏолъи рихьидал, Аллагьас гьезде тӏаде батӏи-батӏиял балагьал риччан, гьел тӏагӏинарун руго, цӏад гьаризелъун Маккаялде ун рукӏарал хутӏизегӏан. Гьеб заманалда гӏадат букӏун буго цӏад гьаризелъун Маккаялде унеб.

2006 соналда Сагӏудиязул Гӏарабиялда батун букӏараб инсанасул къаркъалаялъул скелеталъул халалъи букӏана 10 метр. Гӏалимзабазул пикруялда рекъон, гьеб букӏун батизе рес буго Къуръаналда рехсей гьабурал, Гьуд аварагасул ахӏиялъе мутӏигӏлъичӏезул къавмалдаса чиясул.

Гӏалимчи Карл Бомица хъвалеб буго гӏадамал гӏисинлъи-

ялъе гӏиллалъун ккун батизе бегьулин тӏабигӏат хиси. Некӏо тӏубанго бахчун букӏун батизе рес бугила озоналъулаб каратӏ. Гьанже гьелъул анкьил бутӏа гурони бахчун хутӏун гьечӏолъиялда бан, бакъул чӏоразул радиация цӏикӏкӏи-налъ рухӏчӏаголъиги гъветӏ-херги гӏисинлъун ва гьитӏинлъун ругила.

Наира Сайпудинова,

Islam.dag сайт