Къиматаб жавгьарлъун кенчӏолеб гьунар
Магӏарул музыкалияб маданияталда гвангъарал лъалкӏал
Магӏарул жакъасеб музыкалияб маданияталда бугеб хӏабургъараб ахӏвал-хӏал кӏочон тезабизе гьоркьо-гьоркьор редакциялде гьоболлъухъе ахӏула унго-унголъунги миллаталъул мацӏги цӏарги къиматаб жавгьар гӏадин кенчӏезабулел кочӏохъабиги, артисталги, шагӏирзабиги, мугӏалимзабиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги. Цинги цо лахӏзаталъ кӏочон тола миллияб маданияталде квер хьвагӏаралги, сценаялда гьединазул цо-цояз бихьизабулеб «культураги», киданиги халкъалъ къабул гьаризе гьечӏел рагӏаби гьелъухъе кьезе лъугьарал «ахӏтӏохъабиги».
Гьал къояздайин абуни редакциялде гьоболлъухъе ахӏун вукӏана Дагъистаналъул халкъияв артист Мухӏамад Гӏабасов.
Хӏасратал кучӏдузул
дандерижилъун
Мухӏамадил буго Тӏадегӏанас кьураб цӏакъго къиматаб пагьму-гьунар. Гьесул буго къанагӏатаб берцинлъиялъул, гӏенеккаразул ракӏал рохелалъги пашманлъиялъги гӏеккезарун бажарулеб гьаракь. Кочӏохъанас гьаракь биччайдал, нилъер беразда цебе тӏобитӏула тӏолабго магӏаруллъи. Цин — гӏазул цӏурал мугӏрулги гьезул борхалъиялъухъ балагьун хӏалхьоларел цӏумалги, цӏумазул борхалъиялда жидер цӏарал хъварал миллаталъул бахӏарзалги, гьез цӏигьабураб магӏарулазул тарихги. Цинги — ихдалил тӏугьдузул махӏалъ босараб тӏалъиги, тӏугьдулгӏан берцинал мусудулги, гьезул ракӏал асир гьаризе гьесадулел гӏолохъабазул рокьул чӏвабзазул бакъналги. Гьеб киналъулго нилъее Мухӏамадица бицуна жиндирго кучӏдуздалъун.
Гьедин букӏана Дагъистаналъул
тарихалда вахӏшиял лъалкӏал тарал араб гӏасруялъул 90-абилел соназдаги. Мухӏамад тӏадвуссана магӏарул бахӏарчияб тарихалде, ай гӏемерал соназ жиндир цӏар бахъизецин гьукъун вукӏарав имам Шамилихъе. Гьелго соназ къватӏибе бачӏун букӏана Хӏамзатил Расулил «Концерт» абураб тӏехьги. Ва гьениб букӏана кӏудияв имамасе сайгъат гьабураб кечӏги. Мухӏамад Гӏабасовас ахӏараб гьеб кечӏалъ нух рагьана имам Шамилил гьунаразухъе. Гьелъул магӏна ккола магӏарул тарихги тарих гвангъизабурал гӏадамалги цӏакъго хириял ругин гьесиеян абураб. Гьеб бихьулеб букӏана, гьесулгун гара-чӏвари гьабулагоги.
Кӏудияб гъира-шавкъалда бицунеб букӏана Мухӏамадица магӏарулазул хӏакъалъулъ, дунялалъулго тарихалда гьез тарал ва толел ругел лъалкӏазул хӏакъалъулъ. Жиндирго хӏакъалъулъ бицине регӏулевги вукӏинчӏо гьев, миллаталъул борхалъиялъул ва тӏадегӏанлъиялъул бицунаго…
Дагъистаниязе гӏагараблъун
лъугьараб театр
Исана къого сон тӏубана Дагъистаналда Операялъул ва балеталъул театр гӏуцӏаралдаса. Гьелдаса нахъе театралда хӏалтӏулев вуго Мухӏамадги.
Опера ва балет ккола магӏарул
маданияталъе хасиятаб гуреб
искусствоялъул бутӏа. Амма Му-хӏамадихъаги гьесул коллектива-лъухъаги бажарана гьеб къагӏидаги дагъистаниязе гӏагараблъун лъугьинабизе.
— Хӏакъикъаталдаги операгун балет нилъер маданияталда букӏинчӏо. Амма гьанже ракӏ бохула, театралде рачӏунел гӏадамазул цӏикӏкӏараб къадар бихьидал. Гьенире рачӏуна студенталги, цӏалдохъабиги, цогидал миллиял театразул артисталги, гӏадатиял дагъистаниялги. Гьезда гьоркьор руго магӏарулалги. Гьезда бичӏчӏулеб буго бечедаб магӏарул тарихалъул хӏакъалъулъ кьурдабаздалъун бицине бегьулеблъиги. Масала, «Имам Шамил» балета-лъухъ халгьабизе рачӏун рукӏараз кьабгӏун цӏун букӏана зал. Гьениб бицунебги букӏана Кавказалъул рагъулги, имам Шамилилги, гьесие ритӏухъаб халкъалъул гьунаралъулги хӏакъалъулъ. Чӏвалеб хъатил гъугъай магӏарухъегицин рагӏулеб букӏун батила. Амма дие цӏакъ бокьилаан, гӏолилал гьеб искусствоялъухъе тӏадруссани ва гьеб бичӏчӏизе хӏаракат бахъани. Гьеб буго инсанасул рухӏияб дуняла-
лъул бицунеб унго-унгояб искусство. Масала, гӏолилаз гьединго хӏаракат бахъизе ккола симфоникияб музыкаялъухъ гӏенеккизе ва бичӏчӏизе. Ракӏ-ракӏалъ гьеб къабул гьабулеб бугони, гьениб нилъеда рагӏула ва бихьула нилъерго гӏумру, рокьи, рокьукълъи, талихӏ, талихӏкъин. Дагь-дагьккун ругьунлъула гӏумру бокьизе ва гье-лъул адаб гьабизе. Гьеле унго-унгояб искусство. Гьанже рачӏаха данде-кквезе сценаялда рагӏулел чӏорогоял кучӏдулги гьеб искусствоги.
Бищунго мекъи ккараб жо буго кочӏохъ гӏенеккизе лъангутӏи. Кигӏан пашманаб кечӏ ахӏулеб бугониги, «гьай-гьуй» лъугӏулеб гьечӏо сценаялдаса. Гьелъ кочӏол тӏагӏамги хвезабулеб буго. Дир кечӏ бокьулез абула концертал щай кьоларелилан. «Гьай-гьуялъул» кучӏдул гьечӏо дир репертуаралда. Гьединазде гурони гӏадамалги рачӏунел гьечӏо, — ян бицана Мухӏамадица.
Гьесул кӏиявго васги, Белек ва Салман, хӏалтӏулел руго Операялъул ва балеталъул театралда.
— Гьезда, гьи-тӏинаб мехалда гьикъулаан, кӏудиял гӏедал щаллъун ра-хъине ругелилан. Гьез кидаго жавабги кьолаан «дадалъун» хӏалтӏизе ругин жалилан. Гьитӏинго гьудуллъи ккуна гьез музыкалиял тӏагӏелазулгун, — ан тӏадеги жубана гьес.
Махщелчилъиялъул тӏогьазда
Мухӏамад Гӏабасов 1988 соналда цӏализе лъугьана культпрос-
ветучилищеялде. Гьеб лъугӏун хадув хӏалтӏана Шамил районалъул Культураялъул рокъов. 1996 соналда Мухӏамад мустахӏикълъана «Дагъистаналъул культураялъул
мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏаралъеги. Гьебго соналда хӏалтӏизе лъугьана Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралде, гьелдаго цадахъ Дагъистаналъул пачалихъияб вокалиябгун кьурдул «Дагъистан» ансамблялде.
Мухӏамадица гӏахьаллъи гьабурал асаразул аслияллъун рикӏкӏине бегьула Г. Хӏасановасул «Хочбар», Н. Дагировасул «Йирчи Гъазахъ», С. Рахманиновасул «Алеко» (гӏолохъанав цыган), П. Чайковскиясул «Евгений Онегин» (Ленский), «Медный всадник» (Евгений), М. Кажлаевасул «Валида» (Мурад), Р. Леонковаллол «Паяццы» (Беппол партия) ва цогидалги.
2005 соналда Мухӏамад Гӏабасовасе кьуна «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб цӏар. 2017 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Дагъистаналъул Операялъул ва балеталъул театралъул директорлъун.
Гьеб буго гӏадатияв магӏаруласул иргадулаб борхалъи. Магӏарул музыкалияб маданияталъе хасиятаблъун гьечӏеб гьеб театралъе нухмалъи гьаби бигьаяб ишги батиларо. Амма Мухӏамадида кӏвана Дагъистана-лъул халкъазул миллияб хаслъи театралда цӏунизе ва дагъистаниязе бокьулеблъун лъугьинабизе.
Умумузул ирс рагӏдукь хутӏиларо
Нахъеги – магӏарул кечӏ-бакъаналъул хӏакъалъулъ.
— Битӏун бицани, пикраби кутакалда хӏалуцуна, гьабсагӏаталда сценаялда бугеб ахӏвал-хӏал ракӏалдещведал. Хьул биццатаб букӏунаха чиясул. Дирги божилъи буго умумузул гӏадаталги нахъе тараб бечедаб музыкалияб ирсги нас-лабахъе тӏадбуссинилан, — ан абуна гьес.
Кин ва кида!? Гьеб жибго гӏумруялъ бихьизабила заманалъул кумекалдалъун. Рес гьечӏо умумузул ирс рагӏдукь хутӏизе.
Ахӏулеб буго кечӏ магӏарул мацӏалъ.
— Кин ругел, магӏарулал, кир ругел магӏарулал?..
Кочӏохъанасул гьедин ахӏулеб гьаракь боржунеб буго мугӏрузухъе.
Шамай Хъазанбиева