Камиллъиялъе гӏорхъи букӏунаро
Игьалиса Асиятидаса мисал босизе хӏаракат бахъула цадахъ хӏалтӏулез
Республикаялъул клиникияб больницаялъул нефрологияб отделениялъул жанахӏалда бараб хӏурматалъулаб хъорщода чӏвараб медсестраялъул сураталда гъоркь хъван бугоан РКБялъул отделениязул процедуриял кабинетазда гьоркьоб тӏобитӏараб къецалда Рахӏматулаева Асиятил кабинеталъе тӏоцебесеб бакӏ щванин ва бетӏерав тохтурас гьелъие шапакъатги кьунилан. Отделениялъул заведующая Фатима Гӏабдурахӏмановалъ бицана сураталда йигей яс бищунго лъикӏай медсестра кколилан.
РКБялда хӏалтӏулел азаргоялдасаги цӏикӏкӏун медсестрабазда гьоркьоса бищунго лъикӏазул хӏалтӏул хӏалбихьиялъул хӏакъалъулъ бицунеб больницаялъул бетӏерай медсестра Фиала Мухӏамадовалъул тӏехьалда Асиятил хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Рахӏматулаева ккола лъикӏаб махщалил медсестра. Гьелда лъала хӏалтӏуе къваригӏунел киналго цӏиял къагӏидаби, махщалида тӏуразарула тӏадкъанщинал ишал, бажарула къварилъиялде ккарасе хехаб кумек гьабизе. Гье-лъул каламалъулъ гьечӏо «бажаруларо», «кӏоларо», «лъаларо», «гьеб дир хӏалтӏи гуро» абурал рагӏаби. Гьелъул гӏаксалда, кинаб тӏадкъай кьуниги, заманалда тӏубазабула. Гьелъул лъикӏаб гӏамалги, берцинаб каламги, унтараздехун бугеб тӏалаб-агъазги бихьун, цадахъ хӏалтӏулезги хӏаракат бахъула гьединабго жавабчилъиялда ва ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏизе», — ян.
Асият ккола Гумбет районалъул Игьалиса. 2006 соналда лъугӏизабуна Аскерхановасул цӏаралда бугеб ДГМУялъул базовияб медколледж. Гьелдаса нахъе хӏалтӏулей йиго нефрологияб отделениялда.
Берцинаб гьимигун, гьуинаб каламгун дару гьабизе Асият палатаялде ячӏин жидее рохеллъун букӏунин бицана гьенир регарал унтаразги. Отделениялда хӏалтӏулеб 13 соналда жаниб гьелъие я унтарасул, яги тохтурасул рахъалдасан цониги бадибчӏвайги щун гьечӏо. Гьелъул гӏаксалда, щун руго гӏемерал шапакъатал, рецц-бакъалъул ва баркалаялъул рагӏаби.
2010 соналда больницаялъул отделениязул медсестрабазда гьоркьоб тӏобитӏараб «Бищунго лъикӏай медсестра» абураб конкурсалдаги тӏоцебесеб бакӏ босана Рахӏматулаевалъ. Гьанжеги гьей хӏадурулей йиго гьединабго къецалда гӏахьаллъизе.
Гьелъул хӏакъалъулъ бицунаго, отделениялъул медсестра Сулейманова Месейица абуна:
— Асият йиго гӏадамазе лъикӏлъи гьабизе бокьулей гӏадан. Дару кьезе, укол гьабизе, капельница лъезе гьей ячӏиналъухъ балагьун чӏун рукӏуна унтарал. Щайгурелъул, гьелда лъала гьезул ракӏ-макӏ гьабизеги, данде кколеб берцинаб рагӏи бицинеги ва сахлъизе рукӏиналда гьел божизаризеги. Аслияб жо — гьелъул буго лъикӏаб лъай, тириял кверал, унтарасдехун гурхӏел, — ан.
Нури Нуриев