Рацӏцӏадал росаби – бацӏцӏадаб Дагъистан
Республикаялда тӏобитӏана Дагъистаналъулго росабаз гӏахьаллъи гьабураб субботник
Араб шамат къоялъ республикаялда тӏобитӏана Дагъистаналъулго росабаз гӏахьаллъи гьабураб субботник
Росдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министерствоялда март моцӏалдаго гьеб тадбир тӏолабго республикаялъул росабалъ тӏобитӏиялда бан ахӏараб данделъиялда гьаризе кколел хӏалтӏабазул чӏванкъотӏараб сияхӏ къабул гьабун букӏана ва щибаб районалда хадур министерствоялъул вакилзабиги щула гьаруна. Гӏамм гьабун хӏалтӏуе нухмалъи гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель, росдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. Субботник, росабалъ гуребги, тӏобитӏана гӏодоблъиялда ругел мугӏрузул районазул хъутабаздаги. Шамат къо тӏаде щвелалдего росун рукӏарал пихъил ва пихъил гурел аза-азар гъутӏбиги чӏун, гьеб къоялъ берцин гьаруна росабазул къватӏал, лъималазул ахал, спортивиял майданал, школал, гӏи-боцӏи хьихьулел бокьазда ва иццазда сверухъ бакӏал. Министрас, жидерго аппараталъул хӏалтӏухъабигун цадахъ лъугьун, жигараб гӏахьаллъи гьабуна Цӏияб Хушет росу сверун бакӏ берцин гьабиялъулъ.
Гӏ. Гӏабдулмуслимовас ракӏалде щвезаруна жамгӏияв хӏаракатчи Владимир Познерил «Россиялъул тӏабигӏаталдаса киналго цӏакъ чӏухӏула, амма гьеб цӏуниялъулъ гӏахьаллъи гьабула гьезул гӏицӏго цо проценталъ» абурал рагӏаби.
«Нилъеца ургъел гьабичӏони, гьелъул милат гьабулел чагӏи рукӏунаро. Гьединлъидал субботник гьабиялъул мурадги буго нилъерго ракь ясбер гӏадин цӏуни», — янги абун, байбихьана гьес хӏалтӏуде.
Росабалъ гьарурал хӏалтӏаби ана гӏуцӏараб къагӏидаялда. Аслияб жо — гӏолилазул тӏадкъараб ишалде бихьулеб букӏана гъира-шавкъ букӏин. Мисалалъе, Хунзахъ районалъул Бакьайчӏиб, Гӏараниб, Гӏобода, Тӏануси ва Хунзахъ росабалъ чӏана 1500 гъветӏ, кӏурана гъутӏби ва къватӏал чороклъиялдаса рацӏцӏад гьаруна. Гьеб киналъулъго, министерствоялъул управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏабдулаевгун цадахъ, гӏахьаллъи гьабуна районалъул бетӏер Зайдиев Нурмухӏамадицаги.
Хъумторхъала районалда нус-нус чияс гӏахьаллъи гьабуна гъутӏби чӏеялъулъ, райцентралда, Шамхал-Янгъиюрт, Темиргъой, Тюбе росабалъ къватӏал рацӏцӏад гьариялъулъ. Гьел хӏалтӏаби тӏоритӏана районалъул бетӏер Салим Токаевасул гӏахьаллъигун.
Гӏахъуша районалъул Муги, Гӏахъуша, Усиша, Хӏапшима росабазул нухазул рагӏаллъабазда, «Усишинский», «Сумена Курбанова», СПК «Тебекмахинский», СПК «Уйташский», СПК «Гулатинский» агрофирмабазда районалъул бетӏер Мухӏарамов Ахӏмадил ва министерствоялъул хӏалтӏухъан Исуев Зубайрил нухмалъиялда гъоркь чӏана 3000 гъветӏ, къватӏазда гьабуна рацӏцӏалъи, нахъе баччана рищни.
Буйнакск районалда лъабго къоялда жаниб чӏана 3000 гъветӏ. Гьеб тадбиралда министерствоялъул рахъалдасан гӏахьаллъана Гӏабдулзагьир Хӏусеновги.
Цогидазеги мисалияб къагӏидаялда хӏалтӏаби гьаруна Агъул, Гъуниб, Дербент, Цӏияблак, Цӏумада, Казбек, Хайдакъ, Гъизилюрт, Гъизляр, Нугъай, Чӏарада, Шамил районаздаги.
Тӏолгодагъистаналъулго росабазул субботник тӏобитӏи ккана цӏакъ лъикӏаб иш, санайилго такрар гьабизе бегьулеб тадбирлъун.