20 тонна рощнол бакӏарана
15 апрелалда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб данделъиялда «Рацӏцӏадал хӏаял» абураб федералияб проект нухда бачунев Гӏиса Рамазановас бицана республикаялда рищни батӏа гьабун бакӏариялъул къагӏидаялде гӏолилал ругьун гьариялъул хӏакъалъулъ.
«Проекталъул магӏна ккола хӏаязул кумекалдалъун экологияб акция тӏобитӏи. Гьелда рекъон, бищунго хехго ва бищунго цӏикӏкӏун рищни бакӏарараб къокъа бергьуна. Субботникалда рищни бакӏаризе гӏадамал хӏалица гьарун рачунел ратани, «Рацӏцӏадал хӏаязде» гӏолилал гъираялда рачӏуна. Хӏаязда гӏахьаллъизе бокьараз цебеккунго хъвай-хъвагӏайги гьабун букӏуна. Дагъистаналда гьеб проект хӏалтӏизе байбихьана 2017 соналда. Гьелъул хӏакъалъулъ дида тӏоцебе рагӏун букӏана Санкт-Петербургалда тӏобитӏараб гӏолилазул халкъазда гьоркьосеб форумалда. Дица гьелъул цӏех-рех гьабуна ва 2017 соналъул апрель моцӏалда тӏоцересел «хӏаялги» тӏоритӏана Махӏачхъалаялъул «Оазис» пляжалда», — ян бицана Гӏиса Рамазановас.
Тӏоцересел «хӏаязда» гӏахьаллъана 120 чи ва сагӏатгун бащдаб заманалда жаниб рищни-къулалъул 350 хъап бакӏарана гьез.
«Рацӏцӏадал хӏаял» гӏицӏго рищни бакӏари гуро, хӏаялъулъ гӏахьаллъулел гӏолилалгун цадахъ нижеца зарядка гьабула, флешмобал, экологиял викторинаби тӏоритӏула, тадбир лъугӏун хадур киналго цадахъ къадеги кванала», — ян бицана Рамазановас.
Хӏаялда бергьаразе спонсораз батӏи-батӏиял шапакъаталги кьола.
Дагьал церегӏан къояздаги тӏоритӏана «Рацӏцӏадал хӏаял». Республикаялда гьел «хӏаял» тӏоритӏизе байбихьаралдаса нахъе бакӏарун буго 20 тонна рощнол, ва «хӏаязда» гӏахьаллъун вуго 986 чи.
Патӏимат
Султӏанмухӏамадова