Орехово-Зуево шагьаралда, полициялъулаз вухун, хвезавуна Сулли Юнусилау

Гьев ккола ММАялъул кӏицӏул чемпион Мухӏамад Юнусилаул эмен. Полициялъулазин абуни гьев чӏвана, хӏакъикъаталдаги вухун хвезавун вугелъул, чӏванин абизе ккола, гӏадамазул берда цеве. Гьездасаги, ай «полициялъулаздасаги» лъутун аскӏоб букӏараб аптекаялде ворчӏарав Юнусилауца ахӏи балеб букӏана хӏакъикъияб полиция ахӏейилан. Амма хадурги рачӏун, жал полициялъулал ругинги абун, чӏвана гьез ригьалде вахарав чи.

Гьел чагӏи, ай чӏвадарухъаби полициялъул хӏалтӏухъаби кколин кинго абизе кӏолебги гьечӏо. Гьел руго нахъегӏанал угърашал, миллатчагӏи ва хӏинкъучал. Гьезие рекӏее гӏечӏеб къагӏидаха кавказалъуласул гьумер. Гьелъиеги батила гӏилла: щиб лъалеб, гьев лъабавго хӏалихьат армиялда гӏезегӏан инжит гьарун рукӏун ратизе руго кавказалъулаз. Гьанжейин абуни, ай чвантиниб лъезе удостоверениеги рачлихъ базе таманчаги щведал, гьел рукӏун ратиларищха къисас босулел ругин абун.

Гьединал лъугьа-бахъинал гӏемер дандчӏвана дидагоги. Москваялда, Кавказалъул халкъазул конгрессалъул инсанасул ихтиярал цӏунулеб централда хӏалтӏулеб заманалда, гӏезегӏан ккана нахъегӏанал къасдазул форма ретӏаразул квачӏикьа гӏоло-хъаби рахъизе.

Дида ракӏалде ккун букӏана Москваялдаги гьелда сверухъ ругел шагьа-раздаги гьединал ишазе цебего ахир лъун батилин. Амма дун мекъи вукӏун вуго. Ахир кин лъелеб, Кавказалдасаги Гьоркьохъеб Азиялдасаги рачӏараздехун бугеб рокьукълъи лъугӏун гьечӏеб мехалда ва гьезул чвантиниса кваназе хьулазда ругелги рукӏаго. Министрги вахӏшияб такъсир гьабураб областалъул полициялъул начальникги, кӏалдибе лъим босарал гӏадин, руцӏцӏун чӏун руго. Гьезие щибха, гьезда лъалелъул жидее мукӏураз жеги вахӏшиял такъсирал гӏемерал гьарураблъи. Гьелда релълъараб иш кавказалъуласухъа ккун букӏарабани, киса-кибего лъугӏи гьечӏеб ахӏи ба-хъинабилаан букӏараб жамгӏияталъ, телевидениялъ ва Интернеталъ. Цо улкаялда батӏи-батӏиял даражаялъул гӏадамалищ рукӏунел? Щайха гьеб миллатчилъиялъулаб унти кьолболъанго сах гьабулареб? Щай гьеб унтиялъ унтун бугеб Москваялъул ва Подмосковьеялъул полиция?

Гьеб суалалъе жаваб балагьулаго, ракӏалде бачӏана цо гьадинаб лъугьа-бахъин. 10 соналъ цебе ниж (РКНКя-лъул делегация) рукӏана Иваново шагьаралда. Милициялъул цо офицерасулгун харбида рукӏаго, гьес абуна: «Хӏалтӏул хӏалбихьи камил гьабиялъул курсазда цӏализе дица дирго хӏалтӏухъаби тӏокӏалъ киданиги ритӏизе гьечӏо Москваялде», — ян. Щайилан цӏехедал, гьес абуна дораса хӏалтӏухъаби тӏадруссун рачӏунила тӏубанго батӏияб гӏамал-хасиятгун, битӏахъе хисун лъурал чагӏи гӏадин. «Москваялъул курсал лъугӏараз байбихьула жидерго

хъулухъалдаса пайдаги босун тӏасанккарал жал гьаризе. Гьединал хӏалтӏудаса эркен гьаризеги ккола, цогидал хадур цӏачӏого рукӏине», — ян бицана офицерас.

Бихьулищха, цо идара, цого законал, амма хӏалтӏи гьабиялъул батӏи-батӏиял къагӏидаби. Аби буго ччугӏа бетӏералдаса байбихьун махӏцунин абураб. Гьеб битӏарабги буго. Москваялдаги гьелда гӏагарлъухъгилъидал улкаялъул аслияб бечелъи, ай гӏарац бугеб. Гьенирлъидал бищун гӏемер мигранталги рукӏунел. Ботӏрое дагьабниги жагъаллъи ккарасдаги кӏвелищха гьеб киналдасаго пайда босичӏого чӏезе.

РФялъул МВДялъул коррупциялде данде къеркьеялъул ва экономикияб хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул бетӏераб управлениялъул начальник Захарченкол яцалъул рокъоб ичӏго миллиард гъуруш батараблъи лъида лъалареб? Гьеле доб аздагьоялъул бетӏер. Ботӏроцаги гьединал жал гьарулеб мехалда рачӏчӏазда хьвагӏечӏогогӏаги чӏезе кӏвелищ?

Орехово-Зуевоялда ккараб лъугьа-бахъиналда бан РКНКялъ бажарарабщинаб гьабизе буго такъсирчагӏи мустахӏикъаб тамихӏалде цӏазелъун ва хӏаракат бахъизе буго гьединал ишал жамгӏияталъул бербалагьиялда гъоркь чӏезаризе.

Денга Халидов,

РКНКялъул председателасул заместитель,

ДРялъул Жамгӏияб

палатаялъул член