Берцӏодор

Гьеб къоялъ Къебедидаги Гӏайшатидаги бищун къокъаб моцӏ щибали цӏехон букӏарабани, гьез ургъичӏого жаваб кьезе букӏана гьаз ригьин гьабураб моцӏ бугилан. «Гьацӏул моцӏ» байбихьун ункъо моцӏидасан гурони, гьелъие цӏияб, ай чӏухӏдае ретӏунеб гурде къваригӏинчӏо. Гьей Къебедгун цадахъ, гӏагараб техникумалъул студентаз ва преподавательзабаз данде гӏарацги рехун, жиндие босараб крепдешин ххамил къотӏелги къвалакь ккун, общежитиялда кьураб рокъоса къватӏие яхъана. Гьал унел рукӏана руччабазул вукъарухъан Гьерелмуртихъе.

Гьеб къоялъ Къебедида ракӏчӏун лъалаан жиндир лъади дунялалда бищун берцинай гӏадан йикӏин, Гӏайшатилги щибго щаклъи букӏинчӏо жиндир рос бищун гӏакъилав ва сахаватав чи вукӏиналда.

Гьел Гьерелмуртил кӏалтӏе щвана ва, гӏемер ургъичӏого, нуцӏил цӏумуралда тӏад килищ цуна.

— Гьаа! – ян ахӏун жаваб гьабуна, гьезие нуцӏа рагьулаго, вукъарухъанас. – Гьале ахир-къадги нуж рачӏана. Вукъарухъан вугоан, гӏакълуялдасаги арав, жиндирго музыкаялъ гӏинкъги гьавураб заманалъ машгьурав композитор Людвиг ван Бетховенил художниказ бахъараб цӏакъго херлъараб сураталда релълъарав чи.

— Дуда бихьулищ, Римма? – ян кӏалъалев вукӏана Гьерелмурт лъидаялиго, рокъове жанивехунги валагьун. – Дуда лъазе бокьун батани, гьал руго клиентал! Кин букӏаниги, рачӏана гьал! Мун гурищ йикӏарай ункъо соналъ цебе дица мадам Гӏалиевалъе гурде букъаралдаса, бетӏер бугев чи тӏокӏалъ дихъе вачӏунарилан!

— Ниж духъе гурде букъизе рачӏун руго,- ян байбихьана Къебедица. – Нижеда абуна…

— Рагӏанищ, Римма?! – ян гӏолохъанчиясул рагӏаби гьоркьор къотӏизаруна Гьерелмуртица. – Гьаз абулеб буго гурде букъизейилан – гьелъул иш тӏубалев чи дун гурищ кколев. Аллагьасе рецц! Лъугӏун гьечӏо ракьал-

даса саламатал гӏадамал. Дунни вукӏана киназулго бетӏер сверун батилин. Батӏияб жо рагӏуларо «Карден!», «Диор!», «Легерфельд!»… Щив кколев гьев Легерфельд, дица нужеда гьикъулеб буго? – ян абула ццинбахъарав гӏадин лъугьун Къебедида тӏаде къана вукъарухъан. – Кӏудияб иш — гьес ингилисазул къиралалъе букъулеб рагӏула! Дагӏба гьечӏо, дурго гӏолохъанай лъади гьабсагӏат ингилисазул херай къирал гӏадин йихьизе бокьани, мунги ине бегьула Легерфельдихъе!

— Нужерго талихӏ буго гьеб! – гьанже Къебед гӏодовевиччазавизе гӏадин кӏалъана вукъарухъан. – Щайин абуни Легерфельдица гӏадин кинаялиго ингилисазул къирал гурей, унго-унголъунги къирал гьаюн бажарула дихъа дур лъади. Унго-унгоги берцинай бикаха гьебмехалъги! Гьанже хӏалтӏуде лъугьинин… Амма байбихьуда ахирисеб суал: нужеда лъалищ щибжо кколеб гурде? Руцӏцӏа! Жаваб кьечӏогоцин лъикӏаб букӏина. Гьабсагӏат нужеца абула: руцӏцӏ-руцӏцӏарал ххамил чӏалал, вытачкаби, оборкаби… Гьадингоясеб жо! Гьеб жаваб данде ккезе бегьула Легерфельдие. Гурде – гьеб батӏияб жо ккола. Гурде, гӏолилав, гьеб бищунго цебе, чӏужугӏаданалъул «лъикӏал гьечӏел» бакӏал рахчулеб, ва «лъикӏал бакӏал» рихьизе тӏамулеб ххамил кесек ккола. Дуда дир пикру бичӏчӏанищ? Телин, чӏужугӏаданалъул берцинал бохдул руго. Гьебмехалъ нилъеца гьелъие букъула къокъаб гурде, ва гьелдалъун нилъ «бергьуна». Ялъуни, гьелъул сурарал бохдул ругони, амма каранзулъа берцинай йигони, нилъеца букъула халатаб гурде ва берцинаб логолъ балагьула «бергьенлъи». Гьединал ахир гьечӏел балъголъаби руго рукъарухъанлъиялъул. Амма жакъасеб ахӏвал-хӏал босани, – вукъарухъан кӏвар кьун валагьана Гӏайшатихъ – дида ккола нилъеца кинабгӏаги лага цебе рехиларин, лъикӏаб букӏина цӏакъ…, горбодаса хӏатӏиде щвезегӏан бахчараб гурде букъани!

— Тӏубанго черх бахчарабищ? — ан мацӏ барав гӏадинцин лъугьана Къебед. – Гьедин батани, кинаб логодаха нилъеца «бергьенлъи» босизе бугеб?

— Ххамил сураталда! – ян вохун ахӏана вукъарухъанас – Гьеб нужеца бачӏараб ххамида ругел гӏурччинаб ахикь цӏакъ берцинал багӏарал хӏанчӏи рекъон ккелин тола дица! – Босун жиндирго вукъарухъанасул роценгун, гьев жигаралда лъугьана Гӏайшатил лугбал рорцине ва жиндирго басрияб блокноталда хъвай-хъвагӏаял гьаризе.

— Чӏая, чӏая, — ян абуна Къебедица, — дида щибго бичӏчӏулеб гьечӏо! Дуца рикӏкӏунеб буго гьаниб щибго цебе рехизе жого гьечӏиниланищ? Мисалалъе, росани, бохдул… Щиб дуе гьаниб рекӏее гӏолареб жо? Гьел цӏакъго тӏереналищ ялъуни хӏатталдаса ун риццаталищ ругел?

— Гьел суалазул магӏна щиб? … – ан жаваб кьуна вукъарухъанас, гьабулеб хӏалтӏудаса берцин борхизабичӏого. – Гьелъулъищ иш бугеб? Бохдул рукӏине бегьула тӏереналги риццаталги. Батӏи-батӏиял руччабазул батӏи-батӏиял рукӏуна бохдул. Гьеб лъикӏги буго. Амма квеш букӏуна цо чӏужуялъул батӏи-батӏиял бохдул ругеб мехалда…

— Щибилая, щибилая? – ян абун бичӏчӏуларого лъугьана Къебед.

— Рачӏа гьаниса нахъе рилълъине, – ян абун юссун ячӏана Гӏайшат росасдехун.

— Чӏая, чӏая цо, — ян лъадиялдаги абун, цӏидасан вукъарухъанасде тӏаделъана Къебед. – Хӏурматияв, дуца абулел рагӏабазул магӏна щиб? Кин гьел батӏи-батӏиял рукӏине рес бугел?! Кир гьел ругел?!

— Мунго лъикӏ валагье, — ян жаваб гьабуна вукъарухъанас. – Вахӏ, дуда бихьулеб гьечӏищ, дур гьайбатай лъадул кваранаб бох квегӏалдаса гӏезегӏан жаниб цӏураб букӏин. Гьеб… ччорбахараб буго.

— Ва, букӏунги буго, — ян лъикӏ валагьана Къебед. – Гьалъул магӏна щиб, Гӏайшат? Щай дуца гьеб дида бицинчӏеб?

— Щибин гьеб бицинеб? – иланги абун, багӏа-бакарлъун лъугьана гьей. – Дун, школалда цӏалулеб мехалъ, эхеде кӏанцӏулаан. Спорталъул рахъалъ класс цебеккезабулебин йикӏанаха. Кваранаб бохалде кколаан аслияб къагӏидаялъ хӏал.

— Гьелеха, – ян абун, жиндирго рагӏи бергьиналдаса чӏухӏун гӏадин кӏалъана вукъарухъан. — Дица абичӏищ! Квегӏаб гьелъул, гӏадамасулалда релълъараб, букӏине кколеб куцалда дурусаб буго. Кваранаб –хӏалщвараб букӏин бихьулеб гьечӏищ. Гьеб гьедин тезе бегьуларо, гьеб гӏунгутӏи чара гьечӏого бахчизе ккола!…

— Рази вуго, — ян абуна щиб бицинебали лъаларого хутӏарав Къебедица. – Керен?

— Гьебги гӏунгутӏи ккола.

— Щибя – гьебгийищ? Щай? Дида гьелъул гӏаксалда ккола гьениб бажарилин … дуца абухъе «бергьенлъи» босизе… Дида кинго бичӏчӏуларо, щай каранзул мухъги тӏубан бахчизе кколебали?

— Балагьея, гӏолилав, — ан гӏодове виччан абуна Гьерелмуртица, — дир бакӏалда вукъарухъан гурев, скульптор вукӏаравали, гьес дуда абилаан, керен рагьилалде цебе гьеб гьениб «букӏинабизе» ккелин. Ракӏалде ккола, нилъеда цебеги гьебго масъала бугин. Дур ракӏбакъваге расги! Гьебги щиб суал – керен-бетӏер! Дуда бичӏчӏа, инсанасул пикруялда щибго гьечӏелъубги бокьараб жо бижизабун бажарула. Гурде карандаса махщалида буцӏцӏинабуни, тӏабигӏаталда кӏочон тараб, нилъер гӏадинаб цӏанбитӏараб бакӏалдацин бокьарав бихьинчи ур-хъилеб «бечелъи» бижизабун бажарула.

Гьединалго нухал ратизе бегьула чорхол лугбазе гуребги гьурмадуеги. Дида кидаго квеш букӏун букӏуна бакъбаккул модельераз ургъизегӏанищ паранжа тезе…

— Щиб гьалда паранжа ретӏине кколин абулеб мехищ дур гьеб? – ан хӏинкъун лъугьана Къебед

— Дица гьедин абичӏогури.

— Къебед, — ан абуна Гӏайшатица, – рачӏа гьаниса нахъе рилълъине.

— Гьанже чӏая цо! – гьоркьой къотӏизаюна гьей росас. – Дида лъазе кколарищ, бичӏчӏизе кколарищ.. Гӏенеккия.. э..э… кӏочана дур цӏарги… каранзул бицаралда дуца дун божизе гьавуна… Гьанже дидагоги бихьулеб буго… Нилъеца хӏалбихьани чергеслъи бихьизабизе?

— Кин гьеб? – борхизабун ризаб кьенсергун, валагьана вукъарухъан. – Дуда щиб ракӏалде ккараб, щиб бакӏ дуда цеберехизе пикру ккараб? — янги абун, вукъарухъан мухӏканго гӏолилалъул чергеслъи бихьизабизе кколел лугбузухъ валагьана

— Щай гьеб, бегьуларищ щиб гьабунги гьеб мухъ цеберехулеб куц гьабизе… Масала, кинаб бугониги вытачка лъезе…

— Бегьула, щай бегьулареб, — ан абун тӏад рекъана вукъарухъан. – Амма дуца бихьизабе киб бугеб гьеб цеберехизабизе кколеб лагаяли. – Лъикӏаб букӏинаан, гӏантал гӏакълаби кьун, дир бетӏер сверизабичӏого чӏолевани мун. Дуде кколеб хӏалтӏи дуца гьабун буго. Дуца гьай лъадилъун ячун йиго. Гьелъ бицунеб буго дуца гьай дунялалда бищунго берцинай гӏаданлъун рикӏкӏуней йикӏин. Дир масъала буго гьелда жеги цо чанго чи божизави. Мунги, берцинай, «вилълъа, гьаниса нахъе вилълъаян» йикӏинчӏого, сабруялда чӏани, лъикӏ букӏинаан. Бокьун бугищ берцинайлъун йикӏине – хӏехье! Жакъа гьабулеб хӏалтӏи лъугӏана, борцине рачӏа ункъо къоялдасан.

Ункъо къоялдасан вукъарухъан Гьерелмуртида Къебедги Гӏайшатги дандчӏвана болъодухъ. Гьесул берал кенчӏелел рукӏана.

— Баркула нужеда, гӏолилал! – ан ахӏана гьес. – Дун кьижичӏо лъабго сордоялъ. Лъалищ нужеда, сунде нилъеца тӏадчӏей гьабизе бугебали. Ххамил расен гуребги, буго гьениб «бергьенлъи» босизе кӏолеб цоги бакӏ. У, дица бицунеб буго бохдузул! Киналго бохдузда гуро. Кваранаб нилъер хӏалккараб бугониги, квегӏаб – гӏадамасул гӏадаб бугелъул. Гьединлъидал гьеб рахъалъан гурдеялда къотӏел гьабизе бегьула нилъеца мачӏчӏудул бакьулъа бахъараб чӏабаралде щвезегӏан. Бичӏчӏулеб бугищ нужеда?

Гьанже цебечӏезабе гьадинаб сурат: бакъул къо, мун лъадигун цадахъ къотӏносан унев. Гьелда тӏад цӏияб гурде, зама-заманалдасан гурде рагьун, цебе бачӏунеб квегӏаб бох. Киналго рази руго! Сверухъ ругезда бихьулеб буго дур лъадул берцинаб квегӏаб бох, мунги рази вуго – гӏадамазда бихьулеб гьечӏо гьелъул кваранаб бох. Гьеле талихӏ!

— Батизеги бегьула, – ян загӏипаб разилъи загьир гьабуна Къебедица.

— Рагӏулищ, Римма! – ян ахӏана вукъарухъанас рокъобе жанибехун. – Гьав жеги сантӏарилев вуго…

Чанго къоялдасан Гӏайшат жийго ячӏана гурде босизе. Цеве гӏадин гьалда цадахъ Къебед вукӏинчӏо.

— Кивха вугев дур хӏурматияв рос? – ан гьикъана Гьерелмуртица.

— Ниж ратӏалъана, – ян щакърахана Гӏайшат. – Къебедида лъалеб букӏун гьечӏо дир гьалгощинал гӏунгутӏаби рукӏин.

— Вахӏ, балагьеха бихьизе! … – ян абуна вукъарухъанас, гьей жаниехун ахӏулаго. Гьеб жеги лъикӏ, — ян абуна вукъарухъанас, гьелда тӏад ретӏараб цӏакъ рекъараб гордеги битӏа-бишизабулаго. – Битӏараб бицани, дур гьев вукӏарав рос дие вихьаравго рекӏее гӏечӏо. Нижеда, руччабазул рукъарухъабазда, гьединаб жо бер речӏчӏарабго батӏабахъизе лъала. Балагье, унго, гӏунгутӏабийила. Дуе жеги анцӏила микьгоцин сон батиларо. Цо-кӏиго соналъ эхеде кӏанцӏуге, кӏиябго бох цоцада релълъарал лъугьуна. Керен-бетӏер, гьеб щиб суал. Мун дида божа, цо заманалдасан гьел гӏунгутӏаби ралагьизеян лъугьаниги, ратизе гьечӏо дуда. Битӏараб бицани, ниж бихьинал, руччабазул берцинлъиялдаса бер гӏорцӏуларого рукӏуна. Рокьизе абуни нижее нуж рокьула батӏиял гӏиллабаздалъун … лъаларо сунду-хъали. Батизе бегьула нужер гӏунгутӏабазухъцин. Дир Риммалги гьел гӏунгутӏаби кигӏанги гӏемер руго. Гьелъ батизе бегьула гьей дие лъай-хъвай ккараб тӏоцебесеб къоялъго гӏадин йокьулейги, гьей дунялалда гьечӏелдаса анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун сон аниги.

— Кин.. дунялалдаса аниги? — ян гӏажаиблъана Гӏайшат. – Щивгун гаргадилевха мун вукӏараб доб къоялъ?

— Гьейгунха. Щивгун дун кӏалъалев жеги? Лъалищ, гьебха дие дуда абизе бокьун букӏараб дур вукӏарав росасул хӏакъалъулъ. Бихьинчиясе чӏужугӏадан йокьулей йигони, гьейгун гьев ватӏагьавизе кӏолеб гӏунгутӏи букӏунаро, хвалдацин кӏоларо гьел ратӏа гьаризе. Дун гӏадав бетӏер сверарав Гьерелмуртил хӏакъалъулъ бицинего ккелищ… Ва, Римма, дица битӏараб абулеб гьечӏищ? Рагӏулищ, гӏенеккун чӏана, щибго жо абичӏо данде. Гьелъул магӏна ккола дица абулеб жоялда гьей рази йикӏин.