Этнографиялдаса унго-унгояб миллияб политикаялде

2019 соналъул 20 апрелалда Москваялда, РФялъул Жамгӏияб палатаялда тӏобитӏана Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалъул (РКНК) IV съезд

РКНК гӏуцӏана 2007 соналъул 25 марталда тӏобитӏараб Россиялъул Кавказалъул халкъазул вакилзабазул тӏоцебесеб съездалда. Гьелдаса нахъе гьеб жамгӏияб хӏаракаталъ жигар бахъулеб буго регионалъул халкъазул масъалаби тӏуразаризе. Гьелъ ракӏбохизабула дир, щайгурелъул гьелъие кьучӏ лъуразул цояв дунги кколелъул. Гьеб ишалда гьор-

кьоре лъугьаразда гъорлъ рукӏана: гьабсагӏаталда Болгариялда гӏумру гьабулев меценат ва жамгӏияв хӏаракатчи Гъизилюрталдаса Гъазияв Гъазиявовги (гьесда абула Питерскиянги), гьабсагӏаталда Россиялъул муфтиязул советалъул председательлъунги Стратегиял пикрабазул халкъазда гьоркьосеб централъул генералияв директорлъунги вугев Гӏахьвахъ районалъул Гӏанчихъа Ахӏмад Азимовги (гьесго нухмалъи гьабула РКНКялъул Москваялъулаб отделениялъеги) ва цогидалги.

РКНК гӏуцӏун букӏана лъайкьеялъулабгун социалияб рахъалъ гӏолилазе насихӏатал кьолеб ва, миллатазда гьоркьосел конфликтал ккунгутӏиялъул мурадалда, бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏиги гӏуцӏулеб, гӏолилазул ихтияралги цӏунулеб идара хӏисабалда. Доб заманалда Россиялда тӏегьалел рукӏана ультранационализмги фашизмги, гӏемер хӏакъир гьарулаан «Кавказалъул куц-мухъалъул гӏадамал».

Чанги иш рагӏалде бахъинабуна РКНКялъул хӏаракатчагӏаз, гӏезегӏан хӏалтӏи хутӏана кагътидаго. Амма нижехъа бажарана Москваялъул хӏукуматалъулги, РФялъул президентасул администрациялъулги, РФялъул МВДялъулги пикру хисизабизе ва гьел нижер гӏуцӏиялъухъ гӏенеккизаризеги. Гьал мухъазул автор чанцӏулго гӏахьаллъана рехсарал идарабазда гӏуцӏарал тадбиразда.

РКНКялъул букӏана захӏматаб нух. Гьеб чӏаго хутӏизабизе къеркьана Чачаналдаса этнографиял гӏелмабазул доктор, профессор Асламбек Паскачев. Гьанжеги гьев вищана нижеца РКНКялъул Тӏадегӏанаб советалъул председательлъун. Гьеб ккола РФялда гӏумру гьабулел Кавказалъул халкъазул нусгогӏанасев вакиласдаса гӏуцӏараб мини-парламент. Гьелда гъорлъ руго Россиялъул къадруял кавказалъулал: чӏахӏиял чагӏиги, гӏолилалги, гӏалимзабиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги (РКНКялъул регионалиял отделениязул нухмалъулел).

Жигараб хӏаракат гьабуна гьеб ишалда Гъарачай-Чергесиялдаса Гӏалий Тоторкуловасги – Кавказалъул щибаб халкъалъул вакил гъорлъ вугеб РКНКялъул президиумалъул председателас. Исана тӏобитӏараб съездалъ президиумалде вищана 26 чи. Гьелда гъорлъ руго: Нугъаязул миллиябгун маданияб федералияб автономиялъул председатель Казмухӏамад Янбулатов; машгьурав тележурналист ва Дагъистаналъул жамгӏияв хӏаракатчи Руслан Гусаров (гьев президиумалде вищана пуланаб халкъалъул вакил хӏисабалда гурев, оргкомитеталъул квотаялда рекъон); Москваялда гӏумру гьабулел цахуразулги табасараназулги вакил, психолог ва рагъулав таржамачи, «Школа здравого смысла» абураб идараялъул ректор Александр Ибрагьимов; Россиялъул гӏелмабазул академиялъул (РАН) Дунялалъул адабияталъул институталъул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор, лъарагӏазул вакил Казбек Султанов; РФялъул Жамгӏияб палатаялъул председателасул заместитель, РФялъул культураялъул министрасул гӏакълучи Михаил Лермонтов (гӏурус-хъазахъ общинаялъул вакил); Лезгиязул миллиябгун маданияб федералияб автономиялъул (ФНКАЛ) исполкомалъул председатель Хӏусен Шахпазов. Вищана президиумалде дунги, председателасул заместительлъун.

Хӏажат бугищ РКНК?

Рехсараб хӏаракат чарагьечӏого хӏажат буго, щайин абуни:

1. РФялъул регионазда гӏумру гьабулеб буго нилъер ракьцояз гуребги, Севериябгун Югалъулаб Кавказалдаса аза-азар чияс. Гьезул масъалаби тӏуралеб идара буго РКНК.

2. РКНКялъухъа гӏемераб жо бажарула, гӏаммаб пикруги гъираги бугони. Гьединал, ай цогояб пикруялъул рахъкколел, кавказалъулал рукӏин бихьизабуна ункъабилеб съездалда гьарурал гара-чӏварияз (гьениб 80-ниги чияс кӏалъай гьабуна). Северияб Кавказ хӏалуцинабизе къваригӏараб къуват букӏиналъул хӏакъалъулъги бицана съездалда ва хӏукму гьабуна, республикабазда гьоркьосел гӏорхъабазул ва цогидал конфликтазул масъалаби тӏуралеб мехалда чарагьечӏого хӏалтӏизабизе халкъияб дипломатия. Щайгурелъул Росреестралъ, ракьул гӏорхъабиги гьелъул багьаги чӏезариялъул хӏакъалъулъ документал хӏадурулаго, хӏисабалде босун гьечӏо миллияб суал. Цо-цо экспертаз абулеб буго, гьеб гьабун бугин ургъунго, ай Кавказалда халкъазда гьоркьосел бухьенал хӏалуцинариялъул мурадалдаян абун. Гьединаб тунка-гӏуси ккезе биччангутӏизе хӏукму гьабуна съездалъ.

Гьабуна цоги хӏукму: РКНКялъул вакилзаби рахъинаризе федералиял министерствабазулги улкаялъул регионазул Жамгӏиял палатабазулги жамгӏиял советазул членаллъун.

3. Информациялъулаб рахъ камил гьабизе: гӏемерисезда лъаларо гьединаб тӏолгороссиялъул хӏаракат бугеблъицин.

Улкаялъул цебетӏеялда жакъа буго хӏалуцараб хӏал. Съездалъул трибунаялдаса дица абуна, Кавказалда тӏобитӏулеб миллияб политика букӏине кколин гьелъул некӏсияб тарихалдеги цивилизациялдеги рекъонкко-

леблъун; «цӏияб ермоловщинаялъул» бакӏалда (масала, гӏорхъаби чӏезариялъулъ къуватгун хӏилла-рекӏкӏ хӏалтӏизаби) Россиялъул Кавказалда тӏобитӏизе кколин пушкинизациялъулгун лермонтовизациялъул политика (ай мугъчӏвазе ккола гуманитариял технологиязде), экономикияб цебетӏеялъулгун инвестициязулаб политика (гьелъие мисалал: Стиб Джобс ва гьоркьохъел гӏасрабазул машгьурав гӏурус купец Афанасий Никитин). Дир гьеб пикруялъул рахъккуна съездалъул гӏахьалчагӏазги. Бокьана гьезие «Федерациялъул миллияб политикаялда этнографизациялъулги шоуменазулги къагӏидаби хӏалтӏизариялдаса инкар гьабизе ккола» абураб пикруги. «Ниж копол ясикӏаби гуро, миллияб парталги тӏадретӏун, чидае берцин рихьизе абун, къватӏахъ свердизе. РФялъулги Москваялъулги хӏукуматал къватӏире рахъе абе цин миллияб парталги ретӏун, нижецаги гьединго гьабила», — янги бицана дица.

Миллияб политика кколаро кучӏдул ахӏиги кьурдиги, «лезгинкаги» «частушкабиги». Гьеб ккола халкъалъул гӏумруялъул гъварилъуда цӏунараб кьучӏ. Кьочӏоде кьватӏел ккани, тӏолабго гӏумру кӏалагъоркье чӏвала. Гьединлъидал миллияб политика букӏине ккола цӏакъ цӏодорго тӏобитӏулеблъун. Ункъабилеб съездалъул пикруялда рекъон, хӏаракат гьабизе ккола Северияб Кавказалъул халкъазул гӏумру батӏияб рахъалдаса борцинеги бичӏчӏизеги. Аслияб масъала буго халкъазул мацӏал цӏуниги, халкъазда гьоркьосеб гьудуллъи-вацлъиялде рагӏад рехунгутӏиги, гӏадамазул гӏумруялъе шартӏал гӏуцӏиги.

РКНКялъул нухмалъиялда – магӏарулал

РКНКялъул президиумалда вуго 26 чи, гьезда гьоркьоса микьгояв вуго дагъистанияв. Тӏадегӏанаб советалда – 100-гӏан чи. Гьезда гьоркьор руго Сайгидпаша Гӏумахановги – Магӏарул миллиябгун маданияб автономиялъул президент, Гӏали Камаловги – «халкъалъул къадруял вакил» абураб квотаялдаги, РФялъул Журналистазул союзалъул секретарьги ва «Кавказалъул рукъ» абураб регионазда гьоркьосеб жамгӏияб гӏуцӏиялъул президент вукӏин хӏисабалдеги босун.

«Гӏолилазул гӏуцӏабазул лидер» ва «РКНКялъул регионалиял отделениязул нухмалъулел» абурал квотабазда рекъон, Тӏадегӏанаб советалда вуго щугониги магӏарулав: Хӏажи Гӏабдулкаримов (Свердловск область), Гӏалихан Аварский (Приморский край), Гӏали Шарапудинов (Астрахань); Хӏабиб Мухӏамадов (Липецк область) ва цогидалги.

Денга Халидов,

РКНКялъул председателасул заместитель,

ДРялъул Жамгӏияб

палатаялъул член