Умумузул нухккун вачӏарав
Кив хӏалтӏаниги, жиндирго сахаватал лъалкӏал тана гьенир Шамилица
Тӏоцебесеб октябралда Магӏарул театралда тӏобитӏана Шамил Мухӏидиновасул адабияталъул сордо. Щивха кколев Шамил Мухӏидинов? Хунздерил тӏалъиялде рахунелъул, тӏоцебе батулеб Бакьайчӏи росулъа жамгӏияв хӏаракатчи, учитель, журналист, гӏалим, шагӏир. Рагӏул устарзабаздалъун бечедаб Хунзахъ районалъул шагӏирзабазул кьерда мустахӏикъаб бакӏ ккола гьесги. Кив хӏалтӏаниги, жиндирго сахаватал лъалкӏал тана гьенир Шамилица. Гӏагараб росдал школалда директорлъун хӏалтӏулаго, гьес школалъул азбаралъуб гьабуна Бахӏарзазул аллея. Рагъдаса руссинчӏел росуцоял ракӏалдещвеялъе гьенир чӏана махил гъутӏби. Гьанже ах берцинлъун, дагьабги кӏодолъун буго. Гьенибе жанибе гали лъурабго, рагӏула махил гъутӏбузул шуршур. Гьез цӏидасанги бицуна бахӏарчиго хварал васазул къиса.
Хӏалтӏана Шамил Мухӏидинов районалъул газеталъул бетӏерав редакторлъун. Рижана гьенир цӏиял гьурмал. «Рузман къоялъул вагӏза» букӏана дин цӏилъулел дол соназда щибаб рокъобе щвараб багӏарбакъ гӏадаб лъугьа-бахъинлъун. Газеталде хъвадаризе рес щвана лъималазеги.
Махӏачхъалаялда педагогикияб университеталда ва теологиялъул институталда хӏалтӏулелъул, хӏадур гьаруна школазе гӏараб мацӏалъул тӏахьалги.
Магӏарул «Хӏакъикъат» газеталда жеги «чӏаго буго» Шамил Мухӏидиновас гӏисинал цӏалдолезе рагьараб «Бурутӏ» гьумерги.
Адабияталъул сордоялъ магӏарулалгун дандчӏвана Шамил Мухӏидинов — шагӏир. Тадбиралъул байбихьуда киназго сапар бухьана хунздерил тӏалъиялде. Гьитӏинабго видеороликалъ бицана шагӏирасул гьитӏинаб ватӏаналъулги гьесул лъимерлъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьеб кинабго бихьизабиялдаго цадахъ, гьесул кучӏдул цӏалана Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Хирамухӏамад Хирамухӏамадовас:
Дие насиблъараб, дун лъимерлъараб,
Лъай-гӏакълу дий кьураб бекьечӏдерил ракь.
Дие хиралъараб росдал жамагӏат,
Тӏезе виччаге дун дур черхалдаса…
Шагӏирасда баркана ва гьесул хъвадарухъанлъиялъул хӏакъалъулъ цӏалдолезе бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас, шагӏир Залму Батировалъ, ДНЦялъул ИЯЛИялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовас, профессор Мансур Зайнулгӏабидовас, росуцояз, цӏалдохъабаз, Бакьайчӏи росдал школалъул директор Патӏимат Хӏадисовалъ, Гӏарада гьоркьохъеб школалъул учитель Гӏарапат Гьудовалъ ва цогидазги. Гӏарада ва Бакьайчӏи школазул цӏалдохъабаз цӏалана шагӏирасул кучӏдул. Гьесул рагӏабазда мавлид ахӏана Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Хӏамзалав Хӏамзаловас. Гӏенеккаразе лъикӏаб асар гьабуна бекьечӏдерил лъималазги, Гъизилюрт шагьаралдаса Сарат Мухӏамаевалъул цӏалдохъабазги ва жийго учителалъги рикӏкӏарал Шамил Мухӏидиновасул кучӏдуз. Гьесул поэзиялъе тӏадегӏанаб къимат кьуна тумазул шагӏир Хизри Илясовас. Гьесго тумазул мацӏалдеги руссинарун руго Шамилил кучӏдул.
Цӏалана шагӏирасги жиндирго кучӏдул. Гьезулъ рагӏулел рукӏана гӏагараб ракьалдеги лъикӏал гӏадамаздеги рокьиги, миллат дунялалда рагӏизабурал гӏадамаздаса чӏухӏиги, бидуца ва къалмица бечедаб тарих хъварал магӏарулазул тӏадегӏанлъиги. Ракӏунтун бицунеб букӏана шагӏирас билараб намусалъулги, тӏагӏараб гӏаданлъиялъулги, гӏаданлъи гьечӏолъиялъул савуялъ чӏурхӏун лъолеб бугеб гӏумруялъулги хӏакъалъулъ. Гӏемераб жоялъул пикру гьабизе тӏамуна шагӏирас. Гьесул гьунаралъ гӏенеккаразда цебелъуна аслияб суал: инсанасул гӏумру берцинлъизе бищунго къваригӏунеб намусалъул багьа учузлъиялъе гӏилла щиб?
Тадбиралъул ахиралда «Хунзахъ» гӏуцӏиялъул председатель Ахӏмад Хӏусеновас киналго ахӏана театралъул жанахӏалде мугь квине.
Гьеб букӏана магӏарул адабияталъулги маданияталъулги унго-унгояб сордо — гӏагараб каламги, умумузул квенги, цоцаздаса рохарал гӏадамалги.
Хӏадур гьабуна Шамай Хъазанбиевалъ.