Гӏорцӏарабги рахӏатабги гӏумруялъ кидаго гуро лъикӏалде рачунел
Интернеталдаса пайда босизе рес щваралдаса нахъе гӏемерисезул гӏадатлъун лъугьун буго тохтурасул малъа-хъваязул бакӏалда интернет-сурсатал хӏалтӏизари. Хӏалакълъизе бокьани къаси анлъго тӏубаралдаса нахъе кваназе бегьуларин, пихъ цӏикӏкӏун квине кколин, пиринчӏул лъим гьекъейин Интернеталдасан бокьа-бокьарав чияс гьарулел малъа-хъваязухъги гӏенеккун, цо-цояз жидерго сахлъиялъе зарал гьабула. Цо-цояз, хӏалакълъизе бокьарал гӏадамалги махсараде ккун, Интернеталъул кумекалдалъун лъикӏаб бетӏербахъи гьабулеб буго. Хӏалакълъизе гьекъолел хасал дараби ричулел сайталги гӏемер ратула гьенир. Цо-цо дандчӏвала кваналеб мехалда лъим цӏикӏкӏун гьекъеян малъулел диетологалгицин.
Кьаралъиялъ инсанасул сахлъиялъе зарал гьабизеги бегьула. Медицинаялъ кинал ресалха рихьизарун ругел кьаралъиялде данде? Гӏалимзабаз гьеб рахъалъ гӏемерал цӏех-рехал гьаруна. Тохтурзабаз малъулеб диетаги соналдаса соналде хисулеб буго. Интернеталдаса босараб рецепталда рекъон хӏалакълъаниги, гьединал къагӏидабаз сахлъиялъе зарал ккезеги бегьула. Кьаралъиялдаса цӏунулаго гӏадамаз сахлъиялъе зарал кколел гӏемерал гъалатӏал гьарулел ругин абулеб буго гӏалимзабазги. Кинал гъалатӏаздасаха нилъ цӏунизе кколел?
Овощал гӏемер кванай –
кванирукъалъе гӏакъуба
Цо-цо диетологазул гӏадатлъун букӏана хӏалакълъизе бокьараз кваналеб кванил калориял рикӏкӏунеб. Дагьаб къадаралда гурони килокалориял кьоларел нигӏматаллъун овощал рикӏкӏуна, гьединлъидал овощал кванан диета гьабула цо-цояз. Амма гьеб къагӏида хӏалтӏизаби гӏалимзабаз мекъаблъун бихьизабула. Махщел бугел ва жидерго иш лъалел диетологаз жидехъе кумек гьарун рачӏарал гӏадамаз кунеб кваница кьолеб энергия рикӏкӏунаро. Щайгурелъул щивав чиясул квен бихӏинабиялъул хехлъи (метаболизм) батӏи-батӏияб букӏуна. Хӏалакълъизе кумек гьабула цо кинал рукӏаниги хасал нигӏматаз гуреб, гьеб къваригӏел гьечӏеб кьаралъи лъугьиналъе гӏилла тӏатинабизе кӏвани. Кьаралъиялъе 50 батӏияб гӏилла букӏине бегьула.
Цо-цояз хӏалакълъизеян кваналеб гӏурччинлъиялъулъ (хъапустӏан, сельдерей ва цогидалги овощазулъ) аслияб къагӏидаялда букӏуна клетчатка. Амма гьеб инсанасул кванирукъалъе захӏмалъула бихӏинабизе. Овощал гӏемер кваналел ругони, кванирукъалъур ва бакьазухъ рукӏунел пайдаял бактериязухъаги гьезде дандечӏун бажаруларо. Гьелъул хӏасилалда чехь гьорола, къвакӏула, унтула, гьурал лъугьуна, риххел щола. Гьеб хӏал тӏадеги хӏалуцуна, бихӏинабизе захӏматаб нигӏмат — хъапустӏан кваналеб бугони.
Витаминал ва микроэлементал гъорлъ ругел овощал хӏажат руго квен бихӏиналъул рахъ рукӏалиде ккезабизе. Амма цӏакъго цӏикӏкӏун гӏурччинлъи ва овощал кванаялъ сахлъиялъе зарал гьабизе бегьула. Гастрит ва кванирукъалъул цогидал унтаби ругел гӏадамаз овощал гӏисинги гьарун яги ххенон гурони кваназе бегьуларо. Гӏатӏгоял овощал кваналеб бакӏалда лъикӏ букӏина гьел режун яги релъун кваналел ругони.
Лъеца гӏорцӏизаруларо
Цо-цояз абула, хӏалакълъизе ккани, гӏемераб лъим гьекъезе кколин. Гӏемераб лъим гьекъолеб бугони, гьелъ кванирукъги цӏезабун квандаса ракӏбуссинабулинги рикӏкӏуна. Лъеца кванирукъалда тӏадецуй гьабиялъ гӏадалнахги «махсараде кколин» ва лъеца гӏорцӏидал кваназеги бокьуларин. Амма нилъ гӏорцӏун рукӏин гӏадалнахуда лъазабулеб гӏаламатлъун ккола кванирукъалде бугеб тӏадецуй гуреб, бидулъ чакрил къадар цӏикӏкӏин. Кванирукъалъул сок дагьаб гурони лъугьунарел гӏадамазе радал мачӏикьаго яги кванда цадахъ лъим гьекъезеги лъикӏаб гьечӏо. Сахлъиялъул гьединаб гӏунгутӏи бугезе, кванан хадуб 10-15 минуталдасан гурони лъим гьекъезе лъикӏаб гьечӏо, гьебги цохӏо стакан.
Хехго гӏорцӏизе ва кьаралъичӏого хутӏизе бокьараз батӏи-батӏияб ролъул тӏахьдиялъул карщал квине бегьула. Гьелъулъ пайдаял жал цӏакъго дагьал рукӏуна, амма квен бихӏинабулел лугбузухъан унаго тӏахьдиялъулъ лъим чӏола ва гьеб нигӏмат жеги буччун бачӏуна, ва гӏорцӏарал кинигин ккезарула. Гьелъ ракъиги гӏодоцинабула ва кунеб жоялъул къадарги дагьлъизабула. Тӏахьдиялъ гӏорцӏизарула, ва гьелъул 100 граммгун цадахъ 300-400 грамм лъел ккола ургьибе. Тӏахьдиялъул квен кваналелъул аслияб шартӏлъун ккола гьекъолеб лъел къадар цӏикӏкӏин (сордо-къоялда жаниб 1,5-2 литр).
Къасимехалъ кваназе бегьулищ?
Къаси сагӏат анлъго тӏубаралдаса нахъе кваназе бегьуларин, гурони кьаралъулин абураб жоялда божун кваначӏого чӏола гӏемерисел хӏалакълъизе бокьарал. Амма гьеб къагӏидаги хӏалтӏизабун, тӏубараб къоялъ бокьанщинабги кванан хӏалакълъизе рес гьечӏо. Гьеб рахъалъ цӏех-рех гьабурал гӏалимзабазул пикруялда рекъон, къаси анлъго тӏубаралдаса хадуб кваназе бегьула. Амма углеводал гъорлъ ругеб квен гуреб, дагьабго тӏадагьаб квен квине лъикӏаб буго. Къаси квине бегьула тӏерен гьабун къотӏун бежараб гьанал яги ччугӏил кесек ва углеводал гъорлъ дагьаб цогидабги квен. Амма къасимехалъ пиринчӏ, картошка, макаронал яги торт кванани гьелъ бидулъ инсулиналъул къадар борхизабизе буго. Инсулин абуни ккола кьаралъиялъе рагьараб каву. Гьединго гьелъ кьаралъи бихӏинабулеб гормон лъугьинеги биччаларо. Гьединлъидал къасимехалъ углеводал кваназе лъикӏаб гьечӏо. Хӏалакълъизе бокьани, лъикӏаб букӏина углеводал гъорлъ ругеб квен дагь гьабуни. Сордо-къоялда жаниб 40-60 грамм углеводазул кванарабги гӏола. Гьебги ккола 3-4 помидор.
Пихъицаги кьара гьарула
Цо-цояз абула, хӏалакълъизе диета гьабулаго, бокьанагӏан пихъ кваназе бегьулин, гьелъул пайда гуреб зарал букӏунарин. Амма гьеб мекъаб пикру буго. Кинабго пихъилъ букӏуна чакар, гьебги цӏикӏкӏараб къадаралда. Гьеб ккола фруктоза. Цӏолболъ ва бананазулъ букӏуна конфетазулъгогӏанасеб чакар. Гьединлъидал бокьараб пихъицаги кьаралъизе бегьула.
Цебе чакрил унти бугезе гӏадатияб чакрил бакӏалда пихъ кьолаан. Амма дагьаб цебегӏан гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехазул хӏасилалда лъазе кӏвана фруктозаялъул зарал глюкозаялдасаги цӏикӏкӏараб букӏин. Гьелъ тӏул кьаралъизабулеб буго.
Гьеб гуребги, фруктозаялъ ракъиялъул гормон лъугьинабула. Гӏемерисеб мехалда пихъ кванан хадуб ракъун ратула нилъ. Ахираб заманалда базаралда бичулеб къватӏисел пачалихъаздаса бачӏунеб пихъилъги витаминал ва пайдаял минералал цӏакъго дагьго гурони ратуларин чӏезабулеб буго гӏалимзабаз. Цӏикӏкӏкӏунисел витаминал ва пайдаял жал щвезе бегьула белок гъорлъ бугел нигӏматазулъа – ай ччугӏидаса, гьанадаса.
Цо-цояз, диета гьабулебин абун, къойида жаниб цохӏо нухалдаги кванан къокъабго заманалда хӏалакълъизе хӏаракат бахъула. Амма хӏалакълъун хадуб бокьа-бокьараб жоги кванан цӏидасанго кьаралъула. Хӏалакълъизелъун диетаялда чӏун рукӏаразда лъикӏ лъалеб батила, хӏажат гьечӏеб кьаралъи нахъе инабиялдасаги захӏматаб букӏин хӏалакълъун хадуб тӏаде килограммал рахине риччачӏого чӏей. Статистикаялъул баяназда рекъон, хӏалакълъизе гӏоло диета гьабуразда гьоркьор щуго процент гурони хӏалакълъуларо, ва гьезда гьоркьосаги щуго процент гӏадамазул гурони гьеб хӏасил цӏунун хутӏуларо. Гьединлъидал хӏалакълъизе ракӏалде ккун батани, тохтурасул малъа-хъваязухъ гӏенеккун, кидаго дандекколеб диета тӏасабищизе ккола.
Хӏамамалъ хӏалакъ гьаруларо
Цо-цояз рикӏкӏуна хӏамамалда черхги багӏаризабун, гӏетӏгун цадахъ кьаралъиги биун бачӏунин абун. Амма гӏетӏ – гьеб кьаралъи гуро, лъим буго. Кьаралъи гӏетӏ гӏадин тӏомолъа къватӏибе бачӏунаро. Къваригӏел гьечӏеб кьаралъи биинабизе кӏола гӏицӏго ччорбазулъа, гьебги ччорбал гӏемер хӏалтӏизарун. Гьелъие гӏоло тренировкаби гьаризе ккола. Хӏухьел цӏазе захӏмалъулеб хӏалалда ччорбал хӏалтӏизарулел ругони кьаралъи биунаро. Хӏалакълъизе ккани щибаб къойил 40-60 минуталъ къватӏир бацӏцӏадаб гьаваялда рилълъанхъизе лъикӏаб буго.
Гӏемерисез абула хӏалакълъулелъул тӏоцебе гьумер ва керен хӏалакълъулин. Гьеб бараб буго гьел лугбазда би лъикӏ хьвадулеб букӏиналда. Чехьалдаса ва цогидал лугбаздаса кьаралъи тӏагӏинабизе бокьани, гьел лугбазда би лъикӏ хьвадизабизе ккола. Би лъикӏ хьвадизабула массажалъ яги хӏамамалъ.
Ахираб заманалда чакаралъул бакӏалда гьеб хисулеб нигӏмат хӏалтӏизабизе байбихьун буго. Амма гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехазда рекъон, гьеб нигӏматалъ кванде гъира базабулеб буго. Гьединлъидал, черх махсараде кквеялъ щибго лъикӏлъи гьабуларо, цин щай кьаралъулел ругелали гӏилла батизе ккола.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова