Анищалгун рокьи магӏарухъ буго
Магӏарулазда Къурбан Кӏулизанов лъала кочӏохъан хӏисабалда. Гьаб нухалдайин абуни, Махӏачхъалаялъул Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялде данделъун рукӏана Къурбанил шигӏрабазул гъасде. Данделъун рукӏана шигӏрабазухъги цӏалдолез гьезие кьолеб къиматалъухъги гӏенеккизе гьесул гьудул-гьалмагъзабиги, магӏарул адабиятгун маданият бокьулел миллатцоялги, студенталги, журналисталги, шагӏирзабиги.
Къаси кьижаниги, къад вахъаниги,
Сапаралъ аниги, тӏадвуссаниги,
Дунял сверулаго, сонал аниги,
Анищалгун рокьи магӏарухъ буго.
Гьале шагӏирасул гьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьул бицунеб кечӏ. Гьеб цӏаларабго, цебе бачӏуна магӏаруллъиялъул хӏасратаб сурат: зодоре цӏаруцӏунел чӏегӏерал накӏкӏул куркьбал гъурал мугӏрулги, мугӏруздасаги тӏадегӏанлъиялда ругел магӏарулалги, гӏадатаб магӏарул росуги, росабаз хасаб берцинлъиялъул гугьар жидее кьурал кьурабиги:
Гьаниб борхалъуда роол гӏужалда,
Гӏаздал халгӏат буго ретӏун мугӏруца.
Гванзал кьурабазда, Кьилимагӏарда
Чӏегӏер накӏкӏул куркьбал гъун ругин ккола.
Гьезукьан речӏчӏулел бакъул чӏораца
Халгӏат хъахӏал мугӏрул гӏодизарула.
Гӏазул магӏу къулчӏун, гӏурччинхарилъа
Гӏисинал тӏугьдуца тӏелхал рагьула…
Къурбан Кӏулизанов ккола лъабго тӏохьол авторги. Гьесул гьунаралъул аслияблъун ккола ватӏан бокьиялъул ва гьудуллъиялъул тема. Хъвала гьес гӏагараб росдал, районалъул ва гьел машгьур гьарурал гӏадамазул хӏакъалъулъ. Ахӏана гьес Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул хӏакъалъулъги. Гьеб темаялдаго цадахъ рекӏел бухӏигун ва ахӏигун шагӏирас бицунеб буго магӏаруласул яхӏ-намусалъулги:
Гӏасрудул даруялъ дур наслабазул
Гӏузраби сахлъаги, хирияб росу,
Хваразул, чӏваразул цӏарал кӏоченчӏеб
Дур бидулъ яхӏалда хӏур бетугеги…
Нилъеда жакъа магӏарул кочӏолъ сценаялдаса рагӏулеб цӏекӏлъи гъорлъ бугел кучӏдул гьечӏо Къурбанил. Унго-унгояв магӏаруласул яхӏ-намус, гӏагараб ватӏан, халкъазул гьудуллъи, мугӏрузул иццалгӏан бацӏцӏадаб рокьи — гьеле шагӏирасул шигӏрабазул къин гьечӏеб чили.
Къурбанида байрам баркана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовасги, шагӏирзаби Мухӏамад Патахӏовасги, Тубхӏат Зургьаловалъги, даргиязул хъвадарухъан Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловасги цогидазги. Магӏарул театралъул артистал Мухӏамад Гӏабдулатӏиповасги Разият Дибировалъги рикӏкӏана Къурбанил кучӏдул. Жиндирго кучӏдул цӏалана Къурбаницаги.
Цӏоралъул мугӏрузул гӏорхъода бугеб,
Рохьосан къокъунеб къваридаб нухккун,
Бакъул чӏораз кьолеб салам босизе,
Росдал кулабазда рещтӏунаан дун.
Гагудал берцинаб гьаркьие жаваб
Гьуинго кьолаан кьурул сверабаз.
Дица ракӏгъеялъе ахӏарал кучӏдул
Такрар гьарулаан дандерижиялъ.
Махӏачхъалаялъул администрациялъул Херазул советалъул председатель Гӏумар Беговас Къурбание кьуна «Къадру ва рецц» абураб медальги.
Унго, сверараб куц, расги лъачӏого,
Эркенаб гӏумрудул ихдалил завал.
Талихӏал рукӏинин рикӏкӏарал сонал,
Гӏаксалда ккарал куц дир анищалгун…
Гьедин ахӏулеб букӏана гьеб къоялъ шагӏирасул ракӏалъ.
Шагӏирасул асаразул аслияб тема ккола ватӏан бокьиги гьудуллъиги