Халкъалъул масъалаби — хӏакимзабазе тӏохде балеб цӏад
Цӏалдолез «Хӏакъикъаталъул» «Рекӏел ахӏиялде» гӏарзал хъваялъе аслияб гӏилла ккола, бакӏалъулал хӏакимзабазухъа кумекги щвечӏого, гьабизе жо тӏагӏиндал, балеб ахӏи. Цӏалдолезул масъалаби ва гьез рорхулел гӏемерисел суалал росдал бегавулас яги районалъул бетӏерас бакӏалдаго тӏуразе ккола. Амма мискинчиясул гӏарзаялъухъ гӏенеккулев, гьесул масъалаби тӏаде росулев хӏакимчи, къад чирахъ бакун валагьаниги, къанагӏатги ватуларин хъвалеб буго гьел кагътазда. Гӏадатияв чиясул разиго квер босулев, недегьго гьесул бадиве валагьулев чи халкъалъе хъулухъ гьабизе таразда гьоркьов къанагӏалъун вуго, гьел жидеего щолеб-толеб жоялда хадур лъугьун, гӏадамазул масъалабазде регӏулел гьечӏо.
Унсоколо росулъа 80 сон барав захӏматалъул ветеран, пенсионер Нурмухӏамадов Мухӏамадзагьидица хъвалеб буго: «Гьаб соналъул март-апрель моцӏаздаса нахъе нижее щвечӏо хӏукуматалъ захӏматалъул ветераназе кьолеб букӏараб 500 гъуруш, бицунеб буго, гьеб тӏубанго къотӏизабулеб рагӏулинги. Гьари буго, гьеб кьогӏаб хабар битӏараб бугищали лъазабе», — ян.
ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министерствоялдаса щвараб баяналда рекъон, гьеб 500 гъуруш буго транспорталъухъ кьезеян ветераназе гьабулеб бигьалъи. Хӏукумат мискинлъун букӏиналда бан, кватӏулеб гьеб Москваялдаса гӏарац бачӏарабго, щвезе буго.
Хадубги Мухӏамадзагьидица хъвалеб буго: «Ниж, захӏматалъул ветеранал, ахӏун рукӏана Унсоколо район гӏуцӏаралдаса 80 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏобитӏараб данделъиялде. Кӏалъаязда хӏакимзабаз бицана районалда бугеб лъабго пихъил консервазул заводги художествияб комбинатги хӏалтӏунгутӏиялъе ругел гӏиллабазул хӏакъалъулъ. Районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасухъе чӏахӏияб гӏелалъул вакилзаби ун рукӏана, художествияб комбинаталъул хӏалтӏигӏаги рукӏалиде бачеян гьарун. Ниж гӏадада ккана, комбинаталъул директорлъун вукӏарав Гӏабдулмуминов Ахӏмадица гьелъул приватизация гьабун батанила, гьелда гьабизе кӏолеб жо жинда букӏунарин абуна районалъул бетӏерас.
Дагьаб цебе районалде вачӏарав республикаялъул бетӏер Рамазан Гӏабдулатӏиповасда Гӏабдулмуминовас гӏарз гьабун буго, комбинаталда 60 чи хӏалтӏулев вугин, амма жиндие хӏукуматалъул кредитал кьолел гьечӏин абун. Жакъа комбинаталъул ракьалда хӏайваналги хьихьун йигей цо яс гурони гьенив чи вихьуларо. Лъазе бокьилаан, гӏадамазе хӏалтӏи чӏезабиялъе гьабулеб ишалъе замангойищ хӏакимзабазда батуларебали. Ругел завод-фабрикал хӏурудахъ риччай, хӏалтӏи гьечӏого ругел гӏадамазда аскӏоб гьабулеб такъсирчилъи кколарищ?»
Мухӏамадзагьидица борхулеб буго, Унсоколо районалъе гуребги, республикаялъего кӏвар бугеб суал. Амма квеш ккараб жо буго гьелъие жаваб кьолев чи ватулеб гьечӏолъи.
Хасавюрт районалъул Тӏукитӏа росулъа Мухӏамадрасулов Мухӏамадзагьидица хъвалеб буго: «1944 соналда Тӏукитӏа росдал гӏадамал хӏукуматалъ хӏалица гочинаруна чачаназул Даргъо росулъе. Гьениб нижеца 13 соналъ гьабуна гӏумру. Гьениб ругьунлъараб халкъ 1957 соналда гочинабуна лъарагӏлъиялда бугеб «Къамиш хъутан» абулеб бакӏалде. Бана росу, гӏуцӏана цебетӏураб колхоз. 90-абилел соназда кинабго хӏурудахъ ана, биххана гӏаммаб магӏишат. Росдал чӏухӏилъун хутӏана 1989 соналда бараб цо мажгит. Гьеб хӏалтӏулъ цӏакъ кӏудияб бутӏа лъуна Тюменалда жиндирго кооператив гӏуцӏарав Гӏумархӏажи Мухӏамадовас, гьес рачӏана мажгиталъур тӏамизе тӏансабиги. Гьесго бана, Хасавюрт районалдаго гьечӏеб гӏадаб берцинаб, лъабтӏалаяб мадраса, къачӏана мажгиталдаги мадрасаялдаги сверухъ бакӏал, гьенир лъуна чирахъал.
Росулъ цӏакъ къанагӏалъи букӏана гьекъолеб лъел. Цӏияб артизианги бахъун, Гӏумархӏажияс жамагӏаталдаса гьеб къварилъиги тӏаса босана.
Росу бакьулъ бугеб клубги, амбулаторияги, Ватӏаналъул рагъул гӏахьалчагӏазул памятникги рукӏана басралъун. Рагъул гӏахьалчи Ахӏмадил Хӏажил вас Зубаирица, киналго харжалги жиндего тӏаде росун, берцинго къачӏана памятник, киналго учреждениязда сверухъ лъуна маххул чали, паркалда — цӏиял хьонбакӏал, къачӏана клуб, амбулатория, жанисанги къватӏисаги цӏигьабуна спортзал.
Росулъ гьечӏо ясли-ах. Гьелъие бихьизабун букӏана колхозалъул букӏараб мина. Росдал бегавуллъун вукӏарав Пахрудиновас, районалъул бюджеталда хъвачӏого, ясли-ах къачӏазе балагьун букӏана лъабго миллион гъуруш. Лъебергогӏанасев чиясе хӏалтӏи букӏунаан гьеб рагьун хадуб. Жидерго счеталде бачӏун хадуб, районалъул тӏалъиялъ гьеб гӏарцуда тӏад квер лъуна, гьединлъидал росулъ ясли-ах рагьиялда нижер букӏараб хьул хӏорго хутӏана.
Рес бугел чагӏаз росдае гьабгощинаб хӏалтӏи гьабулеб мехалъ, кибха бугеб Хасавюрт районалъул тӏалъи, щиб кумекха гьелдаса нижер жамагӏаталъе щвараб? Районалъул бетӏерасдацин лъаларо нижер росу бугеб бакӏ», -ан.
Ахираб заманалда редакциялде гӏемер рачӏунел руго Октябралъул инкъилаб бергьаралдаса 100 сон тӏубаялда хурхун хъварал кагътал. Гӏемерисел руго чӏахӏияб гӏелалъул чагӏазе хъварал. Гьелги руго советияб улка гӏуцӏарал, рухӏалда барахщичӏого улка цӏунарал, рагъдаса хадусел соназда чӏунтараб халкъияб магӏишаталда рухӏ речӏчӏизабулаго гӏакъуба бихьарал бахӏарзал. Кагътазда цӏакъ ракӏунтун кӏварбуссинабулеб буго захӏмат бихьун гьабураб халкъияб магӏишат ва буголъи жакъа я пачалихъалъул, я халкъалъул ургъел гьечӏел цо-цо чукъбуз чурхъулеб букӏиналде. Гӏемерисел кагътазда бицунеб буго, хӏуригаталъул тӏоцересел моцӏаздаса байбихьун, советияб улка цӏунизе къеркьолел рукӏарал нилъер умумузул гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Масала, Гъизилюрт шагьаралдаса Ахъбердиев Тӏалхӏатил кагътида бицунеб буго 1917 соналъул 25 октябралда «Зимний дворец» бахъиялъулъ гӏахьаллъарав, Октябралъулаб революциялъул орденалъе мустахӏикълъарав Хунзахъа Мухӏамад Дибирчуевасул хӏакъалъулъ.
Хунзахъ районалъул Бакьайчӏи росдал хъутаналдаса Пирова Раисатица ва Мухӏамад Нухӏовас редакциялде битӏун бачӏун буго гӏияда вукӏарав 10 сон барав Ахӏмад авлахъалда вухӏун ватидал гьабураб кечӏ. Магӏнаялъул рахъалъ загӏипаб букӏиналъ, гьеб газеталда бахъичӏо.
«Хӏакъикъат» ккола республикаялъул газета ва гьенире ритӏулел макъалаби рукӏине ккола цӏалулезе пайдаял, гьел ургъизе тӏамулел, гӏакълу щолел, кучӏдулин абуни пасихӏал, камилго хъварал. Лъикӏаб букӏинаан хадубккун нижехъе хъвалел макъалаби, гӏаммал рагӏабазул ва пикрабазул гурел, гӏемерал мисалаздалъун берцин гьаруни.
Махӏачхъала шагьаралда гӏумру гьабун вугев Сиражудин Шамсудиновасул «Лъалареб жо бицун, гӏайиб гӏунтӏизабуге» абураб бетӏералда гъоркь хъвараб кагътида буго: «Ахираб ункъо соналда жаниб берцинлъун бачӏунеб Махӏачхъала бихьидал вохула дун. Ралел руго 10-12 тӏалаял цӏиял минаби, къачӏалел руго гӏадамазе хӏухьбахъиялъе къваригӏунелщинал бакӏал, парказда хӏалтӏулел руго шахматал-шашкаби хӏазе рукъзал, лъималазе рагьун руго гӏемерал расанкӏаби жанир ругел майданал. 2016 соналда рагьун буго 1364 бакӏ жаниб бугеб 12 лъималазул цӏияб ах ва 4260 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб 12 школа.
Дагъистаналъул бетӏер Рамазан Гӏабдулатӏиповасул нухмалъиялдалъун, киналго районазде щун, халкъалъул гӏолелги гӏоларелги рахъал ралагьулел руго хӏакимзабаз. Районаздаги росабалъги рагьун руго цӏиял лъималазул ахал, спортзалал, больницаби, школал. Гьеб кинабго буго Гӏабдулатӏиповасул хасаб программа гӏумруялде бахъинабиялъул баракат. Халкъалъе хадубги хъулухъ гьабиялда тӏад ургъулев вуго хӏалчӏахъад. Цо-цоязе гьев рихун вуго, щайгурелъул, гьесул амруялдалъун риххизаридал, нухалги къварид гьарун, изнуго гьечӏого, рарал минабиги заправкабиги, нухазда рарал минабаздеги ирга щвелеб батила гьесул. Гьеб лъикӏаб хӏалтӏи киназего гуро дандекколеб бугеб, кколел руго гьев какулелги».
Сиражудинго гӏадин рази руго гӏемерисел Рамазанил хӏалтӏудаса. Дагъистаналъул бюджеталъулаб гӏарацги бикъун, бечелъун букӏараб агьлуялъул рачӏчӏалда тӏад мал чӏана гьес. Хӏалтӏизе тӏамуна «бакъ аги, къо аги, Москваялдаса бачӏунеб гӏарац тӏагӏунгеги» абун гӏумру тӏамулел рукӏарал районазул бутӏрул. Сундухъго балагьичӏого, хӏалтӏудаса рахъана, хӏалтӏи лъаларел, лъаниги, гьабуларел, хӏукумат бикъулел гӏемерал хӏакимзаби. Хӏамица гӏундул кӏирикӏунин абун, бацӏ хӏинкъуларо, къаси-къад чӏечӏого, Дагъистан цебе бачине Рамазаница гьабулеб бугеб хӏалтӏи бихьулеб буго нилъеда.
Нури Нуриев