Гӏусал хвечӏого рукӏине ккани, гьезда хадуб хъулухъ гьабизе ккола

Щай цаби хехго холел? Лъагӏалида жаниб чан нухалда хисизе кколеб цаби чурулеб щетка? Къаси-къаси цаби, чуричӏого, хулун тезе бегьуларищ? Стоматологазул пикруялда рекъон, гӏемерисез, цабзазда хадуб хъулухъ гьабулелъул, гъалатӏал риччала. Гьединлъидал гӏемер дандчӏвала 50 сон балелде цабзазул бакӏалда протезал яги имплантал лъурал, гьитӏинаб къоялдаса нахъе цаби-гӏусазул тохтурасухъе гӏемер хьвадарал гӏадамал. Кинха протезазул кумекалде ккеларедухъ цаби-гӏусазда хадуб хъулухъ гьабилеб?

Стоматологазул пикруялда рекъон, цаби-гӏусал хехго хвеялъе гӏиллалъун буго цабзазда хадуб хъулухъ гьабизе лъангутӏи ва, гьел рацӏцӏад гьарулелъул, риччалел гъалатӏал.

Кванан хадуб чури

Кванан хадур цаби чуриялъ зарал гьабула гӏусазе. Кванилъ рукӏунел кислотабаз гӏусазул эмаль тамах гьабула. Кванан рахъиндал, гьедингоги кваница тамах гьабураб эмаль щеткаялъги лъулъани, гӏусал хехго хола. Амма кванан хадуб бащдаб сагӏаталдасан, квенгун кӏалдибе бачӏараб кислота, хӏацӏугун гъорлъ жубан, рукӏалиде ккола, гьединлъидал кванан хадуб бащдаб сагӏаталдасан гурони цаби чуризе бегьуларо.

Къасимехалъ цаби чуричӏого тей

Къаси кьижилелде цере чуричӏого теялъ цабзазе кӏудияб зарал гьабула. Кьижилелде цебе гӏусазда гьоркьоб кванил хутӏел хутӏизе бегьуларо, гьеб буго кариес ва цогидал унтаби рижизарулеб жо. Кӏал хулунинги абун кӏалдиса киналго бактериялги лъугӏуларо.

Цаби чурулелъул, щетка гӏебедехун лъулъазе бегьуларо, гьелъ дабал унтизарула, ва цаби рагӏа-ракьанде щун рацӏцӏалъуларо. Гьоркьоса кинабго чороклъи нахъе гьабизе ккани, щеткаялъ цересаги нахъасаги киса-кирего чуризе ккола цаби. Чурулелъул, щеткаялде хӏал биччазе бегьуларо, гьелъ цабзаздаса эмаль нахъе инабизе бегьула.

Цаби чурулеб алаталъе рацӏцӏалъи

Цаби чурулеб щетка хисизе ккола лъабго моцӏида жаниб цо нухалъ. Гӏемер хӏалтӏизабураб щеткаялъул «расал» ричӏула, ва гьенир гьоркьоре микробал ракӏарула. Кигӏан щетка чураниги, гьелда гьоркьоса микробал тӏагӏинарун бажаруларо. Амма, дабал унтун ругони, ялъуни бактериязулаб инфекциялъ унтани, гьеб унтудаса сахлъарабго, цаби чурулеб щеткаги нахъе рехизе ккола.

Цаби рацӏцӏунеб квар

Цаби хехго хвезе бегьула, гьел рацӏцӏунеб квар хӏалтӏизабулеб гьечӏони. Цаби рагӏа-ракьанде щун рацӏцӏад гьарулел гьечӏони, гьезда гьоркьоб «цабзазул гамачӏ» лъугьине бегьула. Гьединго цаби рагӏа-ракьанде щун рацӏцӏад гьаризе кумек гьабула ирригаторалъ (лъим речӏчӏизабун, цаби гьоркьоса рацӏцӏад гьаризе хӏалтӏизабулеб аппарат). Щетка ва цабзазул квар щолареб бакӏалде лъел тӏеренаб чӏва речӏчӏизабуни, цабзазда гьоркьор бактериял хутӏуларо, кӏалдиса рокьукъаб махӏ бугони, гьеб тӏагӏинабула, дабаздаса би бачӏунеб бугони — къотӏизабула.

Хъахӏ гьарулеб паста

Цаби хъахӏ гьарулел пастаби гӏемер хӏалтӏизаризе бегьуларо. Гьединал пастабазулъ рукӏуна химикиял жал, ва гьез цабзазда тӏад чӏвараб кьер тӏагӏинабула. Гьединал жал гъорлъ бугеб паста гьоркьоса къотӏичӏого хӏалтӏизабулеб бугони, гьелъ сахал цабзазулги эмаль хвезабизе рес буго. Хъахӏ гьабулеб пастаялъулъ букӏуна водородалъул перекись, карбамид ва цогидалги химикиял жал.