8600 чиясе бакӏ
Хӏежалде ине хӏадурлъиялъе гьаризе ругел хӏалтӏаби байбихьиялъул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жафаровас тӏобитӏараб данделъиялда. Исана Дагъистаналдаса хӏежалде ине вуго 8600 чи. Нухазда бугеб хӏалуцараб ахӏвал-хӏалалда бан, аслияб къагӏидаялда, гьенире ине руго самолетазда.
Къватӏибе бачӏун буго «Хӏежалде хӏадурлъи — 2019» абураб ДРялъул бетӏерав санитарияв тохтурасул хӏукмуги.
Данделъиялда гӏахьаллъана ДРялда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъул рахунел унтабазда хадуб халкквеялъул отделалъул начальник Ирина Алжанбековаги.
Сагӏудиязул Гӏарабиялъул къираллъиялъул тӏалабаздалъун киназулго рукӏине ккола вакцинациял гьарурал сертификаталги.
Хӏежалде щвараб мехалда, гриппалде дандеги гьабизе кколеб буго вакцинация.
Рахунел унтабазде данде вакцинаби гьаризе ине ккола С. М. Шихсагӏидовасул цӏаралда бугеб рахунел унтабазул республикаялъулаб централде.
Централъул адрес: Махӏачхъала шагьар, Шихсагӏидовасул къватӏ, 43.