Кӏалбиччанкъоялде хӏадурлъи
Хирияб къо хираго чӏела Лъикӏаб гӏамал гьабизе кколеб бакӏалда, багьаби «зодоре» рахинарулеб
гӏадат лъугьун буго Дагъистаналда
Рамазан моцӏ бачӏиналъухъ балагьун чӏун рукӏуна дунялалъулго бусурбаби. Гьеб моцӏалъ щивав чияс хӏаракатги бахъула лъикӏал гӏамалал гьаризе. Амма камулел гьечӏо, гьеб моцӏалдаса пайдаги босун, жидерго напс цебе гьабулелги. Гьединаб хӏасил гьабиялъе гӏиллаги буго рамазаналъ, ургъунго гӏадин, кванил нигӏматал хира гьарулел рукӏин. Дагъистаналъул муфтияталъги щибаб санайил бизнесчагӏазде хитӏаб гьабула хирияб моцӏалъгӏаги кванил нигӏматал хира гьаричӏого тейилан. Амма…
«Хирияб рамазан моцӏалъ нилъер щивасул рес буго лъикӏал гурел гӏамалаздаса ракӏал рацӏцӏад гьаризе. Щибаб соналъ, кӏалбиччанкъоялде, кванил ва цогидалги нигӏматазул багьа цӏикӏкӏинарулел рукӏин бихьула нилъеда. Гьелда бан, ДРялъул муфтияталъ гьарулеб буго даранчагӏазда, гӏадамазул рес гьечӏолъиялъухъги балагьун, багьаби рахинаричӏого тейилан. Салат-салам лъеяв Мухӏамад аварагасул хӏадисалда буго: «Аллагь тӏаса лъугьуна бичулелъул, босулелъул ва налъи кьолелъул сахаватлъи бихьизабурав чиясдаса», — ян. Гьадин хъвалеб буго муфтияталъул хитӏабалда.
Щайха нигӏматал хиралъулел?
Кӏалккун моцӏ байбихьаралдасаго «зодоре» рахинарулел руго кванил нигӏматазул багьаби. Овощалгун пихъ босизе кӏолеб хӏалалдаго батуларо. Масала, помидоразул килограммалъул гьоркьохъеб багьа ккола 150-180 гъуруш, охцер – 100 гъуруш, гӏеч – 80 гъуруш, гени – 150-160 гъуруш, апельсин – 90 гъуруш, банан – 85-100 гъуруш.
ДРялда бугеб пачалихъияб статистикаялъул федералияб хъулухъалъул гьарурал цӏех-рехазда рекъон, маялъул лъабабилеб анкьида жаниб кванил нигӏматазул килограммалъухъ Махӏачхъалаялда гьадинал багьаби руго:
хӏайваналъул гьан (кг) – 300 гъуруш;
гӏиял гьан – 387 гъуруш;
гӏанкӏудал гьан – 138 гъуруш;
гургуралъул гьан – 335 гъуруш;
ччугӏа – 165 гъуруш;
щарил нах – 534 гъуруш;
семечкадул нах – 98 гъуруш;
маргарин – 145 гъуруш;
гӏакдал рахь – 73 гъуруш;
ханал (10 хоно) — 57 гъуруш;
чакар — 46 гъуруш;
чай – 954 гъуруш;
ханжу – 35 гъуруш;
пиринчӏ — 54 гъуруш;
картошка – 28 гъуруш;
цӏияб хъапустӏан – 62 гъуруш;
пер – 37 гъуруш;
ламадур — 40 гъуруш;
охцер – 108 гъуруш;
помидор – 156 гъуруш.
ДРялда бугеб пачалихъияб статистикаялъул федералияб хъулухъалъ моцӏалъ цебе гьабун букӏараб хӏасилалъухъ балагьани, кванил нигӏматазул гьоркьохъел багьаби цӏакъго хисун гьечӏо, цо-цо нигӏмат кепказ, цогидал — цо-кӏиго гъурушалъ хиралъун руго. Амма базараздасаги тукабаздасаги нигӏматал росулел гӏадатиял гӏадамазда бихьулеб буго рамазан моцӏалъ багьаби, кидаго гӏадин, рахинарун рукӏин.
Лъидаха бугеб гӏайиб?
Ричарухъабазда гӏилла цӏехедал, гӏайибиявго ватуларо. Жидецаги нигӏматал росулезухъа гьел хираго росулин, гьединлъидал жидеда бараб жо гьениб букӏунарин абула гьез. Москваялдасаго рачӏунин нигӏматал хира гьарунин абула даранчагӏазги. Рачӏаха гӏадатиял гӏадамаз бицунелъухъ гӏенеккизе:
Гӏайшат: «Гьабсагӏат кинабго жо хиралъун буго. Цебе бащдаб кило жаниб бугеб чамасдакӏалъул къвачӏа 70-90 гъуршиде щолеб букӏун батани, рамазан моцӏ байбихьаралдаса 150-160 гъуршидаса гъоркьего ккечӏо».
Патӏимат: «Цо-цо хъизамал кӏал биччазе гӏурал нигӏматал росизе рес гьечӏого рукӏуна. Гьебго заманалда щибаб шагьаралда, ай мажгитазда цере рагьун рукӏуна, кӏал биччазе киридахъ гӏадамал кваназарулел бакӏалги. Гӏадамазе кӏал биччазе гьединал бакӏал гӏуцӏулелги базаразда багьабиги рахинарун кванил нигӏматал ричулелги республикаялда гӏумру гьабун ругел бусурбаби гурищ кколел? Багьаби рахиналъулъ жидеда гӏайиб гьечӏеб гӏадин кӏалъала ричарухъаби. Хӏакъикъаталдайин абуни, гьел руго гӏайибиял, ай жидеего хайир гьабулел чагӏи».
Мадина: «Нилъеца ричарухъабазде гӏайиб рехула, гьез – къайи чӏезабулезде. Амма нилъерго гьаниб гӏезабулеб нигӏматгӏаги щайха хира гьабулеб? Гьанги къватӏисайищ бачӏунеб республикаялде?»
Мурад: «Багьаби рахинариялъе гӏайибияллъун руччаби кколин рикӏкӏуна дица. Хӏажат бугелги гьечӏелги нигӏматалги росун, кӏалбиччанкъоялъ лъицаго кваналареб гьуинлъиялъул стол цӏезабула гьез. Налъи гьабунцин босулеб буго стол «къачӏазе» батӏи-батӏияб нигӏмат ва бикьизе жо. Гӏадамаз босулеб бугелъул, ричарухъабазги хираго бичиларищха».
Кӏалбиччан къоялъул байрамалде лъималазе рикьизе нигӏматал росулелъул, цо-цо заман арал нигӏматалги ричун ратула. Хирияб къоялде гӏедегӏун къайи босулел гӏадамаз нигӏматал гьарураб заманалъул халгьабуларелъулха. Гьелъул жаваб Бетӏергьанасде цере рахъараб къоялъ кин кьезе бугебали дида лъаларо. Аллагьасда божулел чагӏаз гьединаб жоги гьабилищха.
Кавказалъул цогидал республикабазда ва цо-цо пачалихъазда щиб хӏалха бугеб?
Ингушетия
Дагьал церегӏан къоязда, Ингушетия республикаялъул бетӏер Юнус-Бек Евкуровас, рамазан моцӏалъ базаразда кванил нигӏматазул багьабазул бицун тӏобитӏараб данделъиялда лъазабуна базараздагун ярмаркабазда багьаби рахине тезе гьечӏилан. Бусурбабазе хӏажатаб нигӏматалъухъ багьа гӏодобегӏан гьабиялъул мурадалда, базаразда ричарулезухъа ижараялъухъ кьезе кколеб гӏарац кӏалккун моцӏалъ босичӏого тезе бугинги хъван буго гьес Инстаграмалда бугеб жиндирго гьумералда. Гьединго, Евкуровас шагьаразул ва районазул администрациязул бутӏрузда тӏадкъана ресукъал хъизамазул сияхӏ гьабейин ва гьезие гьабураб кумекалъул хӏакъалъулъ щибаб анкьида жаниб Интернеталдасан хӏисабги кьейин.
Чачан республика
Цогидал республикабаздаго гӏадин, Чачаналъги рамазан моцӏалъ цо-цо нигӏматал хира гьарун ругин бицунеб буго социалиял гьиназда. Масала, 290 гъуршиде бичулеб букӏараб хӏайваналъул гьан, кӏалккун моцӏалда 400 гъуршиде бахинабун бугила. Кванил нигӏматазул багьаби рахинариялъул хӏужаби ругищали цӏех-рех гьабулеб бугин республикаялъул прокуратораялъин хъвалеб буго «Грозный» телерадиокомпаниялъул сайталда.
Тажикистан
2017 соналда, Тажикистаналъул тахшагьаралъул мэр Рустам Эмомалица, рамазан моцӏалда нигӏматазухъ багьаби хира гьарунин абун, хӏалтӏудаса рехана кӏиго базаралъул директор. Гьелдаса цебеги, тахшагьаралъул мэрас ричарухъаби эркен гьарун рукӏана рамазан моцӏалъ базаразул администрациялъе ижараялъухъ гӏарац кьеялдаса. Амма рамазан моцӏалъул тӏоцебесеб къоялъго нигӏматазухъ багьаби кӏиго нухалъ цӏикӏкӏана. Гьеб мехалдаги, базаразда жанир киса-кирего чӏвана пихъилгун овощазул букӏине кколеб гьоркьохъеб багьаялъул бицунел стендал. Багьабазда хадуб халкколеб букӏана шагьаралъул администрациялъ гӏуцӏараб хӏалтӏулаб къокъаялъги. Квеш-лъикӏ багьаби цо хӏалалда чӏезаризе кӏвана, амма цо-цо нигӏматал базаралдаса тӏубанго тӏагӏана, цогидал нигӏматазулги даража гӏодобе ккана. Лъикӏаб нигӏмат босизе къваригӏаразейин абуни, базаргабаз нахъе бахчараб нигӏмат бичулеб букӏана, амма кӏиго багьаги абун. Гьеб хӏужаялдасанги бихьулеб буго, рамазан моцӏалъ багьаби хиралъиялъул иш лъида бараб бугебали. Хъантӏарав чи, ракьул чохьонив лъуниги гӏорцӏуларин абулаан умумуз. Аллагьас цӏунаги гьеб хъантӏиялдаса.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова