Гӏемерисеб бараб буго гьабулеб хӏалтӏудаги кваналеб кванидаги

Нилъеца гӏумру гьабулеб аман буго цӏакъ хӏалуцараб. Дандчӏвалел руго гӏемерал захӏмалъаби. Гьелдаго цадахъ нилъеца тӏаде цӏалел руго унтабиги, хасго хӏалкколеб буго нервабазде, рекӏеде. Гьеб киналдего данде кин къеркьезе кколебали нижеда бицана Москваялда бугеб Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул (РУДН) университеталда цебе бугеб мединституталъул нейрохирургиялъул ва нервабазул унтабазул кафедраялъул доцент Наида Гарабовалъ.

Абизе бегьула гьей кколин тохтурзабазул хъизамалда гӏурай гӏаданилан. Гьелъул кӏудада, Мухӏамадтӏагьир Яхӏяев, кколаан медицинаялъул хъулухъалъул капитан, сахлъицӏуниялъул отличник, ункъгӏал Патӏимат Закарялова – тохтур-онколог, ДРялъул мустахӏикъай тохтур.

— Тохтурлъиялде дир рокьи бижизабуна тохтур-невролог, дирго эбел Кариматица. Гӏадамал сах гьарулаго, гьелъ хӏалтӏизарулаан гӏадатиял гурел къагӏидабиги. Гьелда цӏакъ бичӏчӏулаан унтаразул хӏалги. Дица халкколаан эбелалъул хӏалтӏуда хадуб. Гьей хутӏана дие учительлъунги насихӏатчӏужулъунги. Мугъзагьодалъул унтаби гьелъ, бигьаго, гӏадатиял гурел къагӏидабиги хӏалтӏизарун, сах гьарулаан. Дарабигицин хӏалтӏизарулароан. Дида эбелалъ малъарабго гӏадин, гьанже дицаги малъула студентазда. Унтарасухъ халгьабулаго, кӏвар кьезе ккола гьуърузде, ракӏалде, тӏомоде. Гьелдаса хадуб гурони, дарабазулги сах гьариялъулги бицинего бегьуларо.

— Жакъа гӏемер руго нерваби, бетӏер унтарал гӏадамал. Гьезул рекӏел хӏал хӏалуцахъего букӏуна, гӏемер къварилъахъдула. Гьединал унтарал рачӏунищ духъе?

— Кидаго цого хӏалалда инсан вукӏунаро. Амма кидаго хӏалуцун рукӏани, унтаби нилъедаса бергьуна. Масала, бидул тӏадецуй цӏикӏкӏуна, ботӏрол, чакрил унтаби лъугьуна, онкологиял унтаби лъугьинеги рес буго. Унти бараб букӏуна кванил низамалдаги нилъеца гӏумру тӏамулеб къагӏидаялдаги. Дагъистаналда абизе бегьула алжаналъул ракьилан. Гьенир киналго шартӏал руго сахлъи цӏуниялъе, ай бацӏцӏадаб гьаваги буго, тӏабигӏатги берцинаб буго. Цо-цо нухалда дида ракӏалде ккола щайдай нилъер гӏадамал унтулелилан. Нилъерго сахлъи нилъехъго гурищ букӏунеб? Гьелъие гӏурал шартӏал руго Дагъистаналда, бугелдаса битӏун пайда босулеб бугони. Тӏабигӏаталъе нилъеца баркалагицин кьезе ккола гьеб киналъухъго. Нилъер умумул гӏемер хӏалтӏулаан, дагь кваналаан, ай кванил низам кьучӏаб букӏана. Гьанжейин абуни, квен цӏакъго гӏемерлъун буго. Умумуз гьарулел рукӏарал гӏадал хӏалтӏабиги дагьлъун руго.

— Наида, дида рагӏана Москваялда нужер рукъ кидаго гьалбадерил цӏун букӏунилаан. Нужеда лъаларел гӏадамалцин рачӏунел руго нужехъе…

— Ригьнадул рахъалъ дие битӏккана. Абизе бегьула гӏадамал къабул гьари бугин нижер хъизамалъул гурхӏел-рахӏмуялъулаб проектилан. Гьединабго хъизамалда гӏедалха дунги. Эбелалъухъе рачӏунаан республикаялдасаго гӏадамал. Гӏадамазе кумек гьаби – гьеле дир гӏумруялъул магӏна.

Дида Москваялда гӏемер тохтурзаби лъалелъул, дихъе рачӏуна цогидал унтаби ругел чӏахӏиялги гӏисиналги. Унтарал къварилъахъдула, гьезда лъаларо кинав тохтурасухъе ва кире инелали. Гьединлъидал гьел дихъе рачӏуна, ва дица гьезул мурадги тӏубала.

— Наида, гӏемер щолищ Дагъистаналдего?

— Лъималазе цӏакъ бокьула Дагъистаналде щвезе. 15 соналъ Мокваялда йигониги, дунгоги ракӏалъ кидаго цӏала Дагъистаналде. Дир руго эмен, кӏудияй яц, вац. Гъира букӏуна киналго цадахъ данделъизе. Лъагӏалида жаниб кӏиго нухалда, риидалги хасалоги, щола Дагъистаналде. Бокьула лъималазда рахьдал мацӏ лъазеги, магӏарул гӏадатал-гӏамалазул бицинеги, лъимерлъиги, дие сундасаго хирияй эбелалда цадахъ тӏамураб заманги, гьелъ дие кьурал ва гӏумруялъ кидаго кумекалъе ратарал дарсалги ракӏалдещвезаризеги. Сугъралъ росуги ккола дие кӏудиябги гьитӏинабги ватӏанлъун, лъимерлъиялъул гъанситолъун.

— Гара чӏвариялъул ахиралда щиб абилеб цӏалдолезда?

— Тӏадюссине бокьун буго Гиппократихъе: гимнастика, упражнениял, кӏванагӏан гӏемер лъелго хьвади. Гьеб киналъго щула гьабула сахлъи.

Патӏимат Расулова,

Москва шагьар