Нугӏазул «гьужум»
Крымалъул гемморагияб унти тӏибитӏу
Дагъистаналда нугӏаз хӏанчӏун зарал ккана 300 чиясе. ДРялъул Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул баяналда рекъон, Махӏачхъалаялдаса ункъо сон бараб лъимаде ва Гъизляр районалда гӏумру гьабун вугев чиясде, нугӏаз хӏанчӏиялъул хӏасилалда, бахана Крымалъул гемморагияб лихорадка. Жеги анлъго чи больницаялда вегизавун вуго гьеб унти батиялда щаклъи ккун.
Дунял хинлъанагӏан нугӏаз гӏадамазда хӏанчӏиялъул хӏужаби цӏикӏкӏунел руго. Гьединлъидал цӏакъ цӏодорлъи гьабизе ккола, хасго тӏабигӏаталда ругеб заманалда. Нагагь нугӏалъ хӏанчӏани ва аскӏоса-гӏебеде поликлиникагун больница батичӏони, тӏомолъа нугӏ къватӏибе бахъизе ккола пинцеталъги ккун, гьелъул бетӏер тӏомолъ хутӏиларедухъ. Хӏанчӏараб бакӏалдаса нахъе бахъараб нугӏги, инфекциялъулаб унти бугищали балагьизе, лабораториялде кьезе ккола.
Хӏанипат Лабазанова