Дербент буго Россияги Азербайжанги цоцада бухьинабулеб шагьранухда

«Каспий» Упрдор ФКУялъул баяналда рекъон, исана хаслихъе Самур гӏоралда тӏасан кьо бан ва «Кавказ» Р-217 шагьранухлул цо бутӏа къачӏан лъугӏизабизе буго. 28 маялда гьел бакӏазда гьарулел хӏалтӏабазухъ халгьабуна Росавтодоралъул бетӏер Андрей Костюкицаги.

«Кавказ» Р-217 федералияб нухлул халгьабизе байбихьана республикаялъул тахшагьаралдаса бахъараб Азербайжаналъул гӏорхъоде щвезегӏан. Планалда рекъон, 2024 соналде щвезегӏан къачӏан лъугӏизе ккола гьенир гьарулел хӏалтӏаби.

Дербенталда «Каспий» Упрдор ФКУялъул начальник Сергей Улеевас Росавтодоралъул бетӏерасда бицана шагьаралде рачӏунел нухал къачӏаялъул хӏакъалъулъги. Дербент буго Россияги Азербайжанги цоцада бухьинабулеб шагьранухда. Гьенисан сордо-къоялда жаниб 23000 машина хьвадула. Гьенир цӏиял нухал рахъиялъул проектал гьаризеги байбихьун руго. 2025 соналде Дербенталда сверун бугеб нух къачӏаялъ рес кьезе буго шагьаралда жаниб транспорталъулаб хӏалуцин дагь гьабизеги.

Самуралда бараб кьоялъги цолъизабизе буго кӏиго пачалихъ ва гьеб цӏакъ санагӏатаблъунги лъугьине буго.