Ахӏулгохӏда – ифтар

Кӏалбиччаялъул тадбиралда гӏахьаллъана щуазаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи

Ифтаралда гӏахьаллъана районазул бутӏрул, имамзаби, республикаялъул муфтияталъул вакилзаби. Гьенир нашидал ахӏана, мавлидал цӏалана «Бакълъухъ», «Чӏикӏаб» ва «Унсоколо» къокъабаз. Ифтаралъул гӏахьалчагӏазе насихӏатал гьаруна Дагъистаналъул гӏалимзабаз, бихьизабуна кӏудияв имамасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб сценка. Болъихъ районалъул вакилзабазги бихьизабуна «Рекъел гьаби» абураб сценка.

Гьединаб тадбир гьабизе квербакъаралъухъ кӏудияб баркала загьир гьабуна Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасе ва имам Гъазимухӏамад Абакаровасе ДРялъул муфтиясул заместитель Гӏабдула Салимовас.

— Кӏиабилеб хӏежилан жинда абулеб Ахӏулгохӏда тӏобитӏараб гьаб тадбиралъ данде гьавуна чанго азарго чи. Хирияб рамазаналъ цолъизаруна гӏадамал, киназго хӏаракат бахъана лъикӏал гӏамалал гӏемер гьаризе. Жакъасеб тадбиралда гӏахьаллъанщиназе кӏудияб баркалаги буго. Тӏадегӏанас къабул гьареги киназулго ккурал кӏалалги, кьураб садакъаги, гьарурал лъикӏал ишалги, — ян абуна Гӏиса Нурмухӏамадовас.