Театралъул эмен

Гӏабдурахӏман Магаев гьавуралдаса — 110 сон

Хӏайбула Гӏабдулгъапуров, Магӏарул театралъул художествияв нухмалъулев: «Росулъе театр бачӏунеб рагӏула!» Гьеб каламалдаса вохуларев чи жакъа магӏарул росулъ ватизе захӏмат буго. Магӏарулазе гӏорхъи гьечӏого бокьула Цӏ. Хӏамзатил цӏаралда бугеб музыкалиябгун драмаялъул театр. Къойидаса къойиде камиллъулеб ва цӏубалеб буго театралъул коллективалъул творчествоялъулаб махщел. Амма киназдаго гуро лъалеб магӏарулазда гьоркьоб театралияб культура цебетӏезабиялъе цӏакъ гӏемераб хӏалтӏи гьабураб ва гьабулеб бугеб гьеб коллективалъе тӏоцебе кьучӏ лъица лъурабали. Гьев ккола Гӏабдурахӏман Магаев.

Цо нухалда Буйнакскалъул педагогикияб техникумалъул цӏалдохъан Гӏабдурахӏманил берречӏчӏана «Къаси бихьизабулеб буго «Надиршагь» абураб пьеса» абураб лъазабиялда. Гӏабдурахӏмание цӏакъ бокьана пьесаялъухъ валагьизе, ва гьелъ гьесие кӏудияб асарги гьабуна. Гӏемер мехалъ гьесда церечӏун рукӏана пьесаялъул героязул образал. Мекъи букӏинаро 16 сон барав гӏолиласулъ театралдехун гьеб сордоялъ унго-унгояб рокьи бижанилан абуни.

Гӏемер кватӏичӏого Гӏабдурахӏманида рагӏана Буйнакскалда театралияб студия рагьулеб бугилан, ва педагоглъиялъул техникумалъул цӏалдохъан гьениве цӏализе лъугьана. 1927 соналда студия театралияб техникумалде сверизабуна ва гьеб Махӏачхъалаялде бачана. Гьениб Гӏабдурахӏманил лъикӏаб лъай-хъвай ккана Б. Мурадовалъулгун, Гӏ. Къурумовасулгун, Хӏ. Мухӏамадовалъулгун ва цогидазулгун. Театралияб лъай гъваридаблъун букӏине ккани, хӏалбихьи къваригӏунеблъи бичӏчӏарав Гӏабдурахӏман хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул III Интернационалалъул цӏаралда бугеб фабрикаялъул клубалда букӏараб драмаялъул кружокалъул актерлъун.

1930 сон. Магаевас, актер-режиссерлъиялъул дипломги щун, техникум лъугӏизабуна. Ва бачӏинахъего Лъарагӏазул театралде хӏалтӏизе лъугьана.

Гӏабдурахӏмание кутакалда бокьун букӏана магӏарул театр рагьизе ва гьале гьесул анищ тӏубана – 1935 соналда ВКП (б) ялъул обкомалъ Гӏабдурахӏманида тӏадкъана магӏарул театр гӏуцӏизе. Магаев ана жиндирго гӏагараб Хунзахъе ва гьес байбихьана, театр гӏуцӏизелъун, гӏолохъанал гьунарчагӏи тӏасарищизе. Бигьаго букӏинчӏо диналъул кверщаликь ругел магӏарулазда советияб искусствоялъул магӏна бичӏчӏизабизе.

«Театралъул цӏар бахъарабго, — ян бицуна Гӏабдурахӏманица, — цо-цо херал чагӏи битӏахъе тӏад речӏчӏизе рахъунаан. Гьез дида дандчӏвай гьабуна, театр гӏуцӏизе гурев, диналда данде команда гӏуцӏизе вачӏарав чиясда гӏадин».

Амма цӏиялъ басриялда тӏад бергьенлъи босичӏого течӏо. Кучӏдул, кьурдаби, аваданлъи бокьулел магӏарулал, сундухъниги ралагьичӏого, театралда хӏалтӏизе рачӏана. Гьединаллъун рукӏана З. Набиева, Гӏ. Гӏалибегова, Гӏ. Къурбанова, Н. Гьитӏинова, Г. Гьитӏинова, Д. Халилбегов, Гӏ. Сулейманов, И. Макъсудов, И. Гӏумаров ва цогидалги. Цӏияб, жеги хӏалбихьи гьечӏеб коллективалъ лъураб тӏоцебесеб пьесаялъул букӏана Б. Малачихановасул «Местӏер» абураб. Гьеб букӏана цӏияб коллективалъул творчествоялъулаб экзаменлъун. Халкъалъ гьеб лъикӏ къабул гьабиялда бараб букӏана театралъул хадусеб бергьенлъиги. Гӏолохъанал актераз ролал лъикӏ хӏана ва гьелъ квербакъи гьабуна театралъул коллективалдехун гӏадамазул рокьи ва божилъи бижизабизе.

Театралъ лъураб кӏиабилеб спектакль букӏана «Гӏандиса Гӏиса» абураб. Гьеб пьесагун коллектив щола Гӏандибеги. Артистаз жиндир хъубал пишаби къватӏирчӏвазарурав гьереси-шайих росу тун лъутун уна.

Театралъ лъола цӏи-цӏиял пьесаби: Хунзахъа учитель Хъайитмазовасул «Мухӏамадил гӏумру», Загьид Хӏажиевасул «Хӏаскъил ва Шамил», Цӏадаса Хӏамзатил «Хирачил лъимал», «Тӏанус годекӏанир» абурал ва гь. ц.

1939 соналда театралъ лъуна Треневасул «Любовь Яровая» абураб пьеса. Гьениб коммунист Кошкинил роль хӏана Гӏабдурахӏман Магаевас. Гьеб сон Гӏабдурахӏмание букӏана чӏахӏиял творчествоялъул бергьенлъабазулаблъун. Гьесие кьуна Дагъистаналъул мустахӏикъав артист абураб цӏар.

Магӏарулазда Магаев лъалаан махщел бугев актер хӏисабалда. Гьев гьезда вихьана Цӏ. Хӏамзатил «Базалав» абураб пьесаялда Тидуриласул ролалдаги, Н. Славинскиясул «Хочбар» абураб пьесаялда магӏарулазул бахӏарчи Хочбарил ролалдаги, Гӏ. Къурбановасул «Цӏадулъ росарал мугӏрул» абураб пьесаялда херав Хӏасанил ролалдаги.

Гӏемерал ролал хӏана Гӏабдурахӏман Магаевас. Гӏемерал ракӏалдаса унарел образал гӏуцӏана гьес сценаялда. Магӏарулаз кӏудияб хӏурматалда рехсола гьесул цӏар. Дагъистаналъул халкъияв артист Гӏабдурахӏман Магаев гӏумруялдаса ватӏалъана 1987 соналъул 6 июналда.

Гӏабдурахӏманил хӏакъалъулъ калам

Махӏмуд Гӏабдулхаликъов, РСФСРалъул халкъияв артист:

— Дица абила Гӏабдурахӏман Магаев Авартеатралъул тарихалъул тӏоцебесеб гьумер вугилан. Авар театр гӏуцӏулел тӏоцересел соназ щибаб магӏарул росулъе щвараб мехалъ, Гӏабдурахӏманица хал-шал гьабун, гьунар бугел гӏолохъаби тӏасарищулаан, гьезул искусствоялдехун рокьи бижизабулаан.

Гьедин, анцӏила ункъо сон бараб мехалъ, Гӏабдурахӏманица дунги вачана театралъул коллективалде гъорлъе. Гьес жиндир заманалда кьураб гӏакълуялъ, хинаб рагӏуца щивав артист жиндирго букӏинеселда божизавулаан, дандчӏварал захӏмалъаби къезаризе квербакъулаан.

Сидрат Мажидова, Россиялъул халкъияй артистка:

— Гӏабдурахӏман Магаев вуго тӏоцебе театр гӏуцӏарав ва жиндирго гъажабазда гӏемер гӏатӏилъи-къварилъи баччун, гӏун бачӏунеб гӏел куцарав актер. Киназего гуро гьединаб талихӏ кьолеб. Гьес гӏолохъанаб гӏелалъухъе кьуна жиндирго сценаялъул байрахъ. Гьев вуго театралъул дада.

Мухӏамад Гӏумаров, Дагъистаналъул мустахӏикъав артист:

— 1936 сон ккана дир къисмат, дир букӏинесеб гӏумру бихьизабураблъун. Гьеб соналъ Гьоцӏалъе бачӏун букӏана Гӏабдурахӏман Магаевас нухмалъи гьабулеб театралъул коллектив. Дун вукӏана ичӏго-анцӏго сон барав гьитӏинав чи. Гӏабдурахӏмание рекӏее гӏуна кьурдизе дир букӏараб гьунар, ва гьес дун цадахъ вачана. Гьес дун жиндаго цеве чода рекӏинавулаан ва киназдаго жиндир вас вугилан абулаан. Хӏакъикъаталдаги гьес дие гьабуна эменлъиги эбеллъиги, гьев вукӏана гӏумруялъго дир учительлъун.

Хӏамзатов Хочо, журналист:

— Гӏабдурахӏман Магаев дида лъала цӏакъ гӏадатияв, сабурав чи хӏисабалда. Сценаялъулаб махщалил бицани, къиматаб рахълъун ккола гьев жиндирго героясул образалдехун унго-унгояб къагӏидаялъ, кӏвар кьун балагьи. Дида Магаев вихьана анцӏ-анцӏ ролазда, амма гьав героясул образ гьесда бичӏчӏун гьечӏин, гьаб ролалдехун гьев тӏаса-масаго валагьун вугилан абизе кӏоларо.