Лъикӏав инсанго гӏадин, лъикӏав махщелчиги вуго Сапарилав Мухӏамадов

Сапарилав Мухӏамадов ккола Каспийск шагьаралда бугеб живго бетӏергьанаб «Сагӏид ва Компания» цаби-гӏусазул поликлиникаялъул нухмалъулев. Гьев ккола Къорода росулъа. Гӏагараб росулъ школаги лъугӏизабун, ана армиялде. Гьелдаса хадув Сапарилав цӏализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталде. Цӏали лъугӏидал, 1985 соналда хӏалтӏизе витӏана Псков областалъул Хилово шагьаралде. Гьениб 13 соналъ нухмалъи гьабуна цаби-гӏусазул поликлиникаялъе.

1997 соналда Сапарилав хъизан-лъималгун тӏадвуссана Дагъистаналде. Лъади Раисат хӏалтӏизе лъугьана республикаялъул неврологиялъул централде. Сапарилас рагьана живго бетӏергьанаб поликлиника.

Долдаса нахъе ана 20 сон. Жакъа клиникаялда хӏалтӏулев вуго 37 чи. Поликлиника хьезабун буго жакъасел технологияздалъун. Къого соналда жаниб поликлиникаялъ къабул гьавун вуго нусазаргоялдасаги цӏикӏкӏун унтарав.

Цадахъ хӏалтӏулезги тӏадегӏанаб къимат кьолеб буго Сапариласе, тохтур ва инсан хӏисабалда. Масала, тохтур-стоматолог Патӏимат Айдаевалъ гьадин бицана:

— Поликлиника рагьаралдаса нахъе хӏалтӏулей йиго дун Сапариласда цадахъ. Гьесухъа бажарана жакъасеб медицинаялъул тӏалабазде дандекколеб идара гӏуцӏизе ва цӏунизе. Гьединго гьанир хӏалтӏулел руго тӏадегӏанаб даражаялъул махщалил тохтурзабиги, — ян.

— Поликлиникаялда дун хӏалтӏулей йиго 2018 соналъул октябралдаса нахъе. Цӏакъ йохарай йиго гьадинаб гъункараб, махщел бугезулги хӏалтӏулезулги къимат бугеб коллективалде ккеялдаса, — ян бицана медсестра Севиндж Исмагӏиловалъ.

— Сапариласе, Россиялда хӏалтӏулелъул, щвана тӏадегӏанаб цӏарги. Гьев ккола Псков областалъул мустахӏикъав тохтур. Гьениб щвараб хӏалбихьи гӏадада ккечӏо. Ва гьес рагьана цаби-гӏусазул поликлиника. Нижеца Сапариласда Сагӏидилан абула. Гьединал гӏадамал ракьалда гӏемерлъулелани, гӏумру дагьабги берцинлъилаан, — ин бицана «Дагътехкадастр» цолъиялъул Каспийскалда бугеб МУПалъул филиалалъул директор Мухӏамад Зулпукъаровас.

КМШИялъул директорасул заместитель Светлана Корниенко:

— Дида Сапарилав лъала 1997 соналдаса нахъе. Нижер хъизан гьесул поликлиникаялде уна цаби-гӏусал сах гьаризе. Гьев вуго жавабчилъи цӏикӏкӏарав тохтур.

Гьеб батизе буго гьесие лъимерлъиялдаго щварал дарсалги. Гьитӏинго хвана эбел-эмен. Гӏисинал вацал-яцазул тӏалаб гьаби тӏаде ккана Сапариласде. Гьес гьезие лъикӏаб тарбия кьуна. Цӏализеги лъай щвезеги кумек гьабуна. Ва нухарегӏана цӏияб гӏумруялде.

«Гӏагараб Дагъистан» гӏуцӏиялъул хӏукмуялдалъун Сапарилав Мухӏамадовасе кьуна «Миллияв Бахӏарчи» абураб цӏарги меседил цӏваги. Ракӏ-ракӏалъго гьесда шапакъатги баркун, поликлиникаялъухъги ялагьана дун. Щибаб кабинеталъул бугоан жиндирго хаслъи. Клиникаялда сверухъ бугеб рацӏцӏалъиялдаги квегӏенлъиялдаги бахиллъизе бачӏана: киса-кирго чӏун руго гъутӏби ва тӏугьдул.

Гьединабго бацӏцӏадаб ва роцӏараб буго Сапариласул гӏумруги. Лъади Раисатгун цадахъ гьес гӏезабуна лъабго лъимер: кӏиго яс ва цо вас. Гьел киналго инсул нухдасанги ана.

Патӏимат Аледзиева,

РФялъул Журналистазул

союзалъул член