Компьютералъ гьабулеб зарал лъазе ккола
Телефоназдаса яги компьютераздаса пайда босуларел гӏадамал къанагӏатги гьечӏо. Гӏемерисел Интернеталъур рукӏуна сордо рогьинегӏанцин. Цӏиял технологияздаса битӏун пайда босизе лъалеб гьечӏолъиялъ, канлъуе заралги гьабулеб буго. Лъималазул берал цӏунизеян абун, эбел-инсуца гьел компьютералда нахъа гӏодор чӏолеб заман дагь гьабула, амма гьелда нахъа хӏалтӏулез щиб гьабилеб? Гьединго канлъи дагьлъизе рес буго бокьараб ригьалъул гӏадамазул. Компьютералда нахъа гӏемераб заманалъ гӏодор чӏедал, берал сваказарула, цо-цо мехалда ссудизарула ва унтула. Кинха цӏунилел компьютералъул заралалдаса берал? Щибаб жо рекъараб хӏалалда хӏалтӏизабуни, зарал кколаро, гьединго, компьютераздаса битӏун пайда босани, берзул канлъи цӏунизе бажарулин абулеб буго гӏалимзабаз.
Канлъи цӏунизе бокьани, щибаб сагӏаталдасан беразе хасаб гимнастика гьабизе ккола, амма гӏемерисезда гьеб гьабизе ракӏалдецин щоларо. Канлъи цӏунулеб гимнастикаялъул хӏакъалъулъ цебеги хъван букӏана гьаниб.
Киналха ругел канлъи загӏиплъиялъул гӏаламатал?
Хӏалтӏулелъул берал ссудула ва унтула; жаниса берал багӏарлъула; компьютералдаса берал цогидаб рахъалдехун ралагьани, загӏипго бихьула; къасимехалъ канлъи дагьлъула, хӏалтӏулелъул ва хадуб гӏемерисеб мехалда бетӏер унтулеб букӏуна; кӏигъуждул, габур ва мугъ унтула.
Компьютералъ канлъи хвезабиларедухъ хӏалтӏулеб ва хӏалхьи гьабулеб къагӏида гӏуцӏизе ккола, хӏалтӏулеб бакӏги цо ккараб хӏалалда рекъезабила. Гьелда рекъон, тохтурзабаз гьадинал малъа-хъваял гьарулел руго:
— хӏалтӏулелъул, компьютералдаса 50-70 сантиметралъ рикӏкӏад рукӏине лъикӏаб буго;
— экран беразда дандбитӏун букӏине бегьуларо, гьелъул гӏаксалда компьютералъухъ тӏаса-гъоркье балагьизе лъикӏаб буго;
— компьютералъул экраналде цӏикӏкӏун канлъи речӏчӏизе бегьуларо, кабинеталъуб цӏакъго гвангъун бугони, лъикӏаб буго компьютералда тӏад тӏадхъел гӏадаб жо гьабизе;
— тӏасабищизе ккола компьютералъул гьоркьохъеб гвангъи ва хӏарпазул роцен рекъезабизе ккола, цӏакъго гӏисинго тезе лъикӏаб гьечӏо;
— компьютералда нахъа битӏун гӏодор чӏела, квералги ритӏун лъела, тӏад кӏусараб бакӏалъулги столалъулгун борхалъи рекъезабила;
— щибаб 20 минуталдасан компьютералдаса берал цогидаб рахъалде руссинарила, тӏаде рахъинчӏониги, цогидаб рахъ-рахъалде ралагьаралги гӏола;
— берал гӏемер паркъезаризе ккола;
— хӏалтӏизаризе лъикӏаб буго компьютералъул канлъудаса берал цӏунулел цӏоробералги.
Лъималазул канлъи цӏуниялъе гӏоло тохтурзабаз бихьизабун буго заман: 3-4 сон барал лъимал телевизоралда цере рукӏине бегьула сордо-къоялда жаниб 20 минуталъ, 5-6 сон барал 30 минуталъ, 7-8 сон барал 40 минуталъ, гьебги гьоркьоб заман биччан.
Кванил нигӏматазги
щула гьабула канлъи
Гимнастикаялъ гуребги, берал цӏунизе кумек гьабула массажалъ, дарабаз, халкъияб медицинаялъ, канлъи лъикӏлъизабулел нигӏматаз.
Гӏемерисезда лъалеб батила беразе лъикӏаб нигӏматлъун чӏегӏерка-ри кколеблъи. Гьеб гъорлъ бугел хасал дарабигицин хъвала, канлъи цӏунизелъун окулистаз. Канлъи цӏуни гуребги, берзул жанисеб тӏадецуялдасацин цӏунизе кумек гьабула цо-цо кванил нигӏматаз. Мисалалъе, томаталъул сокалъ глаукома лъугьиналдаса цӏунула берал.
Нигӏматазда гъорлъ ругел А, В къокъаялъул витаминазги лютеиналъги бидул хьвади лъикӏлъизабула. Беразде би ва кислород лъикӏ хьвадулеб бугони, гьел унтиялъул хӏинкъиги дагьаб букӏуна. Амма гьел витаминал гӏолел гьечӏони, масала, щаринах, ханал яги ччугӏа кунеб гьечӏони, канлъи дагьлъизеги рес буго. Пайдаял нигӏматал кунин абун, киданиги берал унтизе рес гьечӏин абураб пикруги мекъаб буго. Кваница гӏицӏго канлъи лъикӏлъизабизе кумек гьабула.
Кинал нигӏматалха
беразе «рокьулел»?
Ламадуралъулъ букӏуна канлъи «цӏодор гьабулеб» А витамин. Лъикӏ букӏина гьебгун цадахъ беэнлъи квани, масала, ламадуралъул салаталъулъ тӏорахь жубазабун.
Тӏулалъги букӏуна А ва В витаминал. В витаминалъ беразул нервабазул хӏалтӏи лъикӏлъизабула, беразул свак чучизабула.
Кьарияб тайпаялъул ччугӏадулъ (лосось, скумбрия, сельд) букӏунеб А витаминалъги беразул нерваби цӏунула, кӏудияб ригьалде рахараб заманалдагицин канлъи лъикӏлъизабула, берзул жанисеб хъал (сетчатка) унтиялдаса цӏунула. Анкьида жаниб кӏиго-лъабго нухалдагӏаги ччугӏа квине лъикӏаб буго канлъи цӏунизе бокьаразе.
Чӏегӏеркариялъулъ букӏуна А, В, С витаминал ва лютеин (канлъи лъикӏлъизабулеб жо). Риидал гьеб кунеб бугони, канлъи цӏунизе кумек гьабула. Холодильникалъуб цӏунараб чӏегӏаркариялъулъги киналго витаминал цӏунун хӏутӏула.
Гьуинаб пуччалъулъ букӏуна берзул жанисеб хъалалъул сахлъи цӏунулеб ва капиллярал щула гьарулеб С витамин.
Киви буго витаминаздалъун цӏакъ бечедаб. Гьелъулъ рукӏунел А, В, Е, С, РР къокъабазул витаминаз, лютеиналъ, макро — ва микроэлементаз берзул канлъи лъикӏ гьабула.
Гӏинтӏи бечедаб буго аскорбиналъулаб, фолиялъулаб кислотаздалъунги, А, В, Е къокъаялъул витаминаздалъунги, микроэлементаздалъунги. Гьабун сордо-къоялъ тараб гӏинтӏидул компоталъ къасимехалда канлъи лъикӏ бихьизе кумек гьабула.
Помидораз канлъи гуребги, иммунитетги щула гьабула, рекӏел унтабаздасаги рак унти лъугьиналдасаги цӏунула. Петрушкаялъулъги руго беразе пайдаял А, В, С къокъабазул витаминал. Бидурихьал щула гьарула гьелъ. Компьютералда нахъа хӏалтӏун свакарал беразул свак чучизабула петрушкаялъул, сельдереялъул ва ламадуралъул сок жубазабун гьекъани.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова