Учителасул хӏалтӏуе къимат кьеялъул цӏияб къагӏида
«Гӏагараб кӏиго соналъ учителас тӏасабищизе бегьула гьабсагӏаталда бугеб къагӏидаялъищ яги цӏиялда рекъонищ жиндир хӏалтӏул халгьабизе бугебали. Психологиялъулгун педагогикаялъул рахъалъги, жинца кьолеб дарсилги гара-чӏвариялъе бугеб бажариялъулги – гьел рахъаз лъаялъул халгьабизе буго цебеккун букӏараб къагӏидаялъ», — ан абуна Васильевалъ.
Министралъ абуна, хӏал гьабун, цӏияб къагӏида тӏасабищизе учитель тӏамизе гьечӏин, амма дагь-дагьккун гьелде рачӏине кколин. «Щай гьедин гьабизе бугеб? Щайгурелъул, масала, цӏияб хъулухъалда учитель толеб мехалда, басралъараб къагӏидаялъ рес кьолароан, хӏалбихьи гьечӏев учителасе гьединаб хъулухъ кьезе. Учителасул хӏалтӏул стажалда бараблъун букӏине гьечӏо хъулухъалда теялъул иш – гьеб бараб букӏина гьесул махщелалъул даражаялда», — ан бицана Ольга Васильевалъ.
Учителасул бажариялъе къимат кьеялъул букӏине буго лъабго даража: диагностикияб (тесталъе жавабал кьей, методикияб лъабго масъала тӏубазаби ва гьезие гӏатӏидаб жаваб кьей, махщелалда бан гӏуцӏараб масъалаялъе жаваб бати), 15 суалалъе жаваб кьей, дарсил видеозаписалъухъ халгьаби (гьелъ рес кьола учителасул хӏакъикъияб хӏалбихьи загьирлъизе, ай, махщалида бан, гьесие кьун букараб масъала кин тӏубазабулебали бихьизабула).
Диагностикияб хӏалтӏи. Тесталъе жавабал кьей.
Гьезул хӏасилалда учителасе щвезе бегьула махщалилаб бажариялъул лъабго даражаялъул цояб:
Тӏоцебесеб даража. Жинца кьолеб дарсги гьелъул методикаги лъала; гьелъул кьучӏалда ва хӏалтӏизабулеб программаялде (программабазде) рекъонккезабун, церелъурал масъалаби тӏуразарун бажарула; хӏалтӏул хӏалбихьиялдаса хӏакъикъиял мисалалги рачуна.
Кӏиабилеб даража. Жинца кьолеб дарсги гьелъул методикаги лъала; гьелъул кьучӏалда ва хӏалтӏизабулеб программаялде (программабазде) рекъонккезабун, церелъурал масъалаби тӏуразарун бажарула, хисизабураб ахӏвал-хӏал бугониги; хӏалтӏул хӏалбихьиялдаса хӏакъикъиял мисалалги рачуна.
Лъабабилеб даража. Жинца кьолеб дарсги гьелъул методикаги лъала; гьелъул кьучӏалда ва хӏалтӏизабулеб программаялде (программабазде) рекъонккезабун, церелъурал масъалаби тӏуразарун бажарула, жинда цебе кинаб масъала лъезе бугебали лъалеб гьечӏониги; хӏалтӏул хӏалбихьиялдаса хӏакъикъиял мисалалги рачуна.
Диагностикияб хӏалтӏи. Махщелалда бан гӏуцӏараб масъала тӏубазаби
Мисалияб ахӏвал-хӏал: Мун хӏалтӏулеб кабинет хьезабун буго гӏаммаб лъайкьеялъул ФГОСалда рекъонкколел алатаздалъун. Щуабилеб ва 10-абилеб классазда лъай гӏаммлъизабиялъул дарс кьолеб мехалда, дарсил алатазул кинал бутӏабаздаса ва кин дуца пайда босизе бугеб? Кинаб батӏалъи букӏине бугеб гьел дарсазда гьоркьоб?
Диагностикияб хӏалтӏул тест тӏубазабурав учителасе щвезе ккола 13-ниги балл. Гьеб ккола учителасул кьочӏолаб компетенция букӏин чӏезабиялъе аслияб роцен. Гьелдаса дагьал баллал щварав учителасул лъайкьеялъул идараялда пуланаб дарс кьезе гӏураб даражаялъул лъай гьечӏин чӏезабула ва гьев витӏизе вуго лъай камил гьабизе.
Диагностикияб хӏалтӏул тӏоцебесеб даражаялъе мустахӏикълъизе ккани, учителасе щвезе ккола гъоркьияб къадаралда 15 балл, кӏиабилеб даражаялъе – 21 балла ва лъабабилелъе – 25.
Кин гӏуцӏулеб къимат кьеялъул хӏалтӏи?
ABBYY Мониторинг порталалъул жиндирго кабинеталда халгьабиялъул гӏахьалчияс иргадал тӏуразаризе ккола цӏех-рехалъул щибаб бутӏаялъул тӏадкъаял (гьел цереккун рехсон руго). Дарсил видеозаписьги гьес лъола гьебго порталалъул жиндирго «личный кабинеталда». Хадубккун гьенибго лъун бачӏуна, кинаб даражаялъе мустахӏикълъулевали бицунеб жавабги.
Кин кьолеб къимат
Диагностикияб хӏалтӏул тӏоцебесеб бутӏаялъе къимат кьола гьеб параялъго, ай компьютералъго. Кӏиабилеб бутӏаялъе къимат кьола экспертаз – гьелъие чӏезарурал критериязда рекъон. Экспертазго къимат кьола махщеллъиялъул масъала тӏубазабиялъеги видеодарсиеги.
Аттестациялъул цӏияб къагӏидаялъул исана хӏалбихьизе буго Адыгеялда, Кабардино-Балкариялда, Чачаналда, Ингушетиялда, Татарстаналда, Хабаровск краялда; Ленинград, Курганск, Томск, Москва, Ярославль, Волгоград ва Рязань областазда.
Педсовет.орг
сайталдаса босараб