Багьадурзаби

Муслимица живго бахӏарчилъун рикӏкӏунев гьечӏо

Нилъер жакъасеб гӏумруялдаги руго бахӏарчиял ишалги гьединалго гӏадамалги. Рекӏее кӏудияб асар гьабула лъималаз гьединал ишал гьарунин рагӏидалги. Хадуб кколелъул пикруги гьабичӏого, цогидал хвасар гьарурал лъималаз гьеб жидеда тӏадаб ишлъун рикӏкӏунеб буго.

Гьедин абулеб буго макъалаялда бицен гьабулев вугев гьитӏинав Муслимицаги – гьес жинцаго гьабураб иш тӏадаблъун рикӏкӏунеб буго, ай гьунарлъун рикӏкӏунеб гьечӏо.

Казбек районалъул Ленинаулалдаса гьудулзаби Гӏумар Шамхалбиев ва Муслим Тӏалхӏатов къаси мехалда мороженое босизе унел рукӏана. Расандулаго, гьел щвана цо кӏкӏалал рагӏалде. 70 метр борхалъи бугеб гьениве вортана Гӏумар. Муслим вихха-хочичӏо. Гьев гьудул хвасар гьавизе хадув кӏанцӏана. Кверги бекана гьесул, цогидал ругъналги лъуна гьесул черхалда.

Муслимида Гӏумар, гӏакълу-лъаялдасаги ун, лъаралъ лъелъ ватана. Бекараб квералъул кумекалдалъун Муслимица Гӏумар лъарккун гӏебеде вехъерхъана, сухъмахънух батизегӏан. Цӏакъ гӏакъуба бихьана гьесда, гьеб нухдасан шагьранухде гьудул вехъерхъулаго. Гьудулги гьенивго тун, Муслим векерана машина чӏезабизе. Чанго машина ана, гьесухъ гӏинтӏамичӏого. Ахирги гьудулзабазде тӏаде ккана Ленинаул росдал участковый Насим Мухӏамадханов. Гьес кӏиявго гьудул росдал больницаялде рачана. Гьенисанги гьел ритӏана Хасавюрт шагьаралъул больницаялде.

Кӏкалахъги, лъарчӏван гӏебедеги, сухъмахънухдаги ратарал бидул лъалкӏаз бицана лъималазда бихьараб гӏакъуба-къоялъул.

Амма Муслимица живго бахӏарчилъун рикӏкӏунев гьечӏо.

— Дица гьабураб гӏадаб иш цогидазги гьабизе букӏана. Дир ботӏролъги рекӏелъги букӏана гӏицӏго цохӏо пикру: гьудул хвасар гьави. Гьедин киназго гьабизе букӏана. Дица гьеб гьунарлъун рикӏкӏунаро, гьеб букӏана дида тӏадаб иш.

Васазул гӏагарлъиялъ кӏудияб баркала кьолеб буго захӏматаб ахӏвал-хӏалалде ккарал гьезие кумекалъе ватарав Насимие.

Нурият Салатгереева,

Дилым росу