Дир меседил кини, чиллайдул гьулак…
Цӏумазул тарихалъ куцана дир рухӏ…
Дун тӏад кӏибикӏараб меседил кини,
Керен цӏун буго дир дур берцинлъиялъ.
Лъимерлъи гьелчараб чиллайдул гьулак,
Чорхолъ буго жеги дуца лъураб жан.
Залму Батирова
Гьале жакъаги бегулеб халкъияй шагӏиралъул иргадулаб тӏохьол иргадулал тӏанчал. Цӏаланагӏан цӏализе рокьулел гьелъул шигӏрабаздаса чӏвалеб буго росдал махӏ — киниги, кечӏги, росуги, мугӏрулги, магӏаруллъиги…
«Асарал» абураб цӏаралда гъоркь гьанжегӏагар къватӏибе бачӏараб тӏехьалда руго шагӏиралъул цӏиял асаралги, нилъеда церехун рагӏун рукӏаралги, руго поэмабиги. Батӏи-батӏияб тематика. Дие бицен гьабизе бокьун буго росдал пикрабазулъ тӏегьан рачӏарал шагӏиралъул шигӏрабазул.
Росдал сариназ асир гьаюрай дида цебе бачӏунеб буго хунздерил тӏалъи:
Дир жавгьарул хъала, хъахӏганчӏил росу,
Ссияб тарихалъул къисабазул тӏехь.
Сверухъе дуниял пасалъаниги,
Пасалъизе чӏечӏел чӏухӏарал васал.
Намус тун, бечелъи черхалъ цӏехечӏел
Цӏумазул тарихалъ куцана дир рухӏ,
Цциналъ хӏалуцине хӏухьел гьабуни,
Дозул сабруялъ дун кьурана гӏодой…
Дур мугӏрухъ, дур гӏорахъ, дур кӏкӏалабазухъ
Данде цӏан месед кье – кьезе гьечӏеб мун
Тӏокӏкӏарал иццазул узданал лъарахъ
Гьекъелареб барти дур тушбабаца…
(«Дир меседил кини…»)
Гӏагараб росуги, росдал гӏадамалги, гӏадамазул гӏаданлъиги гӏадатлъиги, гӏумру тӏад бижараб магӏарул киниги, кинидахъ ахӏулел хӏасратал кучӏдулги — гьеле шагӏиралъул тӏехьалда дие гӏагараблъун лъугьараб тема. Дица хӏаракат бахъула щивав шагӏирасе гӏагараблъун лъугьараб сипаталде кӏвар кьезе. Масала, церехун цӏаларал Залмул асаразулъ бугеб гӏанса хӏанчӏил сипаталъ асир гьаюн йиикӏана дун. Гьаб нухалдайин абуни, цебесаго унеб гьечӏо гӏагараб тӏалъиялъул сипатги жинда жаниб магӏарул гӏумру гьелчолеб бугеб киниги.
Цо лахӏзаталъ цебечӏезабе магӏарул сардил хӏикмалъи:
Гогьал чвахелабаз зикруги бачун,
Кьижараб сордогӏан берцинаб жо щиб?
Гьелдасаги берцин бихьула дида:
Эбелалъ гьуинаб бакъанги бачун,
Кинида кьижараб гьитӏинаб лъимер.
Гьелъул надалдасан карун гирулеб
Жавгьаргӏан бацӏцӏадаб цо гӏетӏул горо.
(«Берцинлъи»)
Унго-унголъунги магӏаруллъиялда гӏумру киниялдасан байбихьулебги батила.
Киниги, эбелги, лъимерги – нилъер щивасул къисматалъул кунчӏи, гӏажаибаб берцинлъи:
Дуца шигӏру хъвазе поэт тӏамуна,
Дуца гьунаразе васал куцана.
Азарго берцинаб цӏар дуда буго:
Эбел!. Чӏужугӏадан! Меседил горо…
Эбел, Чӏужугӏадан йикӏинчӏейани,
Берцинлъи хвелаан дуниялалъул.
Бергьенлъи, Эркенлъи, Гӏакъиллъи гӏадал
Рагӏаби ракьалда рижилароан.
Кӏудияб байбихьи берцинлъиялъул,
Ракӏ биунеб рокьи эбеллъиялъул,
Лъимаде, росасде, дуниялалде
Дуе, Чӏужугӏадан, Аллагьас кьуна.
Жиб-жиб галиялда меседги бекьун,
Гьеб рокьиялъ дур цӏар цӏунун хутӏана.
Гьеб рокьиялъ течӏо мун дунялалда,
Аллагьасе гуреб, бетӏер къулизе.
(«Чӏужугӏадан»)
Шагӏиралъ рекӏелъ кӏудияб чӏухӏигун ахӏулеб буго росулъа ясалъул сариназе даимго хилиплъизе гьечӏилан:
Дун йиго инсуца чӏараб гъотӏол яс,
Дов гьечӏонаниги, гьелъий чучулей.
Ракӏ-ракӏалъ гьелъие хъулухъ гьабулей,
Хъачӏаб рохтиялда хурхун къвал балей.
Дун йиго эбелалъ квераз бессараб
Гьанже басралъараб салмагалъул яс,
Дида долъул квераз лъураб накъищалъ
Долъул пикрабазул канлъи бихьула.
Дун йиго борхатаб кьурулъ бижараб
Кӏудияб гъветӏалъул гьитӏинаб гӏаркьел.
Гьезда рещтӏун хӏанчӏаз ахӏулел кучӏдул
Дарманлъун кьун руго дие гӏумруялъ…
(«Дун йиго…»)
Цӏаланагӏан цӏализе рокьулел, гӏумруялъулги гӏаданлъиялъулги аслулъунцин рикӏкӏине бегьулел шагӏиралъул асаразухъ цоги нухалда гӏинтӏамулеб буго. Магӏарул мацӏги, мугӏрул чӏужугӏаданалъул тӏадегӏанаб цӏарги, гӏумру берцинлъиялъе гвангъараб къисматалъул бакъги, бакъуе гьимарал шагӏиралъул анищалги, анищазда хӏур хъвазе течӏел пикрабазул цӏурмалги, гьезул гьаркьазухъе мугӏрул кьурабазда рокьул дандерижилъун ахӏдолеб намусалъул гьаракьги:
Дун хирияб ракьалда гучаб гъветӏ гӏадин гӏуна,
Мугӏрул гьаваги босун, ракьул нигӏматги бихьун.
Дун бакъуца хинлъана, гьеб хинлъи дие гӏуна
Дун хасало цӏорона, цӏорол гӏанси лъугьинчӏо.
Гӏадатги гӏаданлъиги умумузул цӏунана,
Ккараб тохлъи батани, тӏасалъугьа, гӏадамал.
Дун бертабалъ йохана, магӏирокъой гӏодана,
Дие лъилниги магӏу чияраблъун букӏинчӏо.
Магӏарулайлъун хвела, хирияб мацӏ нужей тун.
Гьеб кӏочене биччарал дир зонохъе рачӏунге.
Умумузул нух цӏунун, магӏарулайлъун юкъе,
Магӏарул ганчӏил зани васаз къаданибги чӏван…
(«Дун хведал»)
Залму Батировалъул асаразулъ хасаб бакӏ ккола гьимиялъги рокьиялъги. Гьез чӏаго гьарула гӏадамазул чӏунтарал ракӏалги, речӏарал пикрабиги, хьулазул хьухьаз хьухьазабураб гӏумруги. Рокьуе къуличӏеб къисматги цониги батиларо ракьалда:
Гьимиялъул берцинлъи рагӏабаз кин бицинеб?
Гьеб кунчӏулеб лахӏзаталъ рухӏалъе щолеб лазат!
Гьитӏинабгин кӏудияб кӏиго рохел жубала,
Кӏудияб талихӏалъул борхалъуде рахуна.
Гьиме, бищун захӏматаб хӏал рекӏелъ бугеб мехалъ,
Джоконда кинигин каранда магӏнаги лъун.
Релъе, ракӏ-ракӏалъ релъе,
билъе цӏам цӏорораб лъелъ,
Биччай чурун чороклъи чвахиялъ хъамун ине…
(«Гьими»)
Гӏемер хъвана Залмуца чӏужугӏадан кӏодо гьаюрал кучӏдул. Гьелъ бетӏер къулана къварилъиялда къуркьизаризе кӏвечӏел гьезие. Гьезул захӏмалъабазда цее накалдаги чӏана гьей. Шагӏиралъ, ахӏун биччан гьаракьгун, дунялалъего бицана Шамилил Шугӏайнатилги, Ахӏулгохӏалъул бахӏарчиял руччабазулги, талихӏаб гӏумруялде данде гьелчолел къисматазул гӏадатиял магӏарул руччабазул хӏакъалъулъги. Гьелъул шигӏрабазул улкаялда гвангъана Дагъистаналъул руччабазул батӏи-батӏиял сипатал:
Кигӏан захӏматаб къо тӏаде кканиги,
Гьез хӏухьел угьичӏо, хӏал лъалеб куцалъ.
Баччизе гӏумрудул бакӏлъи кканиги,
Аллагьасул хъваян гьабуна сабру.
Гьикъе гьезул гӏумру гьадал мугӏрузда,
Ункъабго къедалда гьезул рукъалъул.
Гьезул гъасда бакун бугеб цӏаялда,
Цӏадуде тӏинкӏулел магӏил гаразда.
Гьезул сабруялъе, гьезул яхӏалъе
Бан гьечӏо лъицаго жеги памятник.
Гьезул бажариги, гьезул намусги
Бихьичӏеб ххвел гьабун, тоге, бихьинал!
(«Дагъистаналъул руччаби»)
Бихьулеб буго шагӏиралъул рахӏатхвейги. Гьелъ гьикъулеб буго нилъедаги ва цадахъго жиндагоги. Даим жаваб гьечӏеб даимаб суал:
Щай намусгьечӏолъи тӏегьалеб бугеб
Тӏегьдаса буссунги, пихъ балеб бугеб?
Рухӏалдаса буго горде бахъулеб,
Яхӏалдаса буго тӏажу бахъулеб.
Намус хӏатӏикь буго, яхӏ къотӏноб буго.
Къиралзаби гӏадин хьвадулел руго.
Мунагьазул гьирал гьодидаги тун,
Рацӏцӏадаллъун хӏазе хӏадурун руго…
(«Неча»)
Нилъер щивасул гӏумруялъул рукӏуна хаселги, ихги, рииги, хаслихълъиги. Хасалил гӏазу-цӏералъги цӏорозаричӏо шагӏиралъул шигӏрабазул гьаракь, ихдал тӏегь балелъул, къиматалъеги гьимана гьел, роол бухӏигун цӏалдолезул ракӏазулъеги лъугьана гьел. Жакъа шагӏиралъул цо-цо шигӏрабазда чӏвалеб буго хасалихълъиялъул махӏги:
Цебе-цебе гӏумру, хаду-хадуй дун,
Ниж къисматалдаса руго тӏурулел.
Гьаб тӏабигӏаталъул гьурмада цебе
Цо талихӏаб шагьра буго цӏехолеб.
Кьо гьечӏел гӏоралги керчал рохьалги.
Бихьуда-тӏерхьуда бугебщинаб жо.
Зазил сухъмахъалги, хъирул къаналги,
Къоял рахъанагӏан руго гӏемерлъун…
(«Гьари»)
Пашманал пикрабаз кодой йосарай шагӏиралъ баччун бугеб ургъалабазул цӏураб таргьа гьурщулеб буго цӏалдолезе. Цадахъго гьелги тӏамулел руго ургъизе:
Анагури, гьудул, цогиги рии.
Бачӏараб лъалалде гьалъул гӏедегӏи.
Нилъ кир унел ругел гьадин гӏедегӏун,
Лъугӏулареб хелдей гьал хиялазул.
Ургъелазул гьобо хенолеб буго,
Хиялазул гьирал понцӏолел руго,
Доб гьабизе бугин, гьаб бокьун бугин,
Хӏалхьи лъалареб ракӏ хелделеб буго.
Рачӏа, гӏодорги чӏун, каранде къазе
Божилъидал цӏурал арал лахӏзатал.
Лъугӏи гьечӏеб хӏалтӏуй мутӏигӏлъичӏого,
Рухӏияб рокъойги къиризе нуцӏа…
(«Ана гури…»)
Ва макъалаялъул ахиралдаги шагӏиралъул цӏаралдасан бицине бокьун буго, хӏурматиял цӏалдолел, нужее магӏаруллъиялъул берцинлъиялъул хӏакъалъулъ. Гӏенекке цо лахӏзаталъ. Рагӏулеб гьечӏищ гьелъул лъарал-гӏоразул нилъехъ гӏашикълъараб хъуди:
Зобал хъвалхьун хьвадулел хьухьазул читӏир гьечӏо,
Чӏалгӏун гӏинда далараб шагьаралъул хъуй гьечӏо.
Бацӏцӏадаб, роцӏараб зоб, зодихъ кенчӏолел цӏваби,
Цӏалеб хӏухьлал бацӏцӏалъи —
цо магӏарухъ бугеб лъикӏ.
Лугбал чӏурканал ясал, чӏван ругел гормендаби,
Данде ккарав чиясе батулеб бугеб салам.
Рокьи берцинаб буго, намусалъулъ жемараб,
Макьу гьуинаб буго, сихӏкъотӏиялъ квал бараб.
Къаси букӏа, къад букӏа – цо магӏарухъ бугеб лъикӏ.
Рагьда ахӏулеб какил камилаб бакъан рокъоб,
Вагӏзаялъул гӏакъиллъи, лъикӏалде чи вачунеб.
Гӏаданлъиялъул дару, унти хехго сахлъулеб,
Сабаб гьудуллъиялъул, ургъел хехго бигьунеб.
Кинаса бицаниги – цо магӏарухъ бугеб лъикӏ!
(«Цо магӏарухъ бугеб лъикӏ»)
Хӏурматиял магӏарулал! Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батировалъул цӏияб тӏехьалда нужеда ратила нужер ракӏазе жеги чанго батӏияб асар гьабулел асарал. Гьенир руго ункъо поэмаги, къокъал кучӏдулги, сонетал-балладабиги, магӏарул мацӏалде шагӏиралъ руссинарурал М. Лермонтовасул, Н. Некрасовасул ва Г. Гейнил кучӏдулги. Тӏехьалъе цеберагӏи хъван буго профессор М. И. Мухӏамадовас.
Шамай Хъазанбиева