Гӏумрудул борхатаб си
Хашаев Хӏажимурад гьавуралдаса 110 сон тӏубай кӏодо гьабуна
Шамил райадминистрациялда тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъана районалъул нухмалъулелги, росабазул бегавулзабиги, школазул директорзабиги, Хӏажимурдил ракьцоялги. Тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор, юстициялъул генерал Хашаевасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ гьадин бицана райадминистрациялъул бетӏерасул тӏоцевесев заместитель Махӏач Махӏачевас: «10 сон бан букӏана Хӏажимурадица, Чачаналде хӏалтӏизе араб мехалда. Гьенив вукӏаго гьалмагъас, лъачӏого таманчаги речӏчӏун, лъукъула Хӏажимурад. Къотӏизе ккола бох. Гьениб щвана гьесие «хаш», ай чачан мацӏалда гьобол абураб цӏаралъул магӏна бугеб фамилияги. Гьенив лъугьуна Хӏажимурад ВКП(б)ялъул кьеразулъе. Ликбезалъул курсалги лъугӏизарун, цӏализе лъугьуна педтехникумалде. 20 сон барав чи тӏамуна Къахӏиб районалъул халкъияв судиявлъун. 1932 соналда Москваялда юридикиял курсал лъугӏизарурав гьев хӏалтӏана Дагъистаналъул Верховный судалъул членлъун, Къахӏиб райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун, Дагъистаналъул ЦИКалъул жавабияв секретарьлъун. Цинги Хӏажимурадица лъугӏизабуна Москваялъул багӏараб профессураялъул институт. 28 сонил ригьалда лъугӏизабуна институт ва хӏалтӏана ДАССРалъул прокурорасул ишал тӏуралев чилъун, Дагъистаналъул юстициялъул наркомлъун, Дагъистаналъул прокурорлъун, РСФСРалъул прокуратураялъул уголовнияб отделалъул прокурорлъун, РСФСРалъул Министрзабазул советалда цебе бугеб ДАССРалъул Министрзабазул советалъул кидагосев вакиллъун. Зулмаби гӏемераб 1937-абилеб ва хадуселги соназ захӏматаб асар гьабуна Хашаевасе. НКВДялъул хӏалтӏухъан Тучиница республикаялъул церетӏурал хӏалтӏухъабазде гӏунтӏизарулел рукӏана мекъал гӏайибал. Гьеб рекӏее гӏечӏев Хӏажимурадица хитӏаб гьабуна партиялъул обкомалде, амма гьениб гьесул рахъкквечӏо. Хӏажимурадил дагӏба ккана Ломоносовасулгун ва Гӏабдурахӏман Данияловасда гьес абуна гӏайиб гьечӏел гӏадамал чӏвазе «тройкаялъ» къотӏулел хӏукмабазда гъоркь гъолбасине жинда кӏоларин. Хӏакъикъаталдаги гьев хӏалтӏудаса нахъе ана ва Москваялде цӏализе лъугьана.
1950 соналдаса нахъе Хашаевас жиндирго гӏумру бухьинабуна гӏелмуялда. Гӏемерал соназ бетӏерлъи гьабуна Дагъистаналъул «Знание» обществоялъул отделениялъе. Чанцӏулго вищана Дагъистаналъул ЦИКалъул президиумалъул членлъун, РСФСРалъул ВЦИКалъул членлъун, ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун. Хӏажимурад мустахӏикълъана Октябралъул революциялъул, Захӏматалъул Багӏараб байрахъалъул, «Хӏурматалъул гӏаламат» орденазе ва гӏемерал медалазе.
Шамил районалъул Ветераназул советалъул председатель Мухӏамадрасул Асхӏабовас абуна жинца Хӏажимурадил хӏакъалъулъ тӏехь хъвалеб бугин ва чанго мисал рехсана Хашаев кинав чи вукӏаравали цебечӏезабулеб. «Гьев вукӏана унго-унгояв маслихӏатчи. Рекъел гьабизе хьвадулаан республика бахун къватӏивецин. Кигӏан кӏудияб къварилъи тӏаде бачӏаразги абулаан Хӏажимурадихъе инарищин. Гьедин рачӏараз цӏун букӏунаан гьесул кабинетги. Гьезул къваригӏелал тӏуралев, гӏунтӏун гӏансагун батӏи-батӏиял идарабазде хьвадулев, телефоналъ ахӏдолев вукӏунаан гьевги. Хӏажимурадил бухьен букӏана Лъахъа Хӏамзат-апандиясулгунги Къахӏиса Мухӏамадгӏарип-апандиясулгунги. Районалде Хӏажимурад вачӏун вугин рагӏидал, гьесда дандчӏвазе вачӏунаан Хӏамзат-апанди. Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун вугев Къахӏиса Мухӏамадгӏарип-апандиги вачун Талгиялде, щибаб рузманкъоялъ, машина кьолаан Хӏажимурадица рузман базе ине.
Рагъул соназ Болъихъ районалъул цо росдал колхозалъул председателас цӏакъго ресукъазе цӏоросаролъ бикьун буго. Мацӏихъабаз мацӏги гьабун председатель жанив тӏамизе вачун ун вуго. Гьесул гьитӏинав вацасда рагӏун буго Хашаевасул хӏакъалъулъ бицунеб. Ун вуго гьесухъе. Мурад бициндал, Хӏажимурадица гьесда абула мун эхеде айин, вац дудаса цеве лъове щун ватизе вугилан. Гьедин ватунги вуго», — ян бицана М.-Р. Асхӏабовас.
Тарихиял гӏелмабазул доктор Давудов Гӏумарица бицана: «Дица Хӏажимурадил хӏакъалъулъ хъвана щугониги очерк. Гьелъулъ гуро иш бугеб. Дица гӏажаиблъи гьабула къокъаб заманалда жаниб гӏелму-лъайго гьечӏев вехьасул машгьурав гӏалимчи вахъиналда. Гьев вукӏана Аллагьасго кьураб къанагӏатаб лъаялъулги бажариялъулги инсан. 1969 соналда захӏматго унтарав гьев уна Типлисалде, докторасулаб диссертация цӏунизе. Гьенибги бихьулеб буго жиндирго сахлъиялдаса къиматаб букӏин гьесие гӏелму. Хӏажимурадил цӏар кьун буго росдал школалъе, шагьаралъул цо къватӏалъе, гьес гӏумру гьабулеб букӏараб минаялъул ва хӏалтӏулев вукӏараб ДНЦялъул къадазда чӏван руго ракӏалдещвеялъул хъарщал».
Ругъелда росдал школалъул директор Мухӏамад Тӏайгибовас бицана, гьесул гӏумруялъулги хӏаракатчилъиялъулги цӏех-рех гьабулаго, кӏудияб асар гьабунин лъабго жоялъ: тӏоцебесеб, Гӏабдурахӏман Данияловасул ракӏалдещвеяз. Гьес хъван буго Хӏажимурад жиндие вукӏанин гӏамал-хасияталъулги хьвада-чӏвадиялъулги рахъалъ мисаллъун. Кӏиабилеб, рекӏее кутакаб асар гьабуна гьес васасухъе хъварал кагътаз: «Гӏолиллъиялдаса пайда босизе ккола гӏелмуялъулъ лъадарун, гӏадамазе пайдаял рукӏинелъун, гӏун рачӏунел гӏелазе лъикӏаб тарбия кьезелъун. Улкаялъул культурияб даражаялъул тӏогьире рахине хӏаракат бахъинчӏони, лъиего хӏажат гьечӏеллъун хутӏизеги бегьула. Лъие пайдаявлъунха вукӏинев гӏумруялдаса нахъе хутӏарав, лъавукъав ва жиндирго хасаб махщел гьечӏев чи. Гьединлъидал чара гьечӏого цӏализе ва улкаялъул гуребги, тӏолго дунялалъулго культурияб цебетӏеялда хадур гӏунтӏун рукӏине ккола…». Лъабабилеб, гьесул щулияб бухьен букӏана къелдерилгун», — ан.
Кӏудияб рохелгун вачӏана дун гьаб данделъиялдейилан абуна гӏемерал соназ районалъе нухмалъи гьабурав Мухӏамад Мухӏамадзагьидовас ва рехсана Хашаевасул гӏумруялдаса цо лъугьа-бахъин: «Гӏелмабазул академиялда хӏалтӏулаго, гьев щун вуго Гӏураде. Гьениб хӏакимзабазул дагӏба ккун буго гьев жидехъего вачине бокьун. Амма Хашаев ун вуго жидерго умумузул гьоболасухъе, гьесухъа изнуги гьарун гурони ун гьечӏо дол хӏакимзабазухъеги».
Данделъиялда кӏалъана техникияб университеталъул проректор Хӏажи Азаев, районалъул прокурорасул заместитель Хӏусен Гӏонжолов, юбилярасде гьарурал жидерго кучӏдул цӏалана С. Гьитӏинамухӏамадовас, М. Зиявудиновас, Ш. Маламухӏамадовас.
Ахиралда данделъаразе ва тадбир гӏуцӏаразе баркала кьун кӏалъана Хӏажимурадил вас Руслан Хашаев, ясалъул вас, профессор Наби Гӏумаров, Москваялда гӏумру гьабулев васасул вас Хӏажимурад Хашаев.
Дагъистаналъул тарих, Дагъистаналъул талихӏ,
Хабалъе бетӏер щвечӏев Хунзахъа Хӏажимурад.
Дагъистаналъул талихӏ, Дагъистаналъул тарих,
Гӏелмудул борхатаб си — Могьохъа Хӏажимурад.
Нуж кӏиябго канаб цӏва, камилаб дир халкъалъул,
Цояв Шамилил наиб, цояв гӏелмудул наиб.
Гӏумру, гӏасру батӏиял, амма ритӏухълъи тӏокӏал,
Гӏаданлъиги чилъиги чорхолъ рухӏлъун бессарал.
Сайпула Гьитӏинамухӏамадов