Лъалищ дуда рахьдал мацӏ?

Гӏалимзабазул цӏех-рехалъ бихьизабулеб буго магӏарул мацӏ лъугӏулеб букӏин

Кавказалъул халкъазул къадар гӏодобе кколеб гьечӏо, амма рахьдал мацӏал лъалезул къадар къо бахъанагӏан цӏакъго дагьлъулеб буго. Переписалъ кьураб хӏисаб – гьеб буго тӏаса-масаго гьабураб цӏех-рех. Мацӏалъул ва гьеб мацӏалда кӏалъалезул мухӏканаб хӏакъикъат лъазе ккани, гьабизе ккола гӏатӏидаб цӏех-рех. Хӏакъикъаталдайин абуни рахьдал мацӏалда эркенго кӏалъазе лъаларев, амма нусгоялдаса цӏикӏкӏун рагӏи лъалев чиясги рикӏкӏунеб буго жинда мацӏ лъалин. Цӏех-рехалъ бихьизабулеб буго унго-унголъун рахьдал мацӏ лъалел кавказалъулал дагьлъулел рукӏин. Дагъистаналъул бицани, республикаялъул чӏахӏияллъун рикӏкӏине бегьулел халкъазул, лезгиязул хутӏизегӏан, рахьдал мацӏ лъалезул къадар дагьлъулеб букӏин. Лезгиязул мацӏ мухӏканго лъалезул къадар цӏикӏкӏун буго 1,22 проценталъ. Цогидал халкъазул бицани, гьезул мацӏал лъаялъул иш гьедигӏан квеш гьечӏин абизе бегьила: табасараназул (-1,76), нугъаязул (-3,22) ва даргиязул (-3,54). Квеш буго — тумазул (-4,88) ва лъарагӏазул (-6,77).

Дагъистаналда мацӏал лъаялъул рахъалъ бищун нахъа буго магӏарул мацӏ — микьго соналда жаниб мацӏ лъалезул къадар дагьлъун буго 8,86 проценталъ.

Мацӏ халкъалъул ракӏ кколелъул, гьелда бараб буго нилъер рухӏияб цебетӏей. Рахьдал мацӏалъул кумекалдалъун щулияб кьучӏ лъола лъимерлъиялдаса халкъалъул мустахӏикъаб вакиллъиялде вахинегӏан нахъа толеб хӏаракатчилъиялъеги. Гьелъ цолъизарула гӏадамазул ракӏал, гӏелазул кьерал, кьо лъола араб гӏумруялдаса гьанжеселде ва букӏинеселде, борхизабула нилъер культурияб даража. Гьединлъидалин жакъа къоялда жаниб цӏакъго хӏажат бугеб рахьдал мацӏ лъазабиялде пикру буссинабизе.

Битӏараб буго, школалда мацӏ лъазаби буго цӏакъ кӏвар бугеб хӏужа. Амма гьеб мухӏканаб букӏуна хъизамалда жаниб эбел-инсуца рахьдал мацӏ бокьиялъул унго-унгояб тарбия кьолеб бугони.