Жеги малърал къвакӏичӏел ватӏаналъул хӏанчӏи

Санайил 27 июналда Россиялда кӏодо гьабула Гӏолилазул къо

Гьале жакъаги гьимулеб буго нужее ватӏаналъул бакъ. Рагӏулищ гьелъул рекӏел кӏутӏи?! Гьеб хӏалуцун буго, нужер ургъелал гьарун. Жакъа гьелъул бидури-хьалъанцин тӏинкӏулеб буго магӏу.

Ватӏаналъул магӏуги, рохелги, гьимиги, релъиги – гьеб киналъулго хважаинзаби руго нуж.

Жакъасел гӏолилал, Дагъистаналъул талихӏалъул куркьбаллъун ругел нужехъ буго гьелъул метерисеб, хадусеб…

Нуж батӏи-батӏиял ва гьелдаго цадахъ цоцазда релълъаралги. Нуж кьер-кьералги, цохӏо кьералъулги.

Ватӏаналъ жиндирго пикрабиги, анищалги, квацӏи-квацӏи гьабун, кьолел руго нужехъе. Тӏирщизаре гьел нужерго пайдаял ва лъикӏал ишазул кумекалдалъун.

Нужер цолъиялъги, рокьиялъги, бажариялъги хвасар гьабизе буго Дагъистан гьелъул букӏинеселъул ургъел гьечӏезул «цӏобалдаса».

Нуж релълъуна ватӏаналъул гӏидраялда рижарал кьер-кьерал тӏугьдузда. Нужедаса буго ватӏаналъул хӏикматаб, талихӏалъул цӏураб махӏ. Нужеда кодоб буго гьелъул къисматалъул кӏул. Нуж – гьелъул рекӏел кьаби-бидурихьал, бидурихьазулъан гьелчолеб, беролеб би.

Нужер рекӏел кӏутӏи цолъизе ккола ватӏаналъул рекӏел кӏутӏигун. Гьениб гьалдолеб рохелги букӏине ккола нужер гӏахьалаблъун.

Роржа нужерго анищазде данде, ватӏаналъул къисматалъул хъаравулзаби.

Жакъа школа лъугӏаралги, жакъа диплом щваралги, жакъа батӏи-батӏиял ишазда ругелги гӏолилал! Биччанте нужер гӏумруялъул даимаб ахӏилъун букӏине: «Къеркьезе, балагьизе, батизе, къуркьунгутӏизе», — ян абурал рагӏаби.

Исанасеб нужер байрам цолъулеб буго Дагъистаналда рагъулал тунка-гӏусиял ккаралдаса къого сон тӏубаялде данде. Дагъистаналъе захӏматал дол къояз «нилъеразулго» кумекалдалъун тушманас гьелъул ракь мерхьунеб мехалда, гӏолилаз къабул гьабуна ватӏаналъул ахӏи. Халкъалъ цоги нухалда ракӏалдещвезабуна цолъиялъул, гьудуллъиялъул къуватги, къиматги, къадарги.

Дагъистаналъул каранда кенчӏолел багьа тӏадегӏанаб маржаналлъун руго жакъа нуж. Маржаназда бугеб щибаб жавгьар – гьеле нужги нужер къисматги. Нухал ритӏаги нужее, Ватӏаналъул бакъуде данде.

***

Гӏолилазул хӏакъалъулъ цо-цо баянал:

• 1921 соналъул 1 маялда Темир-Хан-Шураб рагьана Дагъистаналъул комсомолалъул 1 съезд.

• Дагъистаналда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул 30% ккола гӏолилал. Гьединаб ахӏвал-хӏал Россиялъул ки-налго субъектазда гуро бугеб.

• Ахирал соназда Россиялда 14-ялдаса 30 соналде щвезегӏан гӏумруялда ругел гӏолилазул къадар дагьлъулеб буго. Гьеб ккола 21,5 процент. Гьезда гьоркьорги васазул къадар цӏикӏкӏараб буго – 50,8 процент.

• Нилъер улкаялдаги бакътӏерхьул пачалихъаздаги гӏолилазул лъаялъул рахъ босани, буго гьадинаб хӏал:

Бугеб лъай Россиялда Бакътӏерхьул

пачалихъазда

Байбихьул 5% 15%

Гӏаммаб гьоркьохъеб 17% 24%

Профессионалияб

гьоркьохъеб 19% 6%

Тӏадегӏанаб 18% 20%

• Лъаялъул даража гӏолилал васазулалдаса ясазул цӏикӏкӏараб буго.

• Дагъистаналда гӏумру гьабулеб буго Россиялда бищунго гӏолохъанав гӏалимчи, физикаялъулгун математикаялъул гӏелмабазул доктор Гӏалисултанов Завурица. Гьеб гӏелмияб даражаялде Завур вахана 27 соналъул ригьалда.

• 2013 соналъул ноябралда Дагъистаналда тӏобитӏана гӏолилазул тӏоцебесеб съезд.

• «Россиялъул Бахӏарчи» абураб тӏадегӏанаб цӏар щварал дагъистаниязда гьоркьор 17-яв вуго 35 сониде вахинчӏев.