Хунзахъ районалда бихьизабуна «Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ» абураб спектакль

РФялъул президентас 2019 сон лъазабуна Театралъул лъагӏеллъун. Гьелда бан гьарулел тадбиразул цояблъун лъугьана Магӏарул театралъул актеразул къокъаялъ Хунзахъ районалде гьабураб сапарги.

Артистал Хунзахъе иналъул букӏана цогидаб мурадги – исана 110 сон тӏубалаан Магӏарул театралъе кьучӏ лъурав гьелъул тӏоцевесев директорлъунги вукӏарав Гӏабдурахӏман Магаевас. Байрамалъул лъагӏеллъун ккола гьеб Басир Инусиловасулги – Тӏануси росулъ гьавурав театралъул меседил фондалда цӏар рехсарав актерасулги. Гьел хӏужабазул хӏурматалда театралъул администрациялъ хундерил росабалъ бихьизабуна фотовыставка. Гьенир церелъун рукӏана ДАССРалъул халкъияв артист Гӏабдурахӏман Магаевасулги РСФСРалъул мустахӏикъав артист Басир Инусиловасулги театралияб гӏумруялъул хӏакъикъат рагьулел суратал.

«Магӏарул театралъул къоял кӏодо гьариялъе байбихьи лъуна Хунзахъ районалда. Гьелъие гӏилла ккола театр тӏоцебе Хунзахъ гӏуцӏиги, гьелъул сценаялда тӏоцере лъурал спектаклязе кьочӏое росарал пьесабазул автор Цӏадаса Хӏамзат вукӏинги. Живго шагӏирасги кумек гьабуна театралъул тӏоцересел галаби битӏараб нухдасан тӏоритӏиялъе. Театралъул тӏоцевесев нухмалъулев Гӏабдурахӏман Магаевасги хӏаракат гьабуна маданияталъул гъанситохъ бакулеб цӏа гваргъун рекӏиналъе. Гьесул хӏаракаталдалъун театралда хӏалтӏизе рачӏана пагьмуял гӏолилал», — ан бицана театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасуловас.

«Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ» абураб спектакль лъугьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъде арал ва даим кьалул авлахъалда хутӏарал магӏарул актеразул къокъаб, амма бахӏарчияб гӏумруялъул игӏланлъун. 31 актер – театралда дол соназда хӏалтӏулел рукӏарал бихьинал актеразул цӏикӏкӏарасеб бутӏа – ана ватӏан цӏунизе. Гьениса тӏадвуссинчӏо 21 актер. Цоял актеразул гӏагарлъиялъухъеги театралдеги рачӏана «рагъда бахӏарчиго хванилан» абун бицарал кагътал, цогидал «араб бакӏ лъачӏого, тӏагӏана». Амма гьел кидаго чӏаго руго театралъул хӏалтӏухъабазулги, гьез хӏарал ролаз асир гьарурал магӏарулазулги, гьезул гӏагарлъиялъулги ракӏазулъ. Гьедин бицана театралъухъ гьоболъухъе рачӏарал актерал-юбиляразул наслабазги, Хунзахъ районалъул бетӏер Нурмухӏамад Задиевасги. Районалъул нухмалъулес театралъул къокъаялъе кьуна Баркалаялъул кагъатги.

Байрамалъулаб данделъиялдаса хадуб бихьизабуна «Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ» абураб спектакль.

Хадижат Шапиева