Магӏарул театралда бихьизабуна Москваялъул Таганкаялда бугеб театралъул спектакль

Араб анкьалда Дагъистаналде рачӏун рукӏана рехсараб театралъул актерал Любовь Чирковаги Валерий Черняевги. Гьез гӏуцӏараб «Босе шинель, рилълъа рокъоре» абураб спектакль бихьизабуна Махӏачхъалаялда, Магӏарул театралда. Дербенталда Лезги театралда бихьизабуна «Дун, Владимир Высоцкий…» абураб спектакль.

25-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ театралияб сценаялда цадахъ хӏалтӏулел руго Валерий Черняевги Любовь Чирковаги. Гьезул спектаклял гӏуцӏун руго ахӏулел ва рикӏкӏунел кучӏдуздаса, машгьурал гӏадамазул ракӏалдещвеяздаса, кагътаздаса. Гьединабго буго РСФСРалъул халкъияв артист Валерий Золотухиница сценарий хъвараб «Босе шинель, рилълъа рокъоре» абураб спектакльги. Гьеб хӏадурун букӏана Кӏудияб Бергьенлъиялъул 70-сонилаб байрамалде. Гьелда актераз ахӏана ва рикӏкӏана Булат Окуджавалги, Владимир Высоцкиясулги, Давид Тухмановасулги рагъул темаялъул кучӏдул. Спектакль байбихьана Расул Хӏамзатовасул «Къункъраби» кечӏ ахӏиялдаса.

Валерий Черняевас рекӏехъе цӏалараб къисаялъул бутӏаялъухъ сихӏтун гӏенеккун букӏана зал. Гьелда бицунеб букӏана, рагъул кутакаб коралдасаги борчӏун, Белоруссиялъул рохьосан унеб советияб солдатазул къокъаялъул хӏакъалъулъ: «Хинаб бакъуцаги рохьил расалъиялда тӏибитӏараб сихӏкъотӏиялъги ракӏалдещвеязулъ тӏерхьинарун рукӏана солдатал. Циндаго гьел лъалхъизаруна берда цебечӏараб сураталъ: тӏогьол майданалда харилъ егун йиго гӏолохъанчӏужу. Гьелъул гьайбатаб сипат художникас бахъараб сураталда релълъун бихьулеб буго. Тӏогьилаб бакъул кьер бикъараб биццатаб гъал квегӏаб рахъалде рехун буго. Беразда тӏаде щолеб кар хьвагӏезабулеб буго хӏеренаб гьорол хӏухьелалъ. Гьелде тӏадеги къулун, дир баба кьижун йиго, дир баба кьижун йигоян цокӏалго такрар гьабулеб буго гьитӏинай ясалъ. Гӏицӏго кӏутӏбузда гьоркьосан чвахараб бидул мухъалъги, рекӏеда тӏад лъураб квералда гъоркь бихьулеб багӏарлъиялъги бицунеб букӏана гӏолохъанчӏужу тушманасул гуллил къурбанлъун ккарайлъи.

Циндаго, солдатазда гьоркьоса чӏужугӏаданалде аскӏовегӏанги къалаго, солдат Михасица абуна: «Дир… дир лъадиги, дир ясги…», — ян ва гьитӏинай яс каранде къана. Гьеб параялъго сихӏкъотӏи къатӏинабуна бихьинчиясул гӏасияб гӏодиялъ…».

Актеразул гьунаралъ тӏолабго зал гьабуна дол рагъул соназул кьварарал лъугьа-бахъиназулги талихӏалъул лахӏзатазулги гӏахьалчилъун.

Кавсарат Сулейманова