Балагьун бергӏорцӏулареб берцинлъи буго магӏарухъ
Даим гӏаздаца ккурал мугӏрузул тӏогьал, беричал щобалгун майданал, гъваридал кӏкӏалал, рохьал, гӏедерал лъаралгун гӏорал — гьарзаго кьун буго Бетӏергьанас магӏаруллъиялъе берцинлъиги гьайбатлъиги. Гьеб тӏабигӏияб тӏогьол квацӏи гӏадаб ракьалъе ракӏгъезабулел бакънал рачунел гӏадин, магӏаруллъиялъул щибаб росдал ракьалда дандчӏвала жидерго хасаб берцинлъигун чӏахӏиялги гӏисиналги лъел чвахаби. Гьезул къадар аза-азар батила.
Бищунго чӏахӏиязул цояб ккола Чӏарада районалда бугеб Чвахило абураб чвахи. Кьенсергӏурул тӏарада бугеб гьелъ лъим босула Гутон магӏардаса. Бакӏалъулал гӏадамазда гурони гӏемер чиясда гьеб лъаларо, щайгурелъул гьенире рахине захӏмалъула. Гьилиб росулъа анцӏила ункъогӏан километралъ бигьаяб гуреб сухъмахъалъ ине ккола гьенире. Географиялъул литератураялда тӏоцебе гьеб чвахиялъул хӏакъалъулъ бицен гьабун буго ХӀX гӏасруялъул ахиралда гьениве щварав гӏурусазул геолог ва геморфолог Н. И. Андрусовасул хӏалтӏабазда. Гьединго гьеб чвахиялъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏаял ратула советияв гляциолог Н. А. Ногинскиясул хӏалтӏабазулъги. Кьурул болъабазда речӏчӏулаго кӏудияб борхалъудаса бортун бачӏунеб гучаб лъел чвахиялъул гъугъайгин сас километралдаса цӏикӏкӏараб манзилалда рагӏула. Инсан хӏайран гьавула гьелда сверухъ бугеб гӏалхулаб берцинаб тӏабигӏаталъги.
Цӏакъго хӏикматаблъун буго Гъуниб районалъул Салтӏа росдал ракьалда бугеб чвахи. Гьединабго хӏикматаб буго сулдерил нохъоде, ракьалда гьоркьан бачӏунеб лъел чвахиги.
Сулдерил лъар байбихьула Кудали росдал ракьалдаса ва Салтӏа росдаде гӏарлъухъе щолаго ракьулъе тӏерхьун уна. Чанго метралъ ракьулъанги ун лъар къватӏибе кӏанцӏун бачӏуна ва гьелъул лъугьуна анкьго метр борхалъи бугеб чвахи.
Кӏикъого метралъул борхалъи буго гьебго районалъул Тӏасагъуниса бачӏунеб лъарал Гъуниб абулеб чвахиялъулги. Цӏорол мугӏруздаса лъугьарал лъел чвахиял руго Авар, Гӏанди ва Гъазигъумекдерил гӏоразул тӏаралъабаздаги.
Хасго берциналлъун ккола Тобот лъарал чвахиял. Гьел руго Хунзахъги Илълъаги росабазда гьоркьор. Бакъ речӏчӏараб мехалда, гьел чвахабазул лъел тӏираби нуралъул хӏубал гӏадин гвангъун рихьула. Хасалил заманалда бакъуда данде кенчӏолел цӏорол хӏубал лъугьуна. Тоботалъул чвахабазул борхалъи географикияб къагӏидаялда жеги мухӏканго борцун гьечӏин абизе бегьула. 1959 соналда Тоботалъул чвахабазул цӏех-рех гьабурав азербайжаназул географ К. Гюляца жиндирго тӏехьалда хъвалеб буго гьезул борхалъи нусго метр бугин. Дагъистаналъул географ Мухӏамад Элдаровасин абуни бихьизабулеб буго Тоботалъул чвахабазул борхалъи лъабкъоялда анцӏго метр бугин. 1985 соналда республикаялъул географаз гьарурал цӏех-рехазда бихьизабун буго гьезул борхалъи кӏикъоялда анцӏго метр бугилан. Хӏакъаб жо, лъел бортиялъул байбихьудаса ахада, лъим речӏчӏулеб бакӏалъул хӏисаб гьабуни, ункъого-ункъоялда анцӏго метралъул борхалъи гьезул букӏин.
Хзан гӏурул чвахи буго битӏахъе Бежтӏа росу бакьулъ. Бежтӏадерил мацӏалда гьелда цӏар буго Лъисиякьа чвахи абун. Гьеб цӏакъго борхатаб гьечӏо. Араб гӏасруялъул кӏикъоялда анцӏабилеб соналъ гьелда тӏад бан букӏана гидроэлектростанция, амма Тоботалъул чвахабаздаса гьелъул лъим гӏемераб буго.
Гьанже курорталъул комплеск балеб бугеб Макьасда рагӏаллъиялдаса гӏодобе буго сахъадерил чвахи, гьелдаса бакътӏерхьудехун – лъегӏелдерил Чвахукьбакӏ чвахиги. Гьеб кӏиябго чвахиялъ лъим босула Тӏалакъоро мегӏералъул иццаздаса. Гӏахьвахъ районалъул Местӏерухъ ва Тӏукитӏа росабазул ракьалдаги руго чанго лъел чвахаби. Цӏакъго машгьураб буго кӏикъоялда анцӏго метралдасаги борхатаб Местӏерухъ росдада дандбитӏун бугеб Гьацӏакино чвахи.
Чвахабаздалъун бечедаб буго Шамил районалъул Кьурукьмухъги. Тӏасабакълъухъ росдада дандбитӏун буго кӏикъогогӏан метралъул борхалъи бугеб Мегъугъа чвахи. Гьенирго руго Игикь ва Магъалоси чвахиялги. Гьандихъ росдал ракьалда руго Бидакъо чвахи, Гомог чвахи, Борхатаб чвахи, Хӏассанил чвахи – кинабниги анкьго чвахи. Нусгогӏанасеб метралъул борхалъиги буго гьезул щибалъул. Могьохъ росдада аскӏоб буго Чара магӏардаса бачӏунеб лъаралъул Игьанди чвахи.
Тӏабигӏаталъул берцинаб памятниклъун буго Унсоколо районалъул гьерекӏдерил къварилъухъ бугеб чвахиги. Рихьуниб росдада дандбитӏун бугеб Хинаб лъим абураб бакӏалда бугеб чвахиялъул борхалъи бахуна лъабкъого метралде. Дагъистаналда гуребги, Россиялдаго бищун борхатаблъун рикӏкӏуна Гӏашилтӏа росулъ бугеб чвахи. Гьезулго ракьалда буго анцӏила щуго метралдаса цӏикӏкӏун борхалъи бугеб анцӏила анлъго чвахи.
Цӏумада районалда ругел чвахабазул машгьураллъун руго Инхо къвари чвахи, Гьакварисезул чвахи Тӏинди ва Хъварши лъаразда ругел чвахаби. Анцӏ-анцӏ чвахиял рукӏана Сулахъ гӏоралда, Чӏикӏаб ГЭС байдал, гьайгьай, гьел хӏорикье ккана.
Гьанир рехсана нижеда лъалел цо-цо чвахаби, якъинаб жо, гьел жеги гӏемер руго магӏарухъ. Квеш ккараб жо буго геофизикиял цӏех-рехалги гьарун, гьезул мухӏканаб сияхӏ гьабун гьечӏолъи.
Хьул буго «Хӏакъикъат» газеталъул цӏалдолез жиде-жидер ракьалда ругел чвахабазул, тӏабигӏиял памятниказул хӏакъалъулъ хъван редакциялде кагътал ритӏилин.
Пайзула Пайзулаев