Цӏодорлъи гьабе, лъимал…
Дунял квачазе байбихьидал, нилъеца токалъул алатаздаса цӏикӏкӏун пайда босизе байбихьула. Амма гьездаса, хасго печаздаса битӏун пайда босунгутӏиялда бан, больницабазде кколел гӏемер рукӏуна. Цо-цоязин абуни хӏаракат бахъула щиб бугониги бакӏ бухӏарал лъимал рокъорго сах гьаризе. Киназулго гурелъулха больницаялде ине рес букӏунеб, хасго росабалъ. Гьединлъидал ракӏалде ккана Махӏачхъалаялъул щуабилеб поликлиникаялъул педиатр Патӏимат Шамсудиновалъухъе ине ва, гьединаб иш ккани, тӏоцебесеб кумек кин гьабизе кколебин, гьелда цӏехезе.
«Тӏаде бухӏараб лъим ани яги, тохлъи ккун, щиб бугониги бакӏ бухӏани, тӏоцебесеб иргаялда, хехаб кумек ахӏизе ккола. Тохтур тӏаде щвезегӏанги лъимадул бухӏараб бакӏ 15 минуталъ краналдаса чвахулеб лъеда гъоркь кквезе ккола. Гьеб заманалда лъимадуе кьезе ккола гьелъул унти бигьа гьабулеб дарман, мисалалъе, нурафен. Аскӏоб аптека батани, босила бепантен яги пантенол абураб тӏад речӏчӏизабулеб дару. Бухӏараб бакӏалде пантенол речӏчӏизабуни, унти сасуна ва бухӏараб бакӏалда лъугьарал къучӏби ракъвазарула. Гьеб хӏалтӏизабизе бегьула бакъуца тӏом бухӏун бугониги. Гьел дарманазулъ букӏуна найил хӏе, парафин, перекисалъул кислота, цетеариловияб спирт, лъим. Гьел дарманаз кумек гьабула бухӏараб бакӏалда бугеб тӏом хехго цӏилъизабизеги. Пантенол батичӏони, хӏалтӏизабизе бегьула олазоль дару. Гьелда гъорлъ букӏуна цебегоялдаса нахъе нилъер чӏахӏияб гӏелалъги бухӏараб бакӏ сах гьабизе хӏалтӏизабулеб букӏараб гъарцӏи ва ругъун бацӏцӏад гьабулел цогидал жал. Цебегоялдаса нахъе гъарцӏиялъул нах хӏалтӏизабулаан бухӏараб бакӏ сах гьабизе. Амма аллергиялъул унтаби ругел гӏадамазде гьелъ аллергия базабизеги бегьула. Цогидал дарабазде дандеккун, гьеб учузабги буго. Бухӏараб бакӏ цӏакъго гьитӏинаб бугони ва гӏицӏго багӏарлъи рехун гурони лъугьараб жо гьечӏони, рокъобго дару гьабизе бегьула. Бухӏараб бакӏ кӏудияб бугони, къучӏбиги лъугьун ругони, хехаб кумек ахӏила яги тохтурасухъе бачина лъимер.
Нагагь бухӏараб бакӏалда хадубккун чанхъ яги хьверд лъугьун бугони, лъикӏаб буго къойида жаниб кӏиго нухалда левомеколь бахине ва катаналъ бухьине.
Бухӏараб бакӏалда ретӏел хъвазе бегьуларо. Ретӏел хъвачӏого бегьулареб бакӏ батани, бацӏцӏадаб бинталъ бацине ккола. Амма, кӏочене бегьуларо, бухӏараб бакӏ гьава чӏваледухъ рагьун бугони, хехго сахлъула», — ян бицана П. Шамсудиновалъ.
Тӏоцебесеб кумек
Нагагь, рокъоб дару-сабаб гьабулелъул, лъимер лагӏдолеб бугони, яги 12 сагӏаталдаса цӏикӏкӏун заманалъ цӏа-кан гӏодобе кколеб гьечӏони, ялъуни, бухӏаралдаса хадуб сордо-къо индалги, унти цӏикӏкӏунеб, бухӏараб бакӏ собон бугони, лъимер тохтурасухъе бачине ккола.
Тӏоцебесеб даражаялъул бухӏи бугони, тӏом багӏарлъула, амма къучӏби лъугьунаро. Кӏиабилеб даражаялъул бухӏи бугони, багӏарлъиги букӏуна, гӏисинал къучӏбиги лъугьуна бакӏ-бакӏазда.
Тӏоцебесеб ва кӏиабилеб даражаялъул бухӏараб бакӏалде тӏаде чвахун бачӏунеб цӏорораб лъим биччазе ккола, 12-18 градусалъул лъим биччазе ккола 15-20 минуталъ.
Цӏорораб лъим тӏаде биччан хадуб, бухӏараб бакӏ бацӏцӏадаб ва дагьабго биччараб чӏартица бацинабила (полотенцеялъ, катаналъ ва цогидабги синтетикияб гуреб ххамалъ).
Лъабабилеб даражаялъул бухӏиялъин абуни цӏакъго кӏудияб ругъун лъугьинабула. Гьединаб хӏалалда бухӏараб бакӏ бугони, дагьабго биччараб ва бацӏцӏадаб чӏартица бацина, амма цебеккунго цӏорораб лъим тӏаде биччазе бегьуларо. Унти къотӏизабизелъун кьезе бегьула парацетамол яги ибупрофен. Кверал яги угъдул рухӏун ругони, килщазда гьоркьоб биччараб ххам лъезе лъикӏаб буго. Килщазда баргъичал яги рукьалда курхьен ратани, гьелги хехго нахъе рахъила.
Тохтурасухъе ине яги хехаб кумек ахӏизе ккола:
— лъабабилеб даражаялъул бухӏи бугони, кигӏанасеб бакӏ бухӏун бугебали батӏалъи гьабичӏого;
— кӏиабилеб даражаялъул бухӏи бугони, черх бухӏарав чиясул огъохъатгӏанасеб бакӏ бухӏун бугони;
— тӏоцебесеб даражаялъул бухӏи бугони, ай тӏомол огъохъатгӏанасеб бакӏ багӏарлъун, гьорон бугони;
— гьумер, щекъер, угъдул, рукьбузул рищи, кверал рухӏун ругони.
Бухӏараб бакӏалъе гьабизе бегьуларо:
— лъабабилеб даражаялъул бухӏи бугони, лъим тӏаде биччазе;
— цӏакъго цӏорораб лъеца бухӏараб бакӏ цӏорозабизе;
— бухӏараб бакӏалда рекӏараб ретӏел нахъе бахъизе;
— бухӏараб бакӏалда лъугьарал къучӏби рихъизе;
— бухӏараб бакӏалда квер хъвазе;
— бухӏараб ругънада квас-квас, цӏер, пластырь чӏвазе;
— ругънада щарил, хурдузул нах, тӏорахь, бетарахь лъезе;
— бухӏараб бакӏ бакъвазегӏан кремал, мазал ва цогидалги гьездаго релълъарал жал рахине;
— порошок гӏадал жал, присыпкаби ругънаде щвазе;
— йодалъ, зеленкаялъ, водородалъул перекисалъ, спирталъ бацӏцӏине.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова