Цӏадаса Хӏамзатил адабияб ирсалъулги заманаялъулги бухьен

17 октябралда РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялда тӏобитӏана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзатил творчествоялъе сайгъат гьабураб Тӏолгороссиялъул гӏелмияб конференция. Гьенир гӏахьаллъана гӏалимзабиги, шагӏирзабиги, студенталги, журналисталги. Конференция рагьана ва нухда бачана институталъул директорасул заместитель А. Акавовас.

Институталъул грамматикиял цӏех-рехазул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул кандидат Мухӏамад Мухӏамадовас бицана жеги гӏелмиял цӏех-рехал гьаричӏел шагӏирасул асаразул ва Гьарадерихъ росдалгун шагӏирасул букӏараб бухьеналъул, гьев гьенив дибирлъун хӏалтӏулев вукӏарал соназул хӏакъалъулъ:

— Цӏадаса Хӏамзатил руго жеги букӏине кколеб хӏалалда цӏех-рех гьабизе ирга щвечӏел асарал. Гьелде кӏвар кьолеб буго институталъул гӏалимзабаз, — ан абуна гьес.

Хӏамзатил «Шамил» абураб поэмаялъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицана филологиял гӏелмабазул доктор, Расул Хӏамзатовасул адабияб ирс лъазабиялъул централъул нухмалъулев Ахӏмад Муртазагӏалиевас:

— Шагӏирас Шамилил хӏакъалъулъ хъвана, лъикьаниги ва сункьаниги хӏинкъичӏого. Бахӏарчиясул хӏакъалъулъ гьесул букӏараб пикру хисизабизе лъиданиги кӏвечӏо. Гӏенеккичӏо гьев жинде гьарулел гӏайибазухъги. Гьесда лъалаан Шамил каки — гьеб дагьабго заманаялъул ахӏи-хӏур букӏин, — ан абуна гьес.

ДГПУялъул Дагъистаналъул адабияталъул кафедраялъул нухмалъулей, филологиял гӏелмабазул кандидат Лейла Шабаевалъ жиндирго кӏалъаялда бицана лъарагӏазул шагӏир Гъазияв Гӏалилги Цӏадаса Хӏамзатилги асаразул гӏаммаб рахъалъул хӏакъалъулъ.

Институталъул лексикологиялъул ва лексикографиялъул отделалъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Саимат Юзбековалъ рикӏкӏана шагӏирасул ункъжугьаби.

Гьединго данделъиялда кӏалъазе рахъана ДГПУялъул доцент, филологиял гӏелмабазул кандидат Гӏалибег Гӏашурбегов, ИЯЛИялъул литератураялъул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул доктор Малик Хӏусенов, гьебго институталъул искусствабазул тарихалъул отделалъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, филологиял гӏелмабазул доктор Гӏамирбег Мухӏамадов. Гьез бицана советияб заманалда Дагъистаналъул адабият цебетӏеялъул, 20-30-абилел соназда чӏахӏияб гӏелалъул хъвадарухъабаздеги шагӏирзабаздеги кьолеб букӏараб кӏваралъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса хадуб данделъиялда гӏахьаллъарал гӏалимзаби Цӏадаса Хӏамзатил гӏумруялъул ва хъвадарухъанлъиялъул хӏакъалъулъ бицине рикь-рикьана батӏи-батӏиял секцияздеги.

Шамай Хъазанбиева