Гӏарцулъ гуро талихӏ бугеб
Бищун бечедасдаги сахлъи босун бажаричӏо
Америкаялъул инженер ва предприниматель, Apple Inc корпорациялъе кьучӏ лъурав ва гьелъул исполнительнияв директор Стивен Пол Джобс рикӏкӏуна компьютернияб индустриялъул аслияв чилъун, ай компания цебетӏеялъе квербакъарав инсанлъун.
Ахирисел анцӏ-анцӏ соназ Стив Джобс вукӏана дунялалдаго машгьурав анкьгьунаралъул инсан. Миллион гӏадамаз баркала кьола гьес ургъараб цифровияб техникаялъухъ, хасго персоналиял компьютеразухъ.
Хӏаталдаса ун бечедав чи вукӏаниги, Джобсихъа бажарана гӏадатияв инсанлъун хутӏизе. Дагьал цере Интернеталда рукӏана больницаялъул палатаялда хвалда цере Стивица абурал ахирал рагӏаби, ай гьес нилъер щивасде гьабураб хитӏаб-васият. Гьеб рисалаталъ асар гьабичӏев чи къанагӏатги хутӏун ватиларо.
Гӏумруялъул 56 сониде вахарав «Apple» компаниялъул бетӏер, миллиардер Стив Джобс къадаралде щвана чехьалда гъоркь букӏунеб цӏекӏгьанада ккараб рак унтудалъун. Холелъул гьес абуна: «Ишалъулаб дунялалда дун сундулго рахъалъ цогидазда анищин ккараб борхалъиялде вахана. Гӏемерисезул берзукъ дир гӏумру букӏана унго-унголъунги бергьенлъидул тӏохлъун. Амма мукӏурлъила, дир гӏумруялъулъ мукъсанаб къадаралда гурони хӏалтӏитун батӏияб рохел букӏинчӏо. Гьереси щай, бечелъи ккола дун ругьунлъараб дие бокьулеб жо.
Бецӏаб палатаялда гӏумру цӏунулеб аппараталдасан бачӏунеб гӏурччинаб канлъухъ балагьидал ва гӏадатияб механизмалъул гьаракь рагӏидал, чорхол хӏалалъ бицунеб буго дир хвел гӏагарлъулеб букӏин, дида рагӏулеб буго Халикъас цӏалеб хӏохьладул гьаракь. Гьанже, гӏунги тӏокӏ гӏарац бугеб мехалда, рекъараб букӏина, бечелъиялда хурхинчӏел, ай гӏумруялъул цоги суалазда тӏад ургъизе…
Гӏумруялда жанир руго гӏемерал кӏвар цӏикӏкӏарал жал. Цоязе гьеб батизе бегьула гьоркьоблъи, цогидазе — искусство яги лъималазул анищал…
Ахирго гьечӏеб бечелъиялда хадув лъугьиналъ инсан марионеткаялде сверизавула. Гьедин ккана дирги. Гӏагаразда нилъер рокьул бицине Халикъас нилъее кьун буго асар гьабулеб бажари.
Дида доб дунялалде цадахъ босизе кӏоларо гӏумруялда жаниб данде гьабураб бечелъи. Дица цадахъ росула — рокьуда хурхарал ракӏалдещвеял. Гьеле гьеб букӏине ккола нужгун, гьел гьеб ккола нужее церехун ине къуват кьолеб унго-унгояб бечелъи.
Рокьиялда бажарула рорхатал мугӏрулги халатал нухалги нахъа тун. Гӏумруялъул гӏорхъи-рахъ букӏунаро. Мукӏур гьабе нужеего бокьараб борхалъи. А ракӏалъ ахӏараб бакӏалде. Гьеб кинабго буго нужер ихтияралда, нужеда кодоб.
Гьаб лахӏзаталда дун вегун вуго хвалил бусада ва ракӏалде щвезабулеб буго тӏолго гӏумру. Тӏаде гӏунтӏун бугеб хвалда цебе дида бичӏчӏана, дун хӏаталдаса ун чӏухӏулев вукӏараб дир бечелъиялъулги машгьурлъиялъулги кинабгӏаги кӏвар гьечӏеблъи, гьеб гуро гӏумруялъул масъала ва анищалъул борхалъи.
Гӏарац бугони, машинаялда мун ваччизеги, щиб-щибги рокъоб гьабизе хӏалтӏизеги дуца мухьдахъ чи кквезе бегьула, амма, кигӏан гӏемер гӏарац-месед бугониги, кӏоларо дур унти жиндего тӏаде босулев чи валагьизе.
Гӏарцухъ щиб бокьаниги босизе бегьула, амма буго цо жо я балагьизе, я босизе, я батизе рес гьечӏеб, ай дудаса гьеб билани, киданиги бичун босизе бегьулареб. Гьеб ккола ГӏУМРУ. Гӏолохъанлъиги сахлъиги букӏаго, гӏумруялдаса кӏванагӏан кеп босе ва цогидазул адаб гьабе. Санал ранагӏан камиллъула нилъер гӏакълу. Кватӏун бугониги, нилъеда бичӏчӏула 30 долларалъе босараб сагӏаталъги, 300 долларалъе босаралъ сагӏаталъги цого заман бихьизабулеблъи. 30 долларалъе босараб киса бугониги, 300 долларалъе босараб киса бугониги, гьезда жанибе цого къадаралда гурони гӏарац унареблъи. 150 азарго долларалъе босараб машинаялда рекӏун аниги, 300 азарго долларалъул багьаяб машинаялда рекӏун аниги, нухги заманги цохӏо букӏуна. 300 долларалъе бугеб чагъиралъул шиша гьекъаниги, 100 долларалъе босараб шиша гьекъаниги, мехтел цого букӏуна. 300 м² минаялъув гӏумру гьабун вугониги, 3000 м² вугониги, мун цохӏо къагӏидаялда янгъизго вукӏуна.
Батӏалъи гьечӏо, чан сон гьабсагӏат дур бугониги ва кинаб борхалъиялде мун вахун ватаниги, нилъер щивасде тӏаде щола пардав гӏодобе биччараб къо.
Дур хӏакъикъияб талихӏ бечелъиялда, гӏарцуда бараб гуро бугеб. Тӏоцебесеб классалда яги экономклассалда воржулев вугониги, самолет бортани, мун гьебгун цадахъ вортула. Божула, дуда бичӏчӏулеб батилин, гӏакълу бикьизе, къварилъи-рохел дандбазе дур лъикӏал гьудулзаби яги гӏагарал чагӏи ругони, гьеб унго-унгояб талихӏ кколеблъи.
Унго-унгояб бечелъи ккола хъизамалде, йокьулелде, гӏагарал чагӏазде ва гьудулзабазде бугеб рокьи…
Цӏуне нужго, тӏалаб-агъаз гьабе цогидазул.
Гьале нужее, тӏад къалам кӏутӏизе рес гьечӏеб щуго малъа-хъвай:
1. Лъималазда бечедал рукӏине малъуге, малъе талихӏал рукӏине, гьедин тарбия кьуни, кӏудиял гӏедал гьезда лъазе буго сундулго багьа.
2. Квен дару гӏадин кванай, гурони дуца дару кваназе ккола квен гӏадин;
3. Унго-унголъунги вокьулев чияс мун рехун толаро, дудаса инкар гьабизе нусго гӏилла батаниги, гъолда яги гъосда цо гӏилла батизе буго дудаса инкар гьабичӏого тезе.
4. Кӏудияб батӏалъи буго гӏаданлъун вукӏиналдаги, гӏаданасул гӏадаб гӏамал-хасияталда вукӏиналдаги гьоркьоб.
5. Гӏедегӏун ине бокьун батани, а цохӏо мунго. Рикӏкӏад ине бокьун батани, а цадахъ.
Лъан букӏа, бакъул канлъиги, сахаб хӏухьбахъиги, спортивияб зарядкаги, диетаги, жиндаго ракӏчӏейги ва гьудулзабиги дунялалда тӏад бищунго лъикӏал тохтурзаби кколеблъи. Мугъчӏвай гьабе гьезда ва сахаб гӏумруялдаса босе кеп.
Нури Нуриев