Кӏаралазул «индейцал»

2016 соналдаса нахъе кӏодо гьабула «Гъоди» — тӏорщалил нигӏматазул байрам

45 соналъ цеве хӏалтӏудаса гӏодов чӏарав милициялъул офицер Мухӏамад Гӏабдусаламовас бана кӏаралазул рохьоб хъощ. Гьелъие гӏиллалъун ккана милициялъул офицерасул Северияб Америкаялъул индейцазул хӏакъалъулъ бицунел кинофильмазде букӏараб рокьи. Индейцазул гӏумруялъги хасияталъги асир гьавурав Мухӏамадил гӏемерисеб заман унаан хъощниб. Июлалдаса нахъе гьев вукӏунаан рохьов. Унаан чанаве, гӏуцӏулаан батӏи-батӏиял хӏаял. Индейцазул вигвамалда (цӏаказул яги буртинадул гьабураб хъощ) къоял тӏамулев гьесухъе хьвадулаан гьалбалги. Амма гьесухъ сордо базе ккани, гьоболас къабул гьаризе кколаан хасал «тӏалабал». Мухӏамадица гьобол вухьунаан гъотӏол хӏобода ва, кодоб ккун томагавкгун (индейцазул гьитӏинаб гӏащтӏи), гьоболасе хӏинкъиги кьолаго, кьурдулаан гьесда сверухъ. Гьоболасул къвакӏи борцине Мухӏамадица щибаб нухалда ургъулаан цӏиял хӏаял. Гьеб хӏехьарав чи гурони мустахӏикълъулароан кӏаралазул «индейцасул» вигвамалда сордо базеги. Кинниги, соналдаса соналде гӏемерлъана «индейцазул» къадар. Гьезул хӏаялгун вигвамазул хӏакъалъулъ тӏиритӏана батӏи-батӏиял харбал. Машгьурлъана гьезул клубги. Гьебмехалда Гӏахьвахъ районалъул культураялъулгун спорталъул ва туризмалъул управлениялъул нухмалъулев Махӏач Тӏалхӏатовас (дол соназда гьев вукӏана Районазда гьоркьосеб налогазул инспекциялъул нухмалъулевлъун) рохьоб бана 10 чияс гӏумру гьабизе санагӏатаб вигвам.

2016 соналда гӏахьвалазул шагӏир, художник ва кочӏохъан Камил Тархода ракӏалде ккана Гӏахьвахъе гьалбал ахӏизе. Гьалбадерил ракӏгъезабизе мурадалда хӏадурана кучӏдул ахӏиялъулги, спорталъулги ва цогидалги къецал. Гьайгьай, умумузул гӏадаталда рекъон, вачӏарав чиясда цебелъезе хӏадурана татуял нигӏматазул гьарзаяб тепсиги. Тепсиялда аслияб бакӏги кколаан «Гъодиялъ» — дагъистаниязда гьоркьоб машгьурлъараб могьолалгун тӏоролалги журан белъараб мугьалъ. Гьедин бижана Гӏахьвахъ районалда цӏияб байрам – «Гъоди» фестиваль.

Фестивалалда церелъола районцоязул тӏахьалги, рахъарал сураталги, гьарурал цӏиял тӏагӏелалги. Гьенир гӏуцӏула гӏелмиял дандеруссиналги, кочӏол сардалги, кьурдабазул сверабиги. Хасаб хӏасратгун тӏобитӏула «Индейцазул кьеразулъе къабул гьари» абураб гӏадатги. Гьеб гӏадат «хӏехьон бажарарав» гьоболасе кьола цӏияб цӏарги, масала, «Кӏалбегӏер», «Бер цӏодор», «Къвакӏараб ракӏ» ва гь.ц. Гьалбадерие кӏудияб асар гьабула гамачӏгун чӏорбутӏ речӏчӏиялъул къецазги.

Фестивалалъул майданазда тира-сверулел рукӏуна церегосел «индейцалги» — гьел ратӏагьаризе бажарула черхалда тӏад рахъарал суратазги ратӏлил хаслъиялъги.

Исанаги цӏакъ кепалда тӏобитӏана гьеб байрам. Гьелда гӏуцӏарал къецазда чӏел босарал гӏадамазе сайгъатал кьуна «Индейцазул» клубалъул президент Мухӏамад Гӏабдусаламовасги Гӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамадзагьид Муслимовасги.

Фестивалалъул къоял

Ралъдал гьумералдаса 1800-2000 метралъул борхалъуда бугеб Гӏахьвахъ районалъул буго гьайбатаб тӏабигӏат. Багӏарараб гӏатӏиракьалдаса рачӏарал гьалбадерица хӏухьбахъулеб букӏана рохьаз сверун ккураб рацӏцӏалъиялда, гӏорцӏулелго рукӏинчӏо гьел рохьазул беричлъиялдасаги гьогьомараб бацӏцӏадаб гьаваялдасаги. Пайда щибха, анкьалъниги гьенир рукӏине рес гьечӏелъулан абулеб букӏана гӏемерисез.

Радалго майданалда рещтӏана гьалбал. Фестиваль рагьана Гӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамадзагьид Муслимовас. Гьес къокъго бицана районалъул тарихалъулги маданияб хаслъиялъулги хӏакъалъулъ. Фестиваль гӏуцӏизе хӏаракат гьабурал Камил Тархоеги М. Гӏабдусаламовасеги баркалаги загьир гьабун, районалъул бетӏерас гьезие кьуна баркалаялъул кагъталги сайгъаталги.

Гӏахьвахъ районалъул Маданияб централъул директор Денга Махиевас бачана данделъи. Гьес рагӏи кьуна монографиялъул автор Денга Халидовасе. «Монография хъвазе квербакъана «Кӏаратӏа» абураб маданияб жамгӏияталъул нухмалъулев Хӏайбула Хӏайбулаевасги рехсараб жамгӏияталъул Херазул советалъул председатель Гӏалигъазияв Гӏалигъазиявовасги. Гьелъул пайда букӏина тарихалъул учительзабазеги гӏагараб ракьалъул тарих лъазабулел гӏадамазеги. Гӏолилаз тарихалъул пикруго гьабуларо, амма тарих лъаларев чи махӏрумлъула цебеккун букӏарабщиналдаса – гьеб кӏочене бегьуларо. Районалъул гӏолилазе тарбия кьезе ккола умумузул мисалазул кьучӏалда. Гьелин абуни, рукӏана Шамил-имамасул аскаралъул жигарал гӏахьалчагӏи. Гьел ккола Кӏаратӏаса мудирал Гъалбацӏ-Дибирги, Гъазияв ва Халид (Кьукьулав) наибзаби — Хӏажияв ва Тавушмухӏамад. Гьел рукӏана Шамил-имам Гъуниве вахунеб мехалда гьесда цадахъ, хадубккун гьел ана Калугаялдеги (1859 соналда), хӏинкъи лъаларел муридзаби «Чӏегӏерав» Гӏумар ва имамасул байрахъулав Хӏунибагьадурги; Гӏарчоса наибзабазул муридал ва нусилазул командирал Нурмухӏамад, Ахӏулгохӏда 100 муридасул командирлъун вукӏарав ва 1839 соналда гьенив шагьидлъарав Гӏамирхан. Дица хӏаракат бахъана, тӏехь хъвалаго, ритӏухълъи цӏунизе, ургъун рахъарал харбал гьенир риччангутӏизе. Риччанте цогидазги, Типлисалъулги Москваялъулги архивазда ругел гӏемерал документалгунги хӏалтӏун, гьадинал тӏахьал къватӏире риччазе», — ян бицана монографиялъул авторас. Тӏехьалда рехсарал бахӏарзазул ирсилазе тӏахьал сайгъат гьаруна гьес.

Гьелдаса хадуб гьалбал щвана фестивалалда гӏуцӏун букӏараб кӏаралазул художниказул суратазул выставкаялдеги росабазул майданаздеги. Хӏалбихьана умумузул къагӏидаялда хӏадурараб гъодиялъулги.

Мадина Ахӏмадова