Махӏачхъала
Гьал ахирал къояз социалиял гьиназдасан ахӏи балеб буго тахшагьаралъул къватӏазда цӏарал хисулел ругилан. Цӏарал гьезда чанго соналъ цере хисун рукӏана. Амма гьел цӏаралги хъван, хъарщал чӏван рукӏинчӏо. Махӏачхъалаялъул цӏияв мэрас лъазабуна цӏарал хъварал хъарщал чӏвазе кколин. Гӏадамазда лъалеб букӏун гьечӏо жидерго къватӏазда цӏарал хисун рукӏин. Гӏемертӏалаял минабазул номералгицин рихьизарун рукӏун гьечӏо. Гьеб хӏалтӏи къватӏазда цӏарал хисараб 2016 соналдаго гьабизе кколаанин абуна шагьаралъул Жамгӏияб палатаялъул председатель Салим Гӏабдулкъадировас.
Махӏачхъалаялъулазда лъазе ккола къватӏазда цӏарал хисиялда цадахъ хиса-басиял гьаризе кколеблъи минаялъул хъвай-хъвагӏай гьабураб тӏохьодаги (домовая книга), техникияб паспорталдаги (зеленкаялда). Гьел тӏуранго хисизе кколаро. Гьелъул хӏакъалъулъ цӏех-рех гьабизе ккола шагьаралъул архитектураялъул управлениялда яги МФЦялда.
Гъизилюрт
Гъизилюрталда шагьаралъул бетӏер Малик Патахӏовас тӏобитӏараб данделъиялда бицана школал цӏияб цӏалул соналде хӏадурлъиялъул, шагьаралда республикаялъулаб «150 школа» проект гӏумруялде бахъинабулеб бугеб куцалъул хӏакъалъулъ. Гьеб проекталда рекъон, исана шагьаралда къачӏана щуго школа. Шагьаралъул бетӏерас кӏудияб кӏвар кьун бицана школазда цӏаккеялдаса цӏуниялъе гьарулел ругел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинаризе ккеялъул хӏакъалъулъги. Дандеруссиналда кӏалъарав лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев Гӏабдулкъадир Мухӏамадовас бицана шагьаралъул школал цӏалул соналде хӏадурлъиялъул, управлениялда ва школазда церечӏарал масъалабазул ва цогидалъулги хӏакъалъулъ.