Компьютеразул хӏаяз 12 миллиард гъурущ «кванана»
«Яндекс. Кассы» абураб интернет-тукабазул кассаялъ ва Data Insight компаниялъ гьабураб цӏех-рехалда рекъон, Россиялда 2018 соналда онлайн-хӏаязул «къайи» босун буго 11,6 миллиард гъурщиде. NewZoo аналитикияб агентствоялъул баяназда рекъон, дунялалдаго компьютеразул ва видеоялъул хӏаязде машгъуллъун вуго 2,3 миллиард чи. «Российская газеталда» хъвалеб буго улкаялда 43 миллион чи машгъуллъун вугин компьютеразул хӏаязде. Гьезда гьоркьоб онлайн (Интернеталъул кумекалдалъун) хӏала 18 миллион чияс. Интернеталъул хӏаязул щивав геймерас (хӏалев чи), гьоркьохъеб хӏисабалда, лъабго моцӏида жаниб цо нухалдагӏаги саламатаб къадар гӏарцулги хвезабулеб буго. Унго-унгояб, рокъоб хӏалтӏизабизе бегьулеб къайи гуреб, дунялалдаго гьечӏеб, цогидаб къагӏидаялъ абуни «маргьабалъа» къайи босун буго 12 миллиард гъурущ гӏарцуде. Гьебщинаб гӏарацги гьорохъ биччан, гӏарац гьечӏилан зигардилелги рукӏуна гӏадамал.
Маргьабалъа «къайиялъухъ» —
унго-унгояб гӏарац
Онлайн-хӏалев чияс унго-унгояб гӏарацги кьун росула персонажал (гӏахьалчагӏи). Хӏаялъулъ тӏаса рищизе бегьула батӏи-батӏиял гӏахьалчагӏи. Хӏалев чияс жиндирго персонажасе босула виртуалияб (унго-унгояб гуреб) къайи. Гьединго хӏалезда гьоркьоб тӏибитӏун буго гурхӏел-рахӏмуялъе гӏарац бакӏариги, гьезда абула донаталилан (донат – кьезе, сайгъат гьабизе). Онлайн-хӏаязда, виртуалияб къайи босун, гӏарац хвезабулеб буго Россиялда гӏумру гьабун вугев миллион чияс, гурхӏел-рахӏмуялъе гӏоло хӏаяздасан гӏарац битӏана 10 миллион чияс. Компьютералъул ва мобильниял хӏаязда хайир гьабула гьел хӏаял гӏуцӏарал гӏадамазги хӏаязул хӏакъалъулъ бицунезги хӏалеб къагӏида малъулезги (стримеры).
Россиялда вуго 2000 стример. Гьез хӏаял хӏалеб къагӏида видеоялда бахъун Интернеталда тӏибитӏизабула. Батӏи-батӏиял хӏаязе реклама гьабуралъухъ цо-цо машгьурал стримеразе моцӏрое щолеб мухь миллион гъурщидеги бахуна. Гьезие щолеб хайиралъул 25 процент ккола рекламаялдаса, 60 процент донатазухъ ва 15 процент стримингалъухъ (хӏазе малъи). Батӏи-батӏиял хӏаязда гӏахьаллъулел гӏадамаз виртуалияб къайи босизелъун гӏарацги кьун росула донатал, цо-цояз жидеего рекӏее гӏолел стримеразул картаялде битӏула гӏарацги.
Аслияб къагӏидаялъ онлайн-хӏаязда гӏарац хвезабула 14-54 сон бараз: 46 процент руччабаз ва 54 процент бихьиназ.
Россия — 12-абилеб бакӏалда
«Global Games Market Report» компаниялъ 100 улкаялда гьабураб цӏех-рехалда рекъон, компьютералъул хӏаял ричун росиялъул рахъалъ 12-абилеб бакӏалда буго Россия. 2016 соналда жаниб 1,7 миллиард долларалде хӏаял росун руго россиялъулаз. Видео-хӏаял росиялъул рахъалъ тӏоцебесеб бакӏалда буго США – 20,5 миллиард доллар, кӏиабилеб бакӏалда Китай – 17,9 миллиард доллар, лъабабилеб бакӏалда Япония — 12,2 миллиард доллар.
Цӏех-рехазул баяназда рекъон, 2016 соналда дунялалдаго ричун руго 95,2 миллиард долларалде хӏаял. Аналитиказ абулеб буго 2019 соналда дунялалдаго ричулел видео-хӏаязул багьа бахине бугин 100 миллиард долларалде.
Онлайн-хӏаязда ругезул 80 проценталъ гьоркьоса къотӏичӏого хвезабулеб буго хӏаязда гӏарац. Хӏаязда щивав геймерас хвезабулеб буго, гьоркьохъеб хӏисабалда, лъагӏалида жаниб 3800 гъурущ. Комьютералъул онлайн-хӏаязда хайир гьабун буго лъабго миллион россиялъулас.
2017 соналда геймераз росарал хӏаязул приставкабазухъ гӏага-шагарго 3,2 миллиард гъурущ ун буго. 2018 соналдайин абуни 3,9 миллиард гъурущ. Хӏаязда гьоркьор бищунго ричун унел ва хайир бугеллъун ккола Фортнайт, Контр Страйк, Дота, Танкабазул хӏай ва цогидалги. 2018 соналда, дунялалдаго гьел тайпаялъул хӏаязда 5,7 триллион гъурущ хвезабун буго (ричун росун ва виртуалияб къайиялъухъ кьун).
Киберспорт
Россиялъул СМИяз хъвалеб букӏана DotA ва Dota2 компьютералъул хӏаял улкаялда гьукъизе ругин, 18 сон базегӏан лъималазе гьел хӏаял гьукъизе кколин, щайгурелъул гьениб каннибализм (гӏадамасул гьан квин), мехтел бихьизабулеб бугин. Гьеб хӏай хӏазе регистрация гьабулелъул, хӏалезул ригьцин цӏехоларо. Амма жакъа къоялдаги бокьараб ригьалъул гӏадамаз хӏалеб буго гьеб компьютералъулаб хӏай. Хӏатта, киберспорт школаздагицин факультативияб дарслъун лъезе бугин бицунеб буго.
Интернет цебетӏеялъул институталъ абулеб букӏана хӏалбихьи хӏисабалда школалда киберспорталъул дарсал кьезе лъикӏаб букӏинин. РФялъул Лъайкьеялъул министерствоялъги жаваб кьуна школаз тӏаса бищизе бегьулин жидеего бокьараб факультативияб дарсилан абун.
Россиялда киберспорт рикӏкӏуна спорталъул тайпалъун. Компьютералда нахъа гӏодорчӏун батӏи-батӏиял (рагъулал) хӏаязда чӏел босула ва гӏарцулал шапакъатал щола киберспортсменазе. Геймерал гӏадин рекӏелгъеялъе хӏаларо ва хӏаязда гӏарац хвезабуларо гьез, гьелъул гӏаксалда, киберспортсменал гӏахьаллъула кӏудиял аренабазда тӏоритӏулел къецазда ва бергьаразе гӏарац щола. Москваялда буго лъабго киберстадионги.
Киберспорталъулъе уна Dota 2, League of Legends ва Counter-Strike ва цогидалги анцӏ-анцӏ батӏиял хӏаял. Гьел киналго ккола чӏвай-хъвей гъорлъ бугел хӏаял. Соналдаса соналде киберспорт цебетӏолеб буго, гьелдаго цадахъ цӏикӏкӏунел руго рекӏелгъеялъе гьел хӏалел геймералги. Киберспорталъул чемпионатал тӏоритӏула ва бергьаразе шапакъатал кьола гьел хӏаял гӏуцӏарал компанияз, гьединго гьеб бизнесалъулъ гӏахьаллъула дунялалдаго бечедал бизнесменал. Киберспорталъул тарихалда, къецазда бергьаразе бищунго кӏудияб гӏарцулаб шапакъат кьуна Dota 2 хӏаялда – кинабниги 87,4 миллион доллар.
Гьединаб гӏарац хвезабилароан, гьелдаса жеги цӏикӏкӏараб пайда щолеб букӏинчӏебани. Пайдайин абуни щолеб буго телефон кодоб кквезе бажараралдаса нахъе нилъер лъималаз хӏалел ругел хӏаяздаса. Нилъер лъималазе кинаб пайдаха гьездаса щолеб бугеб? Хӏаязда чӏвай-хъвей, рагъ, цоцазул къайи бахъи гӏадал зулмабазде ругьун гьариялъ лъималазул психикаялъе кинаб асардай гьабулеб? Лъимал гурелги, гӏолохъабиги гӏемер руго компьютералъул ва видеоялъул хӏаязул геймераллъун лъугьун.
Вахӏшилъиялде ругьунлъи
Дагъистаналдаги дагьал гьечӏо компьютеразулгун видеоялъул хӏаязде машгъуллъарал гӏадамал. Гьезда гьоркьор камуларо хӏаязда къайи босун гӏарац хвезабулелги.
Цо-цояз компьютералъул хӏаял хӏалел руго хӏалтӏудаса рокъоре щвейгун, свак бичизеян абун. Гьединазда рагӏи кин абилеб хъизан-лъимал хьихьизе гӏураб гӏарацги гьабун, жидеего бетӏер чучиялъе хӏалел ругин абун гурони. Гьел гурелги, дандчӏвалел ругелъул хӏалтӏи щолеб гьечӏин абун рокъорги кӏусун къаси ва къад заман батӏабахъичӏого компьютеразда жанирго «гӏумру гьабун ругел» хъизамалъул бутӏрулги. Дандчӏвала компьютеразул хӏай сабаблъун ратӏалъарал хъизамалги. Гӏемерисел гӏолилал руссунел руго компьютеразул хӏаялъул залаздеги. Цӏехани, гӏарац гьечӏилан абулев гурони чи дандчӏвалареб республикаялда гьединал рекӏелгъеязеги ихтилатазеги гӏарац кисадай щола? Анлъго сон баралдаса нахъе компьютеразул хӏаязде ругьунлъарал лъималазул, кӏудиял гӏураб мехалда, кинаб яшавдай букӏине бугеб?
Америкаялъул гӏалимзабаз цӏех-рех гьабуна компьютералъул хӏаял хӏалел гӏолилазул махщалил. Компьютералъул яги цогидал хӏаял хӏаларезде дандеккун геймеразул пикру цо бакӏалде буссин, ракӏалда жо чӏей, хехлъи лъикӏаб букӏин чӏезабуна гӏалимзабаз. Гьез халгьабун гьечӏоан видеохӏаяз инсанасул гӏамалалъе кинаб асар гьабулебали. Амма гӏемерисел гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго вахӏшилъи ва зулму гъорлъ бугел видео-хӏаял хӏалел гӏадамазул унго-унгоги къварилъи ккарав чиясда ракӏ гурхӏи букӏунебго гьечӏин яги гьеб цӏакъ загӏиплъулеб бугин. Ахираб заманалда гӏолилазда ва цӏалдохъабазда гьоркьор гӏемер дандчӏвалел руго компьютералъул хӏаязда кинигин рагъи, цогидазе зарал гьаби. Халгьабидал компьютералъул хӏаязул ратулел руго квешалги лъикӏалги рахъал. Квешал рахъаздаса кинха нилъерго лъимал цӏунилел? Интернеталъул гӏасруялда, компьютеразул хӏаяздаса тӏубанго инкар гьабун бажариларо, амма щибаб жоялъулъ гьоркьохъеб, ай лъикӏаб рахъ батизе рес буго.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова