Кӏудияб ригьалъул гӏадамазе кьаралъиялъул зарал
Цӏакъго тӏасан ккараб цӏайи медицинаялда рикӏкӏуна сахлъиялъе заралияблъун. Хасго кӏудияб ригьалъул гӏадамазул сахлъиялъе хӏинкъи бугеблъун ккола кьаралъи, тӏатӏи рекӏин. Гьеб ригьалъул гӏадамазул унтабазул халгьабулеб «Геронтология» медицинаялъул централъул гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго бокьараб ригьалъул гӏадамазул сахлъиялъе унтилъун кколин тӏатӏи рекӏин. Квен бихӏинабиялъул рахъалъ захӏмалъаби ругезул цӏайи цӏикӏкӏунеб буго ва батӏи-батӏиял унтабиги раккулел руго. Гӏемерисеб мехалда кьариял гӏадамазул букӏуна артериалияб гипертония, кӏиабилеб тайпаялъул чакрил диабет, атеросклероз, остеартроз ва цогидалги унтаби. Гьединал унтабаздаса чӏахӏияб ригьалъул гӏадамал цӏунизе хасал диетаби ва физическиял упражнениял рихьизарулел руго геронтологаз.
Ворхалъиялда рекъараб цӏайи
Щивав сахав чиясул чорхол борхалъиялда рекъараб букӏине ккола цӏайиги. Гьелда абула чорхол цӏайиялъул индексилан. Щивасда кӏола жиндирго чорхол борхалъиялда рекъараб цӏайи бугищали халгьабизе. Масала, 170 см борхалъи бугев чиясул цӏайи 90 кг бугони, гьесул цӏайиялъул индекс кколеб буго 31,1, гьелъул магӏна ккола гьев чиясул тӏоцебесеб даражаялъул кьаралъи бугин абураб. Кинха гьеб индекс батизе кӏолеб? Инсанасул чорхол цӏайи (90 кг) гьесул ворхалъи метраздалъун бихьизабураб роценалде (1,7) кӏицӏул бикьила, (мисал, 90:1,7:1,7=31,1) ва гьелъул хӏасил таблицаялда дандекквела. Таблицаялда рекъон, рехсараб мисалалда индекс батарав чиясул тӏоцебесеб даражаялъул кьаралъи бугин рикӏкӏуна. Гьеб таблицаялдаса ва чорхол цӏайиялъул индекс борцунеб мисалалдаса пайда босула тохтурзабаз.
Дандбачӏого хӏалакълъуге
Кӏудияб ригьалъул гӏадамазул цӏайи борциналъул къагӏидаян гӏолохъаназул гӏадаб букӏунаро. Чорхол цӏайиялъул даражаялъул бицунеб таблицаги кӏудияб ригьалъул гӏадамазе дандекколаро. Херав чи хӏалакълъулелъул тӏатӏи гуребги ччорбалги цадахъ тӏагӏине бегьула. Гьеб ригьалъул гӏадамал хӏалакълъизеян кваначӏого чӏани, саркопения унти лъугьине бегьула. Саркопения ккола кӏудияб ригьалъул гӏадамазда гьоркьоб дандчӏвалеб, лугбазул ччорбал (рилълъине, рагъаризе хӏажалъулел ччорбал) загӏиплъи. Ччорбал загӏиплъиялъ чорхол къуватги лъугӏизабула, сакъатлъиялде ккола. Гьединлъидал кӏудияб ригьалъул гӏадамазул чорхол цӏайи кколеб даражаялда бугищали халгьабизе биоимпедансометрия абураб къагӏида хӏалтӏизабула. Гьеб ккола хасаб аппараталъул кумекалдалъун инсанасул чорхолъе дагьабго токги биччан ччорбазул къуваталъул халгьабулеб къагӏида. Гьелъ бихьизабула инсанасул чорхолъ кьаралъийищ яги ччорбалищ цӏикӏкӏун ругелали. Гьелда рекъон, гьабула тохтурас даруги, малъа-хъваялги.
Геронтологазул малъа-хъваял
Гӏолохъанаб мехалда чорхол цӏайи цӏикӏкӏине биччачӏони, херлъараб мехалдаги гьел унтабаздаса цӏунараллъун, ракӏалда жо чӏолеллъун, гӏакълу роцӏараллъун хутӏулин рикӏкӏунеб буго геронтологаз (херал гӏадамазул тохтурзабаз).
Цӏикӏкӏараб цӏайи бугел гьеб ригьалъул гӏадамазе тохтурзабаз бихьизабулеб буго жиндилъ калориял дагьаб квен ва физическияб хӏаракат цӏикӏкӏинаби. Гьелдалъун цӏайиги дагьлъула. Дагьабгӏаги цӏайи гӏодобе ккейги сахлъиялъе лъикӏаб шартӏлъун рикӏкӏунеб буго. Цӏайи цӏакъго гӏодобе ккезабизе лъугьине ва чорхое гӏакъуба кьезе лъикӏаб гьечӏо, кӏудияб ригьалъул гӏадамазе дагьабго хӏалакълъарабгицин гӏолеб буго сахлъи рукӏалиде ккезабиялъе.
Кӏудияб ригьалъул гӏадамазул сахлъиялъе кӏвар бугеблъун бихьизабулеб буго белок, гьелъ цӏунула саркопения унти лъугьиналдасаги. Масала, чорхол цӏайи 70 кг бугев чиясе къойида жаниб белокалъул 70 грамм хӏажалъула. Кьаралъи гьечӏеб гьанал 100 граммалъулъ батула 70 грамм белокалъул. Лъикӏаб букӏина кьарияб гуреб гьан, яги гӏанкӏудал яги цогидаб хӏанчӏил гьан, ччугӏа, багӏаргьоло, гьоло квине. Гьединго кӏудияб ригьалъул гӏадамаз щибаб къоялъ 500 граммалдаса гӏодобе ккезе биччачӏого клетчатка, витаминал ва микроэлементал гъорлъ ругел нигӏматал, ай пихъ ва овощал квине бихьизабулеб буго тохтурзабаз. Гӏатӏгояб квен бихӏинабизе кванирукъалъе захӏмалъулеб бугони, пихъилгун овощазул пюре гьабун квинеги бегьула.
Кӏудияб ригьалъул гӏемерисел гӏадамазе жибго рахь дандекколаро. Амма хӏалтӏизаризе бегьула цогидал рахьдал нигӏматал. Къаси йогурт кваналеб бугони, чехь-бакь сахаб букӏина ва гӏадалнахги гӏолохъанго хутӏила. Анкьида жаниб чанго цӏулакьо ва хъабхъил пурчӏун кваналеб бугони, депрессиялдаса ва деменциялдаса (гӏакълу дагьлъи) цӏунун хутӏила.
Кӏудияб ригьалъул гӏадамазул кванил тӏагӏамал хисула. Гӏемерисел, гьитӏинал лъималго гӏадин, гьуинлъиялде ва ханждал кванде рала. Цогидаз цӏикӏкӏун цӏам хӏалтӏизабула. Гьеб ригьалъул гӏадамазул сахлъиялъейин абуни гьеб цӏакъ заралияблъун ккола. Цӏамудаса тӏубанго инкар гьабизе ккола яги гьелъул бакӏалда батӏи-батӏиял специял яги гьел тӏагӏам лъикӏлъизабулел жал гъорлъ ругеб цӏам хӏалтӏизабизе бегьула. Цо-цо херал гӏадамал жалго жидедаго чӏун гӏумру гьабулел хутӏидал цӏакъ дагьго кванала ялъуни, гьелъул гӏаксалда, жидерго къварилъи къинабизе гӏоло цӏакъго гӏемер кванала, гьеб кӏиябго къагӏидаялъ сахлъиялъе кӏудияб заралги гьабула.