Цохӏо эбел-ватӏаналъул васал

Дол къояз рагъ гӏахьалаб букӏана Эльмираеги

Цӏоб гьечӏел хъачагъаз Дагъистаналъул ракьалда хъубаб хӏетӏе чӏаралдаса ана къого сон. 1999 соналъул июль. Рии тӏадбан букӏана Дагъистаналда. Цо лахӏзаталъ кьерхана дуниял – киса-кирего накӏкӏаз рахчана зобал, гӏодана мугӏрул, гьезул карандасан бецӏцӏизе лъугьана би. Ватӏаналъул кавудал кӏалтӏе тушманги вачун щваразда гьоркьор рукӏарал чарал бахӏарзазда бахъараб ццидал кутакалъ жалго жидецаго кунел рукӏун ратила дол. Тушман тӏаде щвана, имам Шамилил наслабазда дин гьабизе малъизе, Аллагьасе гурони мутӏигӏлъичӏеб халкъалъухъа эркенлъи бахъизе. Гьезда ракӏалдагицин букӏун буго дагъистанияз жидеда дандчӏвай гьабизе, лъикӏ щварайиланги абун, гьоболлъи гьабизе. Цолъараб халкъалъул ццидаца щущахъ риххизаруна гьезул хьулал. Амма мугӏрул рукӏана угьдулел, тушманасул хӏатӏил лъалкӏал бакӏлъун гурел. Гьезда хӏехьезе кӏолеб букӏинчӏо хирияб ракьалда тушманасда хӏетӏе чӏезе малъарал васазул хилиплъи. Дол къояз Дагъистаналда хӏукму къотӏулеб букӏана Россиялъул къисматалъе. Цӏунана дагъистанияз кӏудияб улкаялъул цолъи.

Цоги нухалда дол къваридал къоял ракӏалде щвезаризеги журналист Эльмира Кожаевалъул «1999 год. Глазами репортера» абураб тӏехьалъул хӏакъалъулъ бицинеги данделъун рукӏана араб анкьалда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда.

Дол къояз рагъ гӏахьалаб букӏана Эльмираеги. Гьеб байбихьаралдаса лъугӏизегӏанги, гьелъ дагъистаниязе суратаздалъун бицунеб букӏана Болъихъги Цӏумадаги бугелъул хӏакъалъулъ. Рагъул кор боркьарабщиналъуй цее-цее йикӏунаан Эльмира. Гьеб букӏана гӏолохъанай журналисталъул ватӏаналъе ритӏухълъи.

Гьале дица регулел руго гьелъул тӏохьол тӏанчал — цӏидасанги рагӏизе лъугьана тункӏил кьвагьиги, рагъул гъугъайги, руччабазул магӏуги, лъималазул гӏодиги. Гьездаго аскӏоб – бахӏарчилъиги, бихьинчилъиги, къохӏехьейги. Дагъистаналъул цолъиялъулги, гьудуллъи-вацлъиялъулги, гъункиялъулги щулалъиялъул хӏалбихьулел дол къояз мугӏрузул тӏогьиб парпадана ритӏухълъиялъул ва эркенлъиялъул байрахъ.

Цохӏо эбел-ватӏаналъул васал, Россиялъул солдатал. Долдаса нахъе ана къого сон. Дол къоязул бахӏарчияб гӏелалъ чӏухӏадго дандчӏвай гьабулеб буго Кӏудияб Бергьенлъи босаралдаса 75 сон тӏубаялде. Батӏи-батӏиял гӏелазул кӏиго бергьенлъи. Чӏухӏадго гьеб ирс хадусел гӏелазухъе кьолеб буго гӏагарал мугӏруз.

Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицине ва ракӏалде щвезабизе, цӏияб тӏехь къватӏибе бачӏин авторалдаги баркизе рачӏун рукӏана Болъихъа ва Цӏумадаса ополченцалги, журналисталги, гьелъул гьудул-гьалмагълъиги, дол захӏматал лахӏзатаз аскӏор рукӏаралги.

Абизе бегьула гьеб дандеруссин букӏанин гӏун бачӏунеб гӏелалъе ватӏан бокьиялъул тарбия кьолеб тадбирлъунилан.

Дандеруссин нухда бачана республикаялда машгьурав журналист Ильман Гӏалипулатовас.

Гьес бицана Эльмирал бахӏарчилъиялъулги, дол къояз гьелъ бахъараб жигаралъулги, гьитӏинаб ватӏаналде гьелъул бугеб кӏудияб рокьулги хӏакъалъулъ.

Эльмира Кожаевалъул рекӏел хӏалги, хӏалуцинги, цощинаб…илан абураб хӏинкъиги цӏалдолесда батила гьелъул тӏохьол щибаб гьумералда. Унго-унгоги Нугъай авлахъалда гӏурай чӏинчӏикъай гьелъулъ букӏун бугебщинаб бахӏарчилъи! Тӏохьодасан чвахулеб, бецӏцӏулеб буго мугӏрул цӏумал гӏадал васаздаса, дагъистаниязул цолъиялдаса, гьудуллъиялдаса чӏухӏиги, тушманасде бугеб рокьукълъиги ццимги.

Эльмирада иргадулаб тӏехь къватӏибе бачӏин баркана нугъаязул шагӏир Анвардег Култаевас, Терекли-Мектебалдаса гьалбадерица, Дагъистаналъул Композиторазул союзалъул председатель Хан Башировас, ополченцал Камил Хӏажиевас ва Муртуз Хӏасанхӏажиевас, журналистал Марат Хӏажиевас ва Алик Гӏабдулхӏамидовас, Дагъистаналъул Руччабазул союзалъул председатель Интизар Мамутаевалъ ва цогидазги.

Тӏехьалда гьединго бицунеб буго Цӏияб Лак районалде ва Гъадаралде хъачагъал рачӏиналъулги. Тӏехьалда лъун руго дол къоязул хӏакъикъаталъул хӏакъалъулъ бицунел суратал. Щибго цӏаличӏониги, суратазухъ ралагьарал гӏола, дол къоязул къваридаб къиса ракӏалдещвезе.

Дандеруссиналъул ахиралда тадбиралде рачӏаразе баркала кьуна авторалъ:

— Дол къоязул нугӏзаллъун ккола тӏехьалда лъун ругел сураталги, Дагъистаналъул мугӏрулги, мугӏрузул борхалъиялдасаги тӏадегӏаналлъун ратарал бахӏарчиял васалги, аскӏор ругел гьалмагъзаби къанщидал, сударал ракӏалги. Амма нилъеда кӏвана Дагъистаналъул гьаракь цоги нухалда дунялалда рагӏизабизе. Дие гьаниб бицине бокьун буго цо лъугьа-бахъиналъулги. Цӏияб Лак районалда цо херай гӏаданалъ жиндирго минаялъув вахчун вукӏун вуго захӏматго лъукъарав гӏурус солдат. Хъачагъазда гьеб лъан буго ва хералда лъазабун буго, солдат вугеб бакӏ бицинчӏони, 14 сон барав гьелъул васасул вас чӏвазе вугилан. Гьеб мехалдаги мукӏурлъун гьечӏо херай. Цинги живго солдат вачӏун вуго къватӏиве. Чӏван вуго хъачагъаз гьев. Чанго соналдасан чӏварав гӏурус солдатасул эбел кӏалъан ячӏун йиго Дагъистаналде жиндир васас гӏумру кьураб, берал къанщараб ракьалъе къулизе ячӏине бокьун бугилан. Гьеб гурищ бахӏарчилъиялъулги гьудуллъиялъулги кӏудияб ва цӏакъго берцинаб мисал. Цогиги бокьун буго дие абизе. Нилъги чачаналги Тӏадегӏанав Аллагьас гӏадада гуро мадугьалзабилъун ккезарун ругел. Нилъеда гьоркьоб гьудуллъи гьечӏони, кӏиябго миллат тӏегьазе гьечӏо. Хъачагъалилан тӏолабго халкъалда абизеги рекъараб гьечӏо. Дагъистаниял руго гӏакъилал гӏадамал. Гӏакълу бергьинчӏони, рахӏму гьечӏолъиялъги вахӏшилъиялъги кверщел гьабула, -ян.

Лъугӏана дандеруссин. Лъугӏана чӏахӏияб гӏелалъ хадусеб гӏелалъе кьураб Бихьинчилъиялъул иргадулаб дарс. Хутӏана бергьенлъиги, гьудуллъиги, вацлъиги. Цохӏо эбел-ватӏаналъул лъималазул талихӏги. Гьелда хӏур хъвазегӏан, гӏумру кьезе хӏадураб бахӏарчияб наслуги.

Чан нухалдаха ракӏалде щолел мугӏрул цӏум Мухӏамадзагьидил: «Ниж цохӏо эбел-ватӏаналъул лъимал руго»,- ян абурал рагӏаби…

Шамай Хъазанбиева