Долдаса нахъе ана 15 сон. Гьелгощинал саназул рухӏелги, бухӏиги, магӏуги жеги бакъван гьечӏо

Малаикзабазул шагьар. Гьедин абула чӏахӏиязул кӏудиял гъалатӏазул къурбаналлъун ккарал лъимал рукъун ругел хабзалазда. Абадияб сихӏкъотӏи. Амма гьеб лъугӏула цо лахӏзаталда, щибаб соналъул лъабабилеб сентябралда. Кӏвар кьун гӏенеккаразул ракӏал гӏекколел ратила, гӏисинал къункърабазул къваридал сариназухъги гӏенеккун. Гьезул щивасул рукӏун ратила жидерго цӏвабзахъе сапарал гьаризе ругел гьайбатал анищал. Гьеб къоялъги гьел рачӏун рукӏун ратила жидерго хӏасратаб кечӏгун. Амма гӏасияб хвелалъ лъукъараб кечӏ жакъаги гӏодулеб буго. Бесланалъул сариназул бухӏи нилъер щивасухъе рещтӏуна санайил бачӏунеб сентябралда.

— Къункърабазул цӏияб тӏел. 314 къункъраялда гьоркьоб гӏисинал къункърабазул тӏелги — 186 къункъра. 314 тӏубачӏеб анищ, цӏа свараб гъансито. 314 лъукъараб талихӏ. Гьеб жеги чӏаголъулеб гьечӏо. Лъималазул заназда къвалги бан, угьдулел улбузул гӏоди зобалазда гъугъалеб лахӏзат — зоб-ракьалда балеб сири. Чӏварал лъималазул угьи-зигара. Дол ана гӏумруялъухъ ккараб гӏащикъаб рокьиги ракьалда тун. Гьеле гьединал руго Бесланалъул саринал.

Щай? Сундуе гӏоло? Жаваб щезе гьечӏеб даимаб суал.

«Ниж мунгун руго, Беслан» абураб акция тӏобитӏана 3 сентябралда Махӏачхъалаялда Гӏурус театралда цебеги. Тахшагьаралъул школазул лъималаз жидерго церерахъиназда ахӏи балеб букӏана чӏахӏиязде жидехъа лъимерлъиялъул талихӏ бахъугейилан.

Гьенибго тӏобитӏана суратал рахъиялъул рахъалъ лъималазда гьоркьор къецалги. Суратаз бицунеб букӏана гьезул анищазулги, талихӏалъулги, гӏумруялъулги. Кӏудияб концерталъул кӏиабилеб бутӏа сайгъат гьабун букӏана талихӏаб лъимерлъиялъе.

Лъугӏана терроризмалде данде тӏоритӏулел иргадулал тадбиразул цоябги. Амма лъугӏел гьечӏо судулел ракӏазеги, улбузул магӏуялъеги, магӏлъун гьезул къисматалда чӏван хутӏараб хвалиеги. Бесланалъул дарсазул магӏна жакъаги босичӏони, хӏалуцине буго гӏумру. Цо лахӏзаталъ гӏенекке гьелъул сариназухъ.

— Щивасухъе кунчӏун рещтӏараб бакъги, бакъул чӏоразул кьераз гвангъизабураб талихӏги, талихӏалъул кваркьидакь сасараб лъимерлъиги, лъималазул талихӏалдаса чӏухӏарал эбел-эменги.

Гьеле гьединаб буго гӏумруялъул ахӏи.

Такрарлъугеги ракьалда Бесланалъул саринал.

Жакъаги сихӏкъотӏи батила малаикзабазул шагьаралда.

Гӏадамал!

Тӏуркӏизабуге гьеб сихӏкъотӏи. Биччай хабалъ букъун хутӏизе рокьукълъиги, ццинги, тушманлъиги…

Шамай Хъазанбиева