Кваналарин чӏун руго «афгъанцал»

Гьоболасде гӏарз гьаби рекъон

букӏинарилан сабур гьабун рукӏана

17 сентябралда Махӏачхъалаялъул «Афгъаназул» паркалдеги рачӏун, лъебергогӏанасев афгъаназул рагъул гӏахьалчияс лъазабуна жидер мурад тӏубачӏого жал гьаниса нахъе ине гьечӏин ва кӏалдиб мочӏу лъеларин. Гьезин абуни тӏалаб гьабулеб буго законалда рекъон анцӏ-анцӏ соназ цебего гьезие кьезе кколеб букӏараб мина-рукъ яги гьелъул бакӏалда — жилищнияб сертификат.

Гьеб ккола «афгъаназ» цебегоялдаса нахъе борхулеб бугеб, басралъараб, херлъараб, амма тӏалъиялъ кинго тӏубазабуларого бугеб захӏматаб масъала. Масала, исана 15 февралалда, Афгъанистаналдаса советияб аскар нахъе бачаралдаса 30 сон тӏубаялъул хӏурматалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб митингалда, ДРялъул захӏматалъул министрасул заместитель Зураб Бахӏамадовас абун букӏана 400 «афгъанасе» субсидия кьунин, хутӏаразе кватӏичӏого кьезе бугин.

Гьанже ракъунчӏей лъазабураз абулеб буго жидее хӏажат бугин республикаялъул бетӏер Владимир Васильевгун дандчӏвазе ва гьесда цебе мина-рукъалъул суалги лъезе. «Гьединго борхизе буго санаториябгун курорталъулаб сахгьариялъул центр баялъул масъалаги, — ян абуна Афгъанистаналда разведротаялда хъулухъ гьабурав Хӏасани Хӏасаниевас. — СМИялдасан цӏалана, цере обкомалда, райкомазда хӏалтӏарал хӏакимзабазул пенсиялде тӏаде жубазе бихьизабун бугин 49 млн гъурущ. Гьезие кьезе батулеб гӏарац, нижее кьезе щайха батулареб?! Гьелъул бицун В. Путиниде гӏарз бахъилин рукӏана. Нилъехъе гьоболлъухъ вачӏарав чиясде гӏарз бахъизе рекъон букӏинарилан сабру гьабун тана».

«Афгъанав» Селим Селимовас бицана 11 чигун цадахъ жив гӏумру гьабун вугила 27 квадратияб метр гӏатӏилъи бугеб рокъов.

«2008 соналдаса нахъе нижеца хитӏаб гьабичӏебги ниж щвечӏебги бакӏ хутӏичӏо. «Добго хурив довго Мусайин» абухъе буго ахӏвал-хӏал. Малъкъосиналъ рахъана къватӏире. Хӏасил ккечӏого нахъе инеги ракӏалда гьечӏо. Нижеца цереги тӏоритӏана батӏи-батӏиял акциял, амма республикаялъул хӏукуматалъул вакилзабазул гьариялда рекъон ва рагӏи кьеялда божун нахъе унаан. Амма гьаб нухалда гьедин букӏине гьечӏо. Хӏисаб гьабе, жакъа республикаялда жилищнияб сертификат кьоларого къварилъиялда вуго гӏага-шагарго 1500 «афгъанав», — ан бицана Мухӏамаднаби Мухӏамадшариповас.

ДРялъул Захӏматалъул министерствоялъул баяназда рекъон, рукъ щвеялъе иргаялда вуго 800 «афгъанав», гьелъие къваригӏуна миллиард гъурщидаса цӏикӏкӏараб къадар гӏарцул. Хӏисабалъулаб палатаялъул нухмалъулесул рагӏабазда рекъон, хӏукуматалъухъа бажарулеб гьечӏо республика цебетӏезабиялъе биччараб гӏарцудаса тӏубанго пайда босун, ай гьеб хӏалтӏизабун. Тӏоцебесеб сентябралде нахъе хутӏунги буго 19,475 миллиард гъурущ. Гьеб нахъбуссун Москваялдего битӏизе кколеб буго. Амма гьебго заманалда 800 ветеранасе мина-рукъалъул сертификат кьезе къваригӏунеб цо миллиард гъурущ батулеб гьечӏо.

Нури Нуриев