Мугӏрул ругебгӏан мехалъ, мугӏрузда кӏоченаро

Нахъеги – магӏарухъе

Гьале иргадулаб нухалъги магӏарухъе сапар бухьана. Гьаб нухалда – Гъуниб районалъул Сугъралъе. Каранда жаниб гьунарого бугеб ракӏги кечӏ ахӏизе лъугьана. Саналги анагӏан, ботӏрол расазда савуги кколеб гӏужалда, цӏакъго хиралъулеб букӏун буго магӏаруллъиги мугӏрулги. Сундухъха кьелеб гьелъул берцинлъиги беричлъиги!

Нижеда, «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабазда, цадахъ рукӏана тӏоцебесеб нухалда магӏарухъе щолел ругел республикаялъул миллиял газетазул ва журналазул мухбирзабиги. Гьел пана гьарун рукӏана цӏумазул борхалъиялда бугеб магӏаруллъиялъ. Гьездасаги цӏакъ паналъун йикӏана дунгоги, тӏоцебесеб нухалда магӏарухъе щолей йигей гӏадин. Гӏажаибго берцин бугоан гьеб гьаб нухалдаги.

Байбихьана Хӏамзатил Расулил асаразулъ жинца хасаб бакӏ кколеб Гъуниб район. Киса-кирего – рорхатал мугӏрулги, хасалихълъиялъул кьер чӏвазе байбихьараб тӏабигӏатги, тӏабигӏаталъе кинидахъ кечӏ ахӏулеб бугеб гӏумруги, гӏумруялъухъ гӏащикълъи бергьарал щобалги, иццалги, гӏадамалги. Талихӏги гӏажаибго сасараб буго гьаниб, лъиениги квалквалги гьечӏеб. Нижеде дандего бачӏана къункърабазул кечӏги.

Гьаб нухалда гьез ахӏулеб бугин кколеб букӏана некӏсиял умумузул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Гьелъ нижее цоги нухалда гьурщана 1741 соналъул 15 сентябралда Дагъистаналъул халкъазул вацлъиялъги, цолъиялъги, гьудуллъиялъги Ираназул шагь Надирги гьесул боялги щущахъ риххизариялъул хӏакъалъулъ. Бидуца хъвараб гьеб бахӏарчияб тарих ракӏалдещвезабизелъидалха ине ругел магӏарухъе. Щвезе руго Сугъралъе ва гьелда аскӏоб бугеб шагьас ханжар дализе биччараб, гьесул чу галадараб Хицӏиб магъилъеги.

Бахӏарчияб тарихалъул

кӏудияб кесек

Тӏоцее Сугъралъе щолей дун дагьайго хӏинкъун йикӏана росулъе рачӏунел сверабаздаса. Унго, гьезул борхалъи! Гьале росу. Гьенире ниж щолаго, рагӏана къадекакде гӏадамал ахӏулеб будунасул роцӏараб гьаракь. Балагьун бер гӏорцӏулареб гьайбатлъи. Цоязул азбарал цогидазул тӏохаллъун кколел минаби сокӏкӏун руго мугӏрул каранда. Доб кӏудияб мегӏералъул тӏогьие яхани, квер базе щолеб бакӏалда ругел накӏкӏалги. Бокьун букӏана цо дагьаб мехалда маргьаялъул яслъун лъугьине. Накӏкӏахъеги йоржун, гьелги ккун, гьулакалда гӏадин, гьелчезе. Гьале гьал накӏкӏаз ячинагури дун магӏаруллъи бихьизе. Гьенисан, биччан гьаракьгун, ахӏила цинги дица чӏахъаги магӏаруллъийилан. Гьале доб магӏарулазул тарихалъул кӏудияб кесек. Цӏидасанги нахъехун регулел руго тарихалъул тӏанчал. Гьале чӏваданалде сверулеб бугеб наиб Хуршил Мухӏамадил мина. Росдаде дандбитӏун бугеб кӏудияб мугӏрул каранда рукӏарал вахӏшиял рагъазулги бицана нижее. Цебе росу букӏун буго мугӏрул ахалъуда бугеб кьурул каранда — селабакь. Гьеб бухӏун буго ва росу цӏидасанги бан буго Мугӏрул каранда, рекьизе ракьалги цӏунун, цоцазда аскӏор цун. Гьелъулги гьесул бетӏергьанасулги хӏакъалъулъ бицана Гӏали Камаловас. Минаялъул цо бутӏа кьун буго росдал библиотекаялъе. Гьенире жаниреги лъугьана ниж. Жеги хутӏун ругоан библиотекаялъул цӏалдолелги. Столалда сокӏкӏун ругоан магӏарул мацӏалда къватӏире рачӏунел газетал ва журналал.

Хадусеб сапар нижеца гьабуна росдал музеялде. Бахӏарчиял умумузул рукӏа-рахъинги, хьвада- чӏвадиги, гӏамал-хасиятги – гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицана нижее музеялда ругел тӏагӏалабазги хъвай-хъвагӏаязги. Сугъулдерил тарихалъул хӏакъалъулъ бицана тарихалъул учитель, гӏемерал соназ росдал школалда директорлъун хӏалтӏарав Ахӏдуханов Мухӏамадица ва музеялъул директор Гӏумаров Хӏамзатица.

Гьезул къисабазухъ гӏенеккарай дие рахӏат толеб букӏинчӏо пикрабаз зама-заманалдасан гьабулеб гьужумалъ. Божизе захӏматаб хӏакъикъат. Гьеб кинабго уяб бугилан гъулбасунеб букӏана даимал нугӏзаллъун жал ругел мугӏрузги. Дагъистаналъул киналго халкъазул бутӏа жиндилъ бугеб Надирида тӏад босараб бергьенлъи хутӏизе буго умумузул бахӏарчилъиялъул мугьрулъун. Жакъасеб гӏелалъе ватӏан бокьиялъул кӏудияб мисаллъун.

Кӏиго бахӏарчилъиялъул дандчӏвай

Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул исанасеб байрам цолъана цоги бахӏарчилъигун. Халкъазда гьоркьосел террористал Дагъистаналдаса нахъе хъамуралдаса тӏубана 20 сон. Жеги бакъвачӏеб магӏуялъ цоги нухалда ахӏулеб, гьарулеб буго нилъеда рагъул кьогӏлъи тӏокӏалъгӏаги лъазе биччагейилан. Киехун ялагьаниги, рихьулел рукӏана бидул лъалкӏалги улбузул, яцазул, лъудбузул магӏуялъ бухӏизабураб ракьги. Гьеб ракьалда хӏетӏе чӏолелъулги, рекӏелъ хӏунсараб гӏадаб асар гьабулеб букӏана.

— Гьенирги рукӏун ратилин жаназаби, гьаб цояб рахъалдаги рукӏун ратилин, — абураб хӏинкъиги бачӏунеб букӏана рекӏелъе. Кӏиго кӏудияб бахӏарчилъиялъул дандчӏвай. Гьеб кинабго букӏине букӏинчӏо, киналго цо гӏадин, цолъун рукӏинчӏелани.

Кӏиго батӏияб гӏел, кӏиго батӏияб наслу, кӏиго батӏияб бергьенлъи. Амма гьеб киналъулго буго цохӏо магӏна – щиб заман бачӏаниги, щив бетӏерлъуде, нухмалъуде вачӏаниги, халкъ цолъун бугони, гьеб кидаго тӏадегӏанлъиялда букӏуна. Лъиданиги, киданиги кӏвезе гьечӏо нилъ къуркьизаризе. Кӏиго бергьенлъиялъул, кӏиго бахӏарчилъиялъул гӏахьалчагӏи. Гьел хутӏила нилъееги нилъеда хадур рачӏунезеги ватӏан бокьиялъул кӏудияб мисаллъун. Цохӏо мугӏрузда берчӏвараб гӏола, рекӏелъе бихьинчилъиги бахӏарчилъиги рещтӏине.

Росдал гимназиялъул директор Хачалова Патӏиматица мугӏрул чӏужугӏаданалъул недегьаб гьимигун гьуинаб хабаргун къабул гьаруна ниж. Гьекъолаго чайгун, кидаго гӏадин, бицана школалъулги, гьелъул гӏузрабазулги, гӏун бачӏунеб бугеб гӏелалъулги, магӏарул мацӏалъулги хӏакъалъулъ.

Умумузул адаб ккурал лъималги ратана гьенир. Кидаго ниж лъалел рукӏарал кинигин, нижеда цӏехолдана гьел, кумек хӏажат бугебищиланги гьикъулеб букӏана. Кинабго — магӏарул мацӏалда. Гьеб мацӏ дагьабги кӏарчанго букӏана сугъулдерил мацӏги гьоркьобе жубайдал.

Нилъ хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо магӏарул яхӏ-намусалъулги, гӏаданлъи-гӏадатлъиялъулги, хьвада-чӏвадиялъулги, адаб-хъатиралъулги. Гьеб кинабго жеги цӏунун буго магӏарухъ.

Халкъазул цолъиялъул

цоги гьитӏинабго мисал

Дагъистаниязул цолъиялъул цоги мисаллъун ккола сугъулдерил хабзалалъ Мухӏамад Ярагъиясул хоб букӏинги. Гьенибго зияратги буго. Бихьулеб буго гьелда хадуб хъулухъ гьабулеб букӏинги. Гьенире зияраталъ гӏадамалги рачӏунел руго. Нижги щвана гьенире.

Бахӏарчияб дир магӏарул халкъ. Дуда бихьанщинаб къо, дудаса бецӏцӏанщинаб би, дуца тӏурабщинаб гӏетӏ. Амма дур магӏу къабуллъичӏел мугӏруз жакъаги чӏухӏадго бицуна дур къиса. Дур бахӏарчилъиялъе гурони бутӏрул къуличӏел гьезул тӏогьазда пахруял ва чӏухӏарал цӏумаз гурони тӏавап гьабичӏо ва гьабизе гьечӏо. Гьел цӏумазул сипаталда буго дир гӏагараб магӏарул халкъги.

Щибаб ганчӏил буго

жиндирго къиса

Гьалеха ниж Сугъралъ росдада аскӏоб бугеб Хицӏиб магъилъ. Гьаниб щибаб ганчӏил буго жиндирго къисаги тарихги. Гьанир эхетун ругел сияз, сихӏкъотӏун чӏаразул ракӏал сороледухъ, черхалда гъаргъар баледухъ, бицунеб буго Ираналъул шагьасде данде Дагъистаналъул халкъалъ гьабураб къеркьеялъул хӏакъалъулъ.

Бахӏарзал ракӏалдещвезарулеб лахӏзат. Кӏалъазе рахъана ва магӏарул халкъалъул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ бицана Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловас, росдал тарихалъул музеялъул директор Хӏамзат Гӏумаровас, Сугъралъ росдал бетӏер Хӏусен Гӏалибеговас, Гъуниб районалъул бетӏерасул заместитель Мухӏамад Гӏисаевас, жамгӏияв хӏаракатчи Денга Халидовас, профессор Мухӏамадхан Мухӏамадхановас, Россиялъул халкъазул Ассамблеялъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул нухмалъулев Зикрула Илясовас, республикаялъул Хӏинкъи гьечӏолъиялъул советалъул секретарьлъун хӏалтӏарав Ахӏмаднаби Магьдихӏажиевас, бухьеналъул, информатикаялъул ва коммуникациязул министрасул тӏоцевесев заместитель Мухӏамадбег Ахӏмадовас, республикаялъул магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиновалъ.

Гьелдаса хадуб росдал школалъул цӏалдохъабаз бихьизабуна литературиябгун музыкалияб композиция.

— Ниж руго бахӏарчиял умумузул бахӏарчиял наслаби, — ян абулеб букӏана гьезул церерахъиназ. Гьезул гьаялъеги гьеб къоялда нугӏлъи гьабулеб букӏана долго мугӏруз. Гьезул рагӏаби тасдикъ гьарулел рукӏана бахӏарчилъиялъул махӏ бахъараб Хицӏиб мегъалъ.

Гьениб бижараб харил щибаб сумалда жегиги бугоан бидул ва бахӏарчилъиялъул махӏ. Гьединал рукӏана нилъер умумул. Батӏияллъун рукӏине рес нилъерги гьечӏо.

Къо-мех лъикӏ, Хицӏиб мегъ

Гьеле гьединаб пайдаяб сапаралдалъун кӏодо гьабуна нижеца Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо. Гьелъул хӏакъалъулъ бицина дица дирго цӏалдохъабазеги. Бицина бидуца лъалъараб магӏарул ракьалъул. Бицина жакъаги гьезул бахӏарчилъиялъе бутӏрулги къулун ругел рорхатал мугӏрузул хӏакъалъулъ. Бичӏчӏизабила цӏалдохъабазда, мацӏалдаса инкар гьабуни, гьеб бахӏарчилъиялдаса нилъ махӏрумлъизе рукӏинги. Ракӏалдещвезабила Хицӏиб магъилъ бижараб бергьенлъиялъулги.

Гьеб кинабго – Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул хӏасил.

Къо-мех лъикӏ, Бахӏарчияб мегъ, къо-мех лъикӏ, умумуз жидер эркенлъиялъе гӏоло би тӏурал, гӏумру кьурал кьварарал мугӏрул. Дир гьаракь дандерижилъун багъулеб бугин кколеб букӏана Хицӏиб мегъ цӏунун ругел мугӏрузда…

Хадурагӏи

Лъугӏана Дагъистаналъул халкъазул цолъи кӏодо гьабураб, бахӏарчилъиялъеги багьадурлъиялъеги бутӏрул нилъеца санайил къулулеб байрам.

Амма цо гьадинаб пикруги бачӏана ботӏролъе — щай нилъ цоцазухъе раккизе бегьулареб ракълилаб заманалдаги, ай кидаго. Щай цолъизе бегьуларел, миллатазул хаслъиги мацӏалги, гӏадаталги цӏунулелъул!? Щай бегьуларел цолъизе, миллаталъул вакил борхалъуде унелъул, гьелъул гӏаксалда, гьесул гӏунгутӏаби ралагьизе лъугьинчӏого. Лъица квалквал гьабулеб бугеб нилъее даим цолъун рукӏине!?

Рагъалищ даим къваригӏине ругел, нилъ цолъизе ккани. Ракълилаб цолъи дагьабги берцинаб гьечӏищ!? Гӏумру тӏегьалеб буго, гьелда талихӏалъул махӏ буго, ракълилал кучӏдузул цӏураб сверухълъиялда тӏибитӏун бугеб гьайбатлъи. Гьеле гьедин букӏина, кидаго цолъун ругони. Рачӏа цолъизе лъималазе ватӏан бокьизабиялъулъги, рачӏа цолъизе гӏумруялъул гӏидраялда тӏугьдузул махӏ букӏиналъе гӏологи, рачӏа цолъизе…

Рачӏа цолъизе нилъерго гӏаммаб рукъ Дагъистаналда даимаб рии букӏиналъе гӏоло…

Шамай Хъазанбиева