Даимаб цӏадул хинлъиялъухъ
Ратизе рокьула лъикӏал гӏадамал
Инсанасул гӏумруги рукӏа-рахъинги дагьабги берцин гьабула сверухъ ругел лъикӏал гӏадамаз, цӏиял гьудулзабаз ва лъай-
хъваяз. Нилъер къисматалъулги цо чӏор буго, лъикӏал гӏадамазда гурони кунчӏизабизе кӏолареб. Написат Рашидова лъараб къоялъ къалъараб дир къисматалъул чӏор даим къалъахъе хутӏизе букӏиналда ракӏчӏана гьелъулгун хабаралдаса хадуб. Щийха кколей Написат Рашидова? Тахшагьаралъул Редуктор поселокалда гӏумру гьабун ругел киназдаго лъала гьей хӏикматай магӏарулай. Сундулъха бугеб гьеб хӏикмалъи? Тӏоцее йихьулей, лъалей дида кидаго лъалей гӏаданалда гӏадаб дандчӏвай гьабуна гьелъ. Гьелъулъ батана гӏаданлъиги гӏадатлъиги. Бералги рукӏана гьелъул гьимулелго гьимулел. Рекӏел матӏуйилан абуларищха беразда.
Написат Рашидова ккола Махӏачхъалаялъул №1 больницаялда цебе бугеб поликлиникаялда хӏалтӏулей участкаялъулай тохтур-терапевт. Хӏалтӏул къоялъул ахир бугиланги абун, бакъанида гьение щварай дун лъикӏ мехалда гӏодой чӏезе ккана. Написатил хӏалтӏул къо гьанжего гьанже байбихьараб гӏадин букӏана. Ирга щвезегӏан, къватӏир гӏодор чӏараздаги гьикъана дица гьелъул хӏакъалъулъ. Киназулго букӏана цохӏо калам.
— Нижер Написат йиго гьаб заманалда цо дагьаб къанагӏалъулеб бугеб кӏудияб лъикӏ-лъиялъул гӏадан. Гьелда свак лъаларо, унтарасул ва цогидалги жиндихъего рачӏаразул къваригӏел тӏубачӏони. Нагагь къваригӏел тӏубазе санагӏалъи кколеб гьечӏони, лъимер гӏадин къварилъахъдула гьей, лъида гьардонги, нижер ракӏал рохизаризе лъугьуна. Гьелъухъа гьеб бажаризеги бажарула. Аллагьас нижее йитӏун ячӏарай хӏурулгӏин ккола гьей. Нижер сахлъиги цӏехон, телефоналдасан кӏалъазе заманги батула гьелда, — ян абуна гьез.
Ахир-къадги щвана дидеги ирга.
Кабинет къалъ-къализабун бугоан хъахӏ-
макказул сипаталда гьенир ратарал Написатицаги медсестра, Шамил районалъул Бакълъухъа Хӏасибат Хӏажиевалъги. Дир къваригӏелги бицун, гьез какал ран рахъинегӏан пикрабазде юссана.
— Талихӏал гӏадамал ратила тохтурзаби. Чан гӏумруялъе гьез нухал рагьулел, чан талихӏалда бичӏчӏулеб, лъалеб гьезул мацӏ, чан эбелалъул кочӏое гьез роржен кьолеб. Гьеле гьединал чагӏи руго тохтурзаби. Гьезие гӏодула, гьезие релъула, гьезухъ ралагьула, кумекги гьарун, гьезде ахӏи бала гӏумру цӏунеян. Гьезулъ бугебщинаб сабру, щивав унтарасе гьесул унтуда рекъараб. Гьезул рекӏел кӏутӏи кидаго хӏалуцахъе букӏунеб батила. Гьебги сабруялда чӏани, щибха унтараз гьабилеб? Тохтурасул хъахӏаб халгӏатги кколеб батила гьесул къисматалда чӏвараб кунчӏараб нурлъун. Хъахӏаб кьер. Гьеб ккола чороклъи, хъублъи аскӏобе къазе рес гьечӏеб бацӏцӏалъи. Нагагьлъун гьелда ланг лъуни, гьеб ккола гӏумруялда лъураб, сунданиги нахъе инабизе кӏвезе гьечӏеб чороклъи. Гьелъул магӏнаги ккола тохтурасе Тӏадегӏанас мекъи ккезе, гъалатӏал ккезе ихтияр кьун гьечӏин абураб…
Гьединал пикрабазда йигей дир берчӏва-
на Написатил столалда тӏад лъун бугеб магӏарул шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъул «Маржанал» абураб тӏехьалда. Тӏехь бегулаго, тӏаде ккана шагӏиралъ тохтуралъе сайгъат гьарурал кочӏол гьадинал жугьабазде:
— Гиппократил гьацин
Бетӏергьанасе балей,
Дур халгӏатги, колпакги,
какикьжоги, чӏумалги…
Рашидил цӏар цӏунарай,
тӏанчӏазе цӏа цӏунарай,
Дур эбеллъи, якьадлъи,
цинги — чӏужугӏаданлъи!
Мун йижараб Кӏуяда,
мун хьвадараб гьелъул ицц.
Гьардаралгун дахӏалал дур гӏагарлъи,
дур кьибил.
Гьарула, Аллагь,
цӏуне гьай гӏадан гӏадамазе,
Магӏил горо гиризе
гӏилла гьелъие тоге.
Талихӏ билараб лъимерлъи
Дунялалъул берцинлъи бичӏчӏилалде, гьелъул гьуинаб махӏ цӏвилалдего, рещтӏана Написатихъ бесдаллъи. Кӏиго сон гьелъ бараб мехалда, хвана эмен. Амма гьелда бесдаллъиялъул кьогӏлъи лъазе биччачӏо эбелалдаго цадахъ инсул эбел Рахӏаниятицаги. Написат гӏолей йикӏана кӏодоэбелалъул гӏакълабазул гъанситохъ. Гьитӏинай Написатие гӏумруялъулъ ккараб кӏудияб икъбаллъун рикӏкӏине бегьула гьеб заманалда гьезул гьенив хасал органаздаса лъутарав кӏудияв гӏалим, Цӏумада районалдаса Хӏайбулагь гӏумру гьабун вукӏинги. Эмен чӏаго вугеб мехалдаго, вачӏун вукӏана гьев гьениве. Гьес кӏудияб бутӏа лъуна Написатил рухӏияб бечелъиялда рухӏги жанги лъеялъулъ. Жакъа къоялъги кӏудияб адабалда ва рокьигун рехсола Написатица жиндие хириявлъун хутӏарав инсанасул цӏар.
Написат гӏун ячӏуней йикӏана талихӏаб лъимерлъун. Гьелда жеги лъалеб ва бичӏчӏулеб букӏинчӏо жиндие къисматалъ хӏадурулеб бугеб цоги «сайгъат». Абуларищха бесдаллъи-ятимлъиялъул куркьбал гӏемер рукӏунилан. Цого кваркьиялда боржине бокьичӏеб бесдаллъиялъ микьабилеб классалда цӏалулей йигей Написатихъа кьурун бахъана эбелалъул кечӏ. Радал боцӏи рохьдолъе гъезе арай гьей тӏокӏалъ тӏадюссинчӏо Написатихъе. Кьурулъа гъоркьеги йортун, хвана. Бекана Написатил, эбел хвараб мехалда гурони бекулареб рекӏел тӏегь.
Гьелъул бакӏ ккуна бичӏчӏизе ва къабул
гьабизе захӏматаб чӏобоголъиялъ. Дагь-
дагьккун гьей ругьунлъулей йикӏана эбелалъул кечӏ гьечӏеб дунялалде. Гьей Написатие хисана кӏодоэбелалъ. Гьелъ гӏолилай куцалей йикӏана мугӏрузул законазда рекъон гӏумру гьабизе. Анцӏго сон бараб мехалдаго Къуръан цӏаларай гьей ругьунлъулей йикӏана магӏарул гӏадатаздеги исламияб нухалдеги.
Цӏияб талихӏалъул цӏиял чӏорал
Гӏурала микьгосонил школаги лъугӏизабун, 1967 соналда Написат цӏализе лъугьана Каспийскалъул медучилищеялде. Гьенирги хӏажалъана магӏарулалъе кӏодоэбелалъул гӏумруялъул дарсал. Киназго мисал босулеб хьвада-чӏвадиги цӏала-къалиги букӏана гӏолилалъул. Гьеб букӏун батула гьитӏинго гӏумруялъ ругънал лъурай, къисматалъул согӏазул кьогӏлъи лъарай гӏолилалъе гьимулеб цӏияб талихӏалъул цӏиял чӏорал. Цӏалудаго цадахъ хӏалтӏиги гьабулаан Написатица. Гьей чӏухӏулароан кинаб бугониги хӏалтӏудаги. Гьитӏинго лъана ва бичӏчӏана гьелда жиндирго гӏетӏ тун щвараб гъурщил къимат.
1971 соналда Написатица багӏараб дипломалда лъугӏизабуна училище. Талихӏалъул цӏурай гӏолилалъул рукӏана жиндирго балъголъабиги, анищалги, хьулалги. Амма кӏодоэбелалъе бокьана, жиндирго бетӏер бегилалде, Написат ригьнаде кьезе. Гьелъ Написатидаги бичӏчӏизабула гьеб.
— Битӏарабги буго кӏодоэбелалъул. Дида жаниб рухӏги жанги лъун бугей гьелъул кин ракӏбакъвазабилеб. Гьейги цееса ани, дун тӏуянго бесдаллъилагури. Дица гьелъ малъараб гьабила, — ян ракӏалде ккана гьелда.
Гӏуцӏана Написатица жийго бетӏергьанаб хъизан. Бакана цӏияб гъанситохъ цӏияб цӏа. Гьеб цӏадул хинлъиялъухъ жакъаги баркала кьолеб буго гьелъ гӏумруялъул гьудул Рашидие.
— Гьев вукӏинчӏевани, гьадинаб къисмат букӏинароан дир. Рохалилъги, пашманлъиялъулъги, магӏу-релъиялъулъги гьев дунгун вукӏана. Гьелъ бигьалъана дие гӏумруялъул сухъмахъаздаса эхеде инеги,- ян абуна Написатица.
Гара-чӏварун ниж рукӏаго, кабинеталде жаниве лъугьун вачӏана гьев. Гьеле гьединавлъун цеве чӏезавунги вукӏана дица гьев. Санал ран, ботӏрода саву ккун бугониги, жеги ссиялда вугев гьесул лъадуде бугеб адабалъ хӏайран гьаюна дун. Къойил гьединал махсарабиги рагӏулей, гьединаб каламалъ асирги гьаюлей чӏужугӏаданалъул талихӏалъул магӏна тӏубанго бичӏчӏана дида.
Хӏеренго гьесие жавабги кьун, гьесул махсарабакьа дагьайго нечезеги нечон, гьелъ Рашид рокъове нухарегӏана, жий кватӏилариланги абун. Хадуйги гӏенеккана дун, кӏалдиб хӏацӏу ккун, бицунеб тохтуралъул къисаялъухъ.
Къисматалъул болъабахъан
Написат хӏалтӏана росулъ акушеркалъун. Гьей йохун йикӏунаан, гӏадамазе кумек гьабизе щвеялдаса. Гьезул талихӏ бихьидалги, лъимер гӏадин, йоха-хинлъулаан.
Заманалдасан Написатие бокьана дагьабги цӏикӏкӏун талихӏ гӏадамазе сайгъат гьабизе. Гьеб пикруялда 1979 соналда цӏализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталде.
Камиллъана Написатил махщел. Щвана гьелъие тӏадегӏанаб лъай. Институтги гьелъ лъугӏизабуна багӏараб дипломалда.
Институт лъугӏаралдаса нахъе Написат Рашидова хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялъул №1 больницаялда. Цебе гьелда абулеб букӏун буго «Дагрыба» больницайилан. Гьений хӏалтӏулагоги, гӏадада заман биччалароан гӏолохъанай тохтуралъ. Жиндирго аслияб хӏалтӏудаса эркенаб заманалда гьелъ лъухьулаан больницаялъул азбар.
— Цо нухалда, хӏалтӏул къо байбихьилалде, рогьалилъго больницаялъул азбар лъухьулей йикӏана. Унтарал рачӏиналде, гӏедегӏунги йикӏана. Киназдаго гурелъулха лъалеб букӏараб дун больницаялъул «дворник» йикӏинги. Лъараб мехалда, гьезул букӏараб рихха-хочи. Дун йикӏана хехго кӏудияй гӏезе ккараб лъимер. Гьединлъидал щвараб хӏалтӏи гьабизеги ругьунлъун йикӏана, — ян бицана Написатица.
Доб мехалда больницаялда букӏана жинде божилъи гьабураб тохтурилан (доверенный врач) абураб хъулухъги. Гьей тохтурлъун, къад къо гурого, къаси сордо гурого, хӏалтӏулей йикӏана Написат. Редуктор поселокалда гьей лъаларев чиги вукӏун ватиларо.
Гьелда лъалаан жинца тӏаде босараб иш цӏакъго тӏадегӏанаб ва жавабчилъи цӏикӏкӏараб букӏин. Гьелъго батила Тӏадегӏанасги гьелъие кумек гьабулеб букӏараб. Хӏисаб гьабеха цохӏо минуталъ: гьанже гӏадал шартӏалги рукӏинчӏо доб мехалда, чере-хелейги квераз гьабулаан, хӏукуматалъул хӏалтӏиги, хӏалтӏудаса хадуб – хъизан-рукъги, эбелалъухъ урхъарал лъималги, лъимал реэдизе урхъарай гӏолохъанай эбелги. Гьеб кинабго букӏинчӏого букӏинеги бегьулаан, хъизамалъул гъасда цӏалъун Рашид вукӏинчӏевани.
Хабар-кӏалалда ниж рукӏаго, Написатил хӏалтӏул къо ахиралде щвана. Ракӏалде ккун букӏана гьанже цо дагьабго гӏодоре риччан кӏалъазе щвелилан. Амма гьелъухъе рачӏунел лъугӏулелго рукӏинчӏо.
— Дур хӏалтӏул къо лъугӏанагури, — ян дица абидал, гьей елъана.
— Цо-цо мехалда микьго-ичӏго тӏубазегӏанги хутӏула. Кири букӏинарищ дие хӏалтӏудаса гӏедегӏун рачӏунел гьезул къваригӏел тӏубани. Тохтурасул хӏалтӏул низам букӏинецин бегьуларо. Щайгурелъул гьесул низамалда рекъон унтуларелъул гӏадамал, — илан абуна гьелъ.
— Дагьабги захӏматаб ва хӏалуцараб, доб лъимал гӏисинаб мехалдацин, щолароан дун ригьда рокъое. Гьанже эркенаб заман цӏикӏкӏун буго. Дицаги хӏаракат бахъула, гьаний хӏалтӏулей йигебгӏан заманалъ, дихъе рачӏанщинал унтаразул мурад тӏубачӏого, рокъое унгутӏизе, — ян тӏадеги жубана.
Ахир-къадги Хӏасибатица Написатида ракӏалдещвезабуна кӏалбиччазе заман некӏого щванилан. Тӏокӏай батӏияй медсестра Написатида цадахъ хӏалтӏизе ресги букӏинчӏо. Гӏодобе биччараб каламалъул, тӏоцее гьей йихьарасулгицин рекӏелъ йосулей гӏолилай йигоан Хӏасибат. Иманалъул цӏураб гьумералъул гьей диеги йихьидалго рекӏее гӏуна.
Хӏасибатица лъагӏел бан буго Написатида цадахъ хӏалтӏулаго. Эбелги ясги гӏадин ругел гьезухъ бахилго ялагьана дун.
— Гьаб буго кӏалбиччаялъул цебехъан, — иланги абун, чайги тӏуна гьелъ нижее. Мугӏрузул хурдузул чайги, чаялда нахъа бицунеб гьуинаб хабарги, гьединго гьуинаб Написатил къисматги. Дица цӏехана гьелда лъималазул хӏакъалъулъги.
Гъанситохъ рекӏараб цӏа даимаб батаги
Написатил руго кӏиго васги кӏиго ясги. Вас Мухӏамад ккола ФСБялъул полковник, хӏалтӏулев вуго РУСГИДРОялда. Яс Хадижат хӏалтӏулей йиго Махӏачхъала шагьаралъул администрациялда. Яс Асият ккола Горводоканалалъул хӏалтӏухъан. Вас Хӏажимурадги хӏалтӏулев вуго МВДялда. Написатил гӏумруялъул гьудул Рашидги хӏалтӏулев вуго №1 больницаялъул пресс-централда.
Гьеле гьединаб талихӏаб хъизамалъул гъасда цӏаги бакун, паракъат йиго Написат. Гьеб талихӏалда берккогеги. Гьеб батизе буго гьитӏинго бесдаллъиялъул рагӏдукье, лъимерлъиялдаго гӏумруялъул карачелазде данде лъедезе ккарай сабру бергьарай чӏужугӏаданалъе Тӏадегӏанасул шапакъат.
— Рецц Аллагьасе. Бесдаллъи кӏочене Гьес дие Рашидги кьуна, лъималги щвана, ракӏалъ тӏасабищараб хӏалтӏуе ритӏухъайлъунги хутӏана. Лъималазул лъималаги рукъалде руссунел руго. Гьанже дун налъулай йиго гӏумруялъе – дир лъималазулъ такрарлъичӏо дир лъимерлъи. Гьанже цо ахирисеб мурадги буго дир. Гьеб киналго руччабазулалда релълъараб буго: дунялалда рекъелги рокъоб гьуинлъиги. Бихьугеги умумузда лъималазул рухӏел. Такрарлъугеги дир лъималазул лъималазул лъималазеги дир гӏадаб лъимерлъи, — ян абуна Написатица гара-чӏвариялъул ахиралда.
Цӏи-цӏиял лъай-хъваяз цӏия-цӏиял лъалкӏал тола дир рекӏелъ. Гьедин ккана гьаб нухалдаги. Тӏаде яхъиналдеги, чанго нухалъ ялагьана дун талихӏалъ кенчӏелей йигей Написатихъ. Даимаб батаги гьелъул хъизамалъул гъасда чанго соналъ цебе бакараб цӏа. Абадияб батаги гьелъул хинлъи.
Гьелдаса цо батӏияб тӏагӏамалъул хинлъи диеги щвана. Дун чӏухӏулей куцха гӏадамаз жидер адабги гьабулел, мугӏрузул тӏадегӏанлъиги жиделъ бугел, жидерго гӏадатлъиялъ гӏадамазеги кӏодолъарал миллатцояздаса. Гьединазул цояйги ккола тӏадегӏанаб категориялъул терапевт, Дагъистан Республикаялъул мустахӏикъай тохтур, Гъуниб районалъул Кӏуядаса Написат Рашидоваги.