Гьидалъ тӏоцебе как ахӏарав ва как барав чи

Халкъалда гьоркьоб тӏибитӏараб биценалда рекъон, Мачӏада росдадаса бащдаб километралъ тӏадехун, нухда аскӏоб майданалда бугеб гьитӏинабго ицц ккола Гьидалъ тӏоцебе как бараб бакӏ. Как барав чиги ккола магӏарухъ ислам тӏибитӏизабиялъе квербакъарав Хӏажи Удурат. Гьеб иш рикӏкӏине ккола тарихияб лъугьа-бахъинлъун. Щайгурелъул, цохӏо Гьидалъ гуребги, Хӏажи Удуратил хӏаракаталдалъун исламияб дин босана къелдерицаги, гьединго Лъаратӏа, Бежтӏа, Цӏунтӏа районазул росабазул гӏадамазги.

Гьидерица гьеб ицц бугелъуб къулгӏа бана ва чанго нухалда цӏигьабун къачӏана. Жакъа гьениб буго мустахӏикъаб хӏалхьиялда вугев полициялъул полковник Мухӏамадаминов Сайпулагьица бараб къулгӏа.

Къулгӏа бугеб бакӏалдаса 350-400 метралъ тӏадехун буго Хӏажи Удурат шайихасул хобалда тӏад бараб гьитӏинабго рукъ. Гьеб рикӏкӏуна къиматаб зияратлъун. Гьенире зияраталъ рачӏуна батӏи-батӏиял росабалъа гӏадамал, тӏоритӏула мавлидал, бачуна зикру, бикьула садакъа…

Щивха кколев Хӏажи Удурат? Исламияб дин тӏибитӏизабиялъул иш кин гьес жиндего тӏаде босараб? Кинаб букӏараб гьесул гӏелму, гӏумру-магӏишат ва къисмат? Гьел суалазда тӏад дун гӏемер ургъана. Жавабал абуни, ракӏалда гьечӏого щвана, Иванэ Джавахишвилил цӏаралда бугеб Типлисалъул пачалихъияб университеталъул гурхӏел-рахӏмуялъул гӏелмабазул факультеталъул «Кавказоведческие разыскания» абураб журналалдаса. Гьелда гӏурус ва гуржи мацӏазда «К вопросу об исламизации центра горной Аварии в XV в., на примере биографии Хаджи Удурата из Гидатля» абулеб макъала хъварал чагӏи ккола гӏалимзаби Шамил Хӏапизов ва Мухӏамад Шехмухӏамадов.

Машгьурав гӏарабист Гӏали Каяевас

хъвалеб буго гьидерица ислам босун бугин 1475 соналда. 2015 соналъул июналда гьеб макъалаялъул автораз цӏех-рех гьабуна цебе Чолода абулеб росу букӏараб бакӏалъулги гьанже рехун тарал хабалазулги. Гьезул бакьулъ буго зиярат — Хӏажи Удуратил ва гьесул васасул хабалазда тӏад бараб рукъ. Гьесул зонода тӏад хъван руго гьал рагӏаби: «Гьаб зонол бетӏергьанчи Хӏажи Удурат. Гьесдасан тӏибитӏана нилъеда гьоркьоб ислам» абун. Аскӏоб бугеб дагьабго гьитӏинаб зонода хъван буго: «Гьаб зани Мухӏамадил, Хӏажил васасул». Бихьулеб букӏахъе, хварав васасул инсул «Хӏажи Удурат» цӏаралъул бакӏалда, хъван буго «Хӏажи» абун, ай тӏадчӏей гьабун буго хӏажичиясул къадруялда.

Бакӏалъул биценазда рекъон, XV гӏасруялда Гьидалъ букӏун буго Гуржиялъул цӏикӏкӏараб асар. Цоцада гьоркьоб гьабураб ракълилаб къотӏи-къаялда ракӏчӏей букӏиналъе, гьез хисун, цоцахъе рачунел рукӏун руго аманатал. Биценалда рекъон, аманатлъиялда гьел рукӏунаанила анцӏго соналъ. Кахетиялде ритӏарал аманатазда

гьоркьов вукӏун вуго Удурат абун цӏаралъул Чолода росулъа гӏолилавги. Гьениб гӏумру гьабун гьев вугеб заманалда, Гуржиялда тӏаде кӏанцӏун руго туркал ва гуржиязул гӏемерал чагӏи асир гьарун руго, гьезда гьор-

кьов Удуратги, хадувккун гьев вичун вуго гӏарабазул пачалихъалде (Гӏиракъалде яги Сириялде). Гьенив гьев ккун вуго цо херав гӏалимасухъе, ислам босун хадув херас лагълъиялдаса эркенги гьавун, гьев мадрасаялде цӏализе витӏун вуго. Биценалда рекъон, Удурат ватӏаналде тӏадвуссиналъе ккараб гӏилла букӏун буго Сириялдаса Дагъистаналде гӏарабаз аскар битӏизехъин букӏин якъинлъи. Жиндирго ракьцоязул гӏамал-хасиятги, хӏалгьабун гьез ислам босулареблъиги лъан, гьезул гӏемерисел гӏадада хвезехъин рукӏинги бичӏчӏун, гьес ният гьабун буго ислам босизе гьид мукӏур гьаризе. Заманалдасан гьев росулъе тӏадвуссун вуго – Цӏоралдаса Къарахъе, гьениса Хирших габурлъухъе, гьенисаги Тӏидиве, гьениса Чолода росулъе. Жакъа Мачӏада росу бугеб бакӏалдаса 1,5 километралъ рикӏкӏад бугеб иццухъ какиеги чурун, как базе лъугьун вуго гьев. Гьенив гьесде тӏаде вачӏун вуго Чолода росдал бегавул. Биценалда буго, бусурманлъидал, гьев бегавулас Гӏабдурахӏман абун цӏар босаниланги. Харабаз бицунаан, аманатлъун Кахетиялде Удурат гьес витӏанилан. Гӏабдурахӏман рикӏкӏуна, Удуратил вагӏзабаз ва дугӏа-алхӏамалъ пана гьавун, Гьидалъ тӏоцебе ислам босарав чилъунги. Тӏоцебе как бараб ицц гьидерица жакъаги кӏодо гьабула, гьеб лъала Гӏабдурахӏманил чал (ицц) хӏисабалда, гьениб бан буго къулгӏа. Биценалда рекъон, росдал бегавул ва къадруяб тухумалъул чи Гӏабдурахӏманица цӏияб дин босиялда дандечӏарал чагӏаздаса гьитӏинаб тухумалъул чи-Удурат цӏунун вуго. Гьеб гуребги, гьесул кумекалдалъун чолодисез ислам босун буго къокъабго заманалда жаниб, кӏудияб дандечӏей гьабичӏого.

1923 соналда П. Яковлевасул бетӏерлъиялда гъоркь тӏобитӏараб гӏелмияб экспедициялъул гӏахьалчагӏаз хъвараб халкъияб биценалда абулеб буго Удуратил баракаталдалъун гьидерица ислам босанилан. Гӏурада росулъа 90 сон барав Мишитилазул Гулла Якъупица гӏалимзабазда бицун буго, Маккаялдаса вуссарав цо мачӏадисес халкъ бусурбанлъизабунин абун.

Эрмениязул хъвай-хъвагӏаязда бицунеб буго, 1476 соналда гуржиязул хан Баграт «Лакзистаналда», бакӏалъулаб халкъгун вагъулев вукӏанилан, гьеб сабаблъун, 1476 соналда Узун-Хӏасанихъа бажаранила Типлис бахъун. Гьел баяназул кьучӏалда, Т. Айтберовас чӏезабулеб буго магӏарухъ рагъулаб сапаралъ Баграт вукӏиналъе ккараб гӏилла бугин гьидерица ислам боси абун.

Гӏали Каяевасул библиотекаялъул цӏех-рех гьабулаго щварал къиматал баяназда хъвалеб буго: «Хӏажи Удурат ал-Мачӏада ал-Гьидали. Бицунеб буго, Гьидалъ областалда ислам тӏибитӏизаби букӏанин Хӏажи Удурат ал-Мачӏадаяс гьабураб кӏудияб хӏалтӏул хӏасил. Жиндирго ракьцоязда

гьоркьоб гьесул къадру-къимат букӏиналъ, гьидерица ислам босана гьесул вагӏзаби ва насихӏатал сабаблъун. Ислам босизе бокьичӏел гӏумру гьабизе гочана Туш (Тушете) областалде», — ян.

Хӏажи Удурат кколев вуго Мачӏада росулъа Гӏандиялазул (Андреевал абулеб цӏаралдаса бачӏараб) тухумалъул чи. Жакъа къоялда щварал баяназда рекъон, нилъее рес буго Хӏажи Удуратил гӏумруялъул ва хӏаракаталъул хӏакъалъулъ хадусел хӏасилазде рачӏине: гьев хӏакъикъаталдаги гӏумру гьабун вукӏун вуго Гӏагараб Бакъбаккуда, щун вуго Макка ва Мадина шагьаразде, гьелъие нугӏлъи гьабулеб буго гьесул цӏаралде тӏаде «хӏажи» абураб рагӏи жубан букӏиналъги. Ислам босун хадуб гьес жиндаго Ибрагьим абураб цӏар лъун буго, амма ракьцоязул рекӏелъ ва хъвай-хъвагӏаязулъ гьев хутӏун вуго Хӏажи Удурат хӏисабалда. Гӏарабустаналда гьесие щун букӏун буго цӏакъ гъваридаб исламияб лъай, гуребани рес букӏинароан гьедигӏан гӏатӏидго ва бергьенлъиялда ислам тӏибитӏиялъул хӏалтӏи гьабизе. Хӏажи Удуратил вагӏзабаз квербакъун буго гьидги къелги цого заманалда исламалде руссинаризе. Занатӏа росулъа Мухӏамад Исмагӏиловасул библиотекаялда батана: «Хӏажи Удуратил гьоркьоблъиялдалъун гьидерицаги бакълъадерицаги ислам босана 1476 соналда», — ян хъван. Гьенибго хъванги буго Гъоркьа Бакълъухъ мажгит базе байбихьараб дурусаб заман — 1565 соналъул анкьабилеб август кколин.

Тӏаса-масаго ислам босун бугониги, диналъ малъухъе гӏумру гьабизе ругьинлъиялъе гьидерие саламатабго заман къваригӏана. Масала, тӏад лъураб закагӏат тӏоцебе кьезе байбихьана ислам босун 15 соналдасан, ай 1492-1493 соназда.

Нахъе хутӏун руго гьидерил халкъалъул цо-цо къокъабаз ислам босиялда дандечӏей гьабулеб букӏиналъул хӏакъалъулъ баяналги. Тӏадехун нилъеца бицунел хъвай-хъвагӏаязда буго 1485 соналда Хӏажи Удуратица чӏужу ячанин, гьесул лъади Гьентӏа росулъа Гӏемерилал абулеб тухумалъул гӏадан йикӏанин. Ислам тӏибитӏизабиялде дандечӏарав гьелъул лъабавго вацасе Хӏажи Удурат чӏвазе бокьун букӏанила, амма Удуратида квер базе гьезда кӏолеб букӏун гьечӏо. Гьесул лъадуда вацаз гьарун буго гьеб балъголъи тӏатинабеян. Гьев цӏунулев вукӏун вуго Маккаялъул цо пуланав гӏалимасул дугӏаялъ ва гьелъул къуват холеб букӏун буго гьесул черхалда лъим ккараб заманалда. Балъголъи лъарал лъадул вацаз, Чолода росдадаса 500 метралъ рикӏкӏад бугеб Удуратил чал абулеб бакӏалда черх чурулеб лахӏзаталда, 1490 соналда (70 сон барав чи) гьев чӏван вуго. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб ислам босарал тухумаз хӏукму гьабун буго Гӏемерилазул тухумалдаса къисас босизе. Хур-хералъул хӏалтӏабазде Хӏарада колоде унел ругилан хабарги тӏибитӏизабун, балъго яргъилаб гъоркьчӏелги гьабун, тохлъукьего гьезде тӏаде кӏанцӏун руго. Гьеб рагъулъ харабаз буюрун буго, гьезул цо чанго чи нахъе те абун, гьелдаса хадуб Гӏемерилазул тухумалда Нахатилал абун цӏар хисун буго.

Удурат абулеб цӏар къанагӏатги дандчӏва-ларо. Гьеб Гуржиялдаса бачӏараб букӏине ккола. Амма гьесул вагӏзабазул кумекалдалъун ва жамгӏияб хӏаракаталдалъун ислам босана гьидерица гуребги, Анкьракьалъул, багвалазул, чӏамалазул ва Тӏинди росабазул жамагӏатазги. Гьединлъидал XVI гӏасруялъул авалалда магӏарухъ ислам тӏубанго щулалъана ва бащдалдасаги цӏикӏкӏун магӏарулал бусурманлъиялде рачӏана.

Нури Нуриев